Аслияб гьумералде

Мехтарасулгун ккараб

Мехтарасулгун ккараб

ГIалимзабазул, шагIирзабазул, цIар рагIарал чагIазул шагьар - Багъдад. КIудияв шайих, жиндир заманалъул къутIбу ГIабдулкъадир Жилани вукIана жиндирго муридзабигун шагьаралъул рагIалдасан гIадатияб къагIидаялда свери бахъизе къватIиве вахъун. Жинда сверухъ ракIараразда гьес кидаго малъулаан Аллагьасде унеб нухда ругел хIакъикъатазул, зикраби-салаватазул, гIадатиял гIамалазул.

 

Гьедин унелъул циндаго цебехун нухлул рагIалда цо сурат бихьана гьезда. Гьев вукIана чорокаб ретIел-хьит ретIарав, гIажаибаб берзул балагьи бугев, кодоб шиша ккурав чи. Гьев кьижун вукIана бухIараб бакъукь, мехтизеги мехтун. Цадахъ рукIаразе гьесдаса бачIинахъего ракIкъай лъугьана. Гьезда ракIалде ккана: «Кин гьедин жалго жидецаго гIодорегIан гьарулеб хIалалде ккезаризе бегьулеб?» - абун.

АскIоре гIагарлъидал, цадахъ рукIарал шайихасдаса цере лъугьун гьекъолдухъан нухдаса нахъе вахъинавизе гIедегIана. Гьезул цояс, хъачIго гъажалдаги тункун, гьев чи цо рахъалдехун туркIизавуна ва жеги хъачIго гьесда абуна: «Дур талихIкъаяв, вилъа, тIагIа нухдаса. Мун гьанив вегун щибулев, щай дурго берцинаб инсанасулаб гIамал-хасияталдалъун къадру гIодобегIанлъизабулеб?» - абун.

Мехтарас бетIер борхана. Амма нухдаса нахъе иналде гьес цо гIажаибаб, кьварараб, цIех-рех гьаби хIажалъараб кинниги жиндир бербалагьи битIахъе ГIабдулкъадириде буссинабуна. Мехтун, эхетизе кIолареб хIалалда вукIаниги, гьесул беразда пири пирхараб хIал лъугьана, жидедалъун цадахъ рукIарал риххун лъугьунедухъ. Мехтарав кIалъазе лъугьана, гьесул гьаракь, рагIаби рих-рихарал рукIаниги, хасаб, жидедалъун жаваб чорхолъе босараб щвей тIалаб гьабулеб букIана.

Гьес цIарги ахIун, шайихасдехун хитIаб гьабуна: «Ва, ГIабдулкъадир! Къадир (Аллагьасул цIаразул цояб – сундего хIал кIвей бугев) хIал кIвей бугевищ яги хIал кIвей гьечIевищ?» - абун.

Адаб гьечIеб къагIидаялда, шайихасул цIарги абун, гьедин цIехедал, цадахъ рукIарал ццим бахъун лъугьана. Гьезие бокьун букIана гьев къуваталдалъун нахъе гъезе, амма ГIабдулкъадир Жиланияс квер борхана ва чIезаруна. ГIабдулкъадирида бичIчIана гьес гьединаб суал гIадада кьолеб гуреблъи, щайгурелъул, цо-цо мехалъ загьиралда нич бахъараб хIал бугониги, жанисан гъваридаб магIна букIунелъул.

«Щиб гьикъизе бокьун бугеб дуе, цIехе ракIалда бугеб?» - ан абуна Жиланияс.

Мехтарав хIалица тIаде вахъана, рахъ-рахъалде кIичIулаго, бадивеги валагьун, гьес шайихасе кьуна тIоцебесеб суал:

– Дун вуго милат гьечIев, къимат тIагIарав, даимго мехтарав лагъ. Дица дирго рухI бичун кьуна учузаб чагъиралъухъ. Бице дида, ГIабдулкъадир, гьабсагIат, гьаб лахIзаталда, дуца Сундего ХIал КIолевин Абулесда кIвеладай дун мехтиялъул чороклъиялдаса вигьинавун, вацIцIад гьавун, мустахIикъав, цIодорав, динияб рахъалъ лъикIав чилъун гьавизе, дир гIакълуги бигьинабизе? - ян.

ГIабдулкъадирица бачIинахъего жаваб гьабуна:

– КIвела, Гьесда бажарула. Гьесул рахIмуялъеги къуваталъеги гIурхъи гьечIо, Гьесие бокьани, Гьес мун бацIцIадаб лъедасаги вацIцIад гьавула, - абун.

Мехтарав велъана, кодоб букIараб шишаги чIобого гьабун, рагIалде рехана, дагьабги адаб тараб хIалалда цоги суал кьезе лъугьана:

– ЛъикI буго. Гьедин батани дуца дида цоги нухалъ абе: ТIадегIанав, Цо вугев Гьесда кIолищ, дица гьабураб гьаб цо къулчIиялдасаги хех дир гъапуллъиялъ турараб ракI сверизабизе, хъублъиялъул чороклъиялдаса бацIцIад гьабизе ва дунги Жиндиего гIагар гьавун, Жиндир вали гьудуллъун кквезе? Дуца, кIудияв шайих бицунеб гьеб кIудияб рухIияб тIадегIанлъиялде вахинавизе?

Гьединаб адаб тараб хъачIаб каламалдаса цадахъ рукIарал муридзаби цIоро-гъорон хутIана. Амма шайихас гьаб нухалъги хIеренго, амма мухIканго жаваб кьуна:

– БитIараб буго, Гьесда кIола, Гьесие «захIматаб» яги «бигьаяб» абун жо гьечIо. Гьес Жиндие бокьараб жоялде абула «Мун буголъаян» ва гьебги буголъула. Гьесие бокьани дуе Жиндиргун гьудуллъи гьабизе, щибго жоялъ гьелъие квалквал гьабуларо.

Гьеб мехалъ жегиги цевегIан къан мехтарас, бурун бачIунеб мехталил махIгун, битIахъе ГIабдулкъадирил рухIалъуве валагьараб хIисабалда, лъабабизеги цIехезе байбихьана, амма гьаб нухалъ гьесул берзул балагьи лъугьана роцIцIараблъун:

– Гьедин батани, лъабабилеб нухалъги жаваб гьабе дие, я имамзабазгицин дугIа гьабулев Багъдадалъул хIурматияв шайих: цо лахIзаталда хIалкIолищ ТIадегIанав Аллагьасда нилъ кIиялго цоял цоязул бакIазде ккезарун, хисизаризе?

Духъа дур тIадегIан-лъиялъул таж, кинабго гIелму, гIибадат, рухIияб къуватги нахъе бахъун, гьеб кинабго – чорокав, мехтарав, нухлул рагIалда вегун вукIунев дихъе кьезе? Мун, я ГIабдулкъадир, киналдасаго махIрумги гьавун гьаб хIурул цIураб нухде, кодоб ккун чагъиралъул шишагун дир бакIалде рехизе? КIолищ Гьесда дун кIудияв шайихлъунги вахъинавун, мун нухдасан унез тунка-гIусулев, цIарго гьечIев мехтаравлъун гьавизе? - ян.

Гьеб мехалъ лъугьана хIухьел босулев чиго гьечIеб гIадаб сихIкъотIи. Мехтарав чияс кин гьал суалал кьолел, гьаб щиб релъанхъиго абун муридзаби хIикмалъун цIоро-гъорон лъугьана. Амма ГIабдулкъадир Жилани кьер хисун лъугьана, гьесул кIутIби сородана. Шайихасул ццин гуро бахъараб. Гьесда бичIчIана суалазул гъварилъи, Аллагьасул бугеб хIалкIолъи. Гьесул ТIадегIанлъи, КIодолъи лъан накабазде ккана, цинги лъимер гIадин гIодулаго жаваб гьабизе лъугьана:

– У... Я, гIаламазул БетIергьан... У, Дуда хIал кIола. Мун вуго ТIадегIанав. Мун нижер ретIел-хьиталъухъ ва цIаразухъ балагьуларо. Мун балагьулеб бакI ракI буго. Дуе бокьани дунги дилъ бугебщинабги тIагIинабун гьасие тIовитIиялъул нур кьезе – Дуца гьеб цо параялъго гьабула. Ва лъиданиги хIалги кIоларо Дуда «Щай» абунгицин цIехезе! - ян.

Гьелдса хадуб шайих ракьалда вегаралъувго гIемераб мехалъ гIодана. Амма тIаде вахъиндал, шайихасул гьумер букIана нуралъул цIун, гьесдаги букIана Аллагьасда цебе бугеб гIодове виччай, хIузур, хIинкъиялъул гIаламат. Мехтарав абуни, цояб рахъалдехун вуссун, гIалах къокъун ана ва гьелдаса хадув гьев тIокIав гьезда вихьичIо.

Шайих лъавуде вачIиндал, муридзабаз цIехола:

– Я, шайих, гьев чи вукIана мехтун, хIатIазда вахъун чIезе кIоларедухъ, мун нижер чIухIи вуго, Аллагьас мун гьесул бакIалде ккезавиларо? - абун.

ГIабдулкъадирица берал магIидаса рацIцIана ва кьварараб куцалда абуна:

– Нужеда вихьана мехтарав, дида вихьана Аллагьас жиндир хIалбихьи гьабулев. Гьесул лъабабилеб суалалъ тIубанго чIвана дир чIухIи. Дида бичIчIана дица гьабулеб гIамал, ралел какал, кколел кIалал, сардилъ вахъун гьабулеб гIибадат – Аллагьасул дида лъураб цIоб букIун гурони дун бетIергьанаб жо гьечIеблъи. Цо лахIзаталъгIаги Аллагьас гьеб цIоб дихъа нахъе босарабани, дун гьев талихIкъарасдасаги гIодовегIанавлъун лъугьинаан. Гьев чияс дида цIехана Аллагьасул рахIматалдаса суалазул. Аллагьасул цIоб гIамлъулеблъун буго сундего. Киданиги ралагьуге хIакъираб бералдалъун битIараб нухдаса тарарасде. Гьединасде ралагье Аллагьасул рахIмат щвеялъул хьулалдалъун. Жакъа гьев вукIине бегьула мекъаб ишалда, метер нилъги ккезе бегьула. Гьеб лъалевги цохIо Аллагь вуго, Жив ТIадегIанав, сундулъго ХIикмат бугев.

Гьелдаса хадуб ГIабдулкъадирил муридзабаз, дарс хIисабалда ракIалда чIезабуна, загьирияб рахъ халгьабун кидаго гуреблъи чиясе къимат кьезе бегьулеб-бегьулареблъи.

Аллагьас киналго гьареги гьел чIахIиял шайихзабазул шапагIат щолездасан, гьезул нух ккун хьвадулел хIакъикъиял муридзабаздасан! Амин!

 

МухIаммад ГIалиев

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Мордовиялъул муфти ва волонтерал

Лъим кIанцIиялдалъун къварилъи ккаразе кумекалъе Дагъистаналде вачIун вукIана Мордовиялъул муфти Раил Асаинов ва нусгогIанасев волонтер. ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъеги щвана Мордовиялъул муфти. Гьениб АхIмад-афандица баркала загьир гьабуна гьесие ва гьесда цадахъ рачIаразе...


Сафия бинт ХӀуяйя

Сафия гьаюна ва гӀуна Мадинаялъул жугьутӀазда гьоркьой. МухӀаммад аварагасул ﷺ йикӀинесей чӀужуялъул тухум букӀана Муса аварагасул вац Гьарун аварагасул наслуялъул чагӀи. ЯгIкъуб аварагасулги цӀар буго гьезул умумузда гъорлъ. Гьелъул эмен вукӀана Мадинаялда гӀумру гьабулеб букӀараб Бану Назир...


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


Муъминчиясул хасият

Иман щулалъиялъе, рухIияб рахъ камиллъиялъе ва напсалъул гIодорегIанал хасиятал лъикIлъиялъе квербакъи гьабулел аслиял жалазул цояб ккола гурхIел-рахIму гьаби.   Гьеб ккола инсанасул цогидаздехун бугеб гурхIел лъикIлъи, лъикIал къасдал рихьизариялъе бищунго тIадегIанаб хаслъи....


СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони? МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан. Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал,...