Аслияб гьумералде

Хвараcул рухI

Хвараcул рухI

Бусурбанчиясул гьабулеб гIамалалъул аслияб мурад кидаго букIине ккола гIицIаб Аллагьасе ﷻ гIололъун гьабулеб ва гьелдалъун жиндир къасдги Гьесул ﷻ разилъи щвей бугеб. Аллагь ﷻ вуго Жиндие бокьараб щиб иш бугони гьеб билълъанхъизабулев. Гьелъул хIакъалъулъ Къуръаналда рачIарал гIемерал аяталги руго.

«Жинца зобал-ракьал рижарав вуго Аллагь ﷻ. Гьес ﷻ цо хIукму лъугьине къотIараб мехалъ, гьелда абула «мун букIа, лъугьа» абун ва гьеб лъугьуна», - ян (суратул «Бакъара» 117 аят).

«Мун букIа, лъугьа» абураб каламалъул хIакъалъулъги хъвалеб буго ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьеб абиялде хIажатав гьечIин. Гьесие ﷻ бокьараб лахIзаталъ бокьараб жо лъугьунин, гьеб рагIиги бугин нилъер гIакълуялда рекъараб хIалалъ цо иш баян гьабун абурабилан.

БатIалил къиса

Румазул ракьалда гIумру гьабун вукIун вуго БатIал абурав къуватав гIолохъанчи. Румазда гьоркьов гьев вукIун вуго гьезул гIадаб ретIелги ретIун, горбода Инжилги бан хьвадулев. Амма гьединаб рукIа-рахъиналда вугониги, гьесул гIадат букIун буго капурал румазул чанго анцIгоялде щвечIев чи данде ккараб мехалъ, гьелгун вагъулев. Гьединаб хIалалда румазда гьоркьов гIемерал соназги вукIун, Гьарун Рашидил халипалъиялъул заманалда гьев исламалъул ракьалде тIад вуссун вуго.

Цо нухалъ Гьарун Рашидгун дандчIвайдал Гьаруница гьесда цIехон буго мун румазда гьоркьов гIемерал соназги вукIанин, гьечIищ цо бицине гIадаб хабаргоян. Бугинги абун, БатIалица гьадин бицун буго гьесие: «Цо нухалъ нухда унаго дида хадув вачIана яргъид гIуцIарав ва чода рекIарав цояв. АскIове щведал гьес дие салам кьуна ва, мун БатIалищин абун цIехана. Саламги буссинабун, дун БатIал кколин абидал, чодасаги рещтIун гьес дида къочана ва хIатIаздаги хурхун абуна мунгун цадахъ вукIине бокьун бугин абун. Гьелда дунги разилъана.

Гьедин ниж рукIаго тIаде рачIана румазул ункъо рагъухъан. Гьалмагъас дида гьарана жив виччайин гьелгун вагъизеян. Дунги разилъана ва байбихьана рагъ. ГIезегIан заманалъ рагъана гьел, амма дир гьалмагъасул хIал гIечIо ва гьез гьев гIодов лъуна. Цинги гьел диде тIаде лъугьана. Дица гьезда абуна, нужер ункъояв вугин, дун цо гурони гьечIин, рачIайин нилъ цо-цоккун рагъизеян. Гьелда румал разилъана ва байбихьана дица гьел цо-цоккун гIодор лъезе. Ахиралда вачIаравгун ниж цин чуязда хучдуздалъун рагъана гьел рекизегIан. Хадуб, чуяздаса рещтIун, хвалчабаздалъун рагъана, кодор ккурал хъалхъанал (щит) рекизегIан ва хвалчабазул гIоркьал тамахлъидал байбихьана, гьелги гIодоре рехун, зарулаб рагъ.

Гьедин рагъана гIезегIан заманалъ ва щвана къасимех. Цинги дица гьесда абуна гьаб къоги анин, дир ралел какалги гьабулеб гIамалги хутIанин, рачIайин гьанже нилъеца къотIизе тезе, къаси хIухьбахъиги гьабун, радалиса байбихьилин. Гьелда румалъулавги разилъана. Хадусеб къоялъ, абураб заманалда, ниж данделъана ва байбихьана цIидасан рагъизе. Дица гьев бачIинахъего гIодов лъуна ва гарбида нусги лъун хъвезе хиял гьабула.

Гьес дида гьарана тIоцебесеб нух бугин, бегьулеб батани виччан тейилан. Дица гьев виччан тана. ТIадеги рахъун цIидасан байбихьана, амма гьеб нухалъ хIетIеги хъущтIун дун вортана ва тIадги речIчIун гьес хиял гьабун дир горбода нус бахъизе. Цинги дица абуна, цебесеб нухалъ мун виччанин, дуцаги виччаян абун. Гьев разилъана ва тIадеги рахъун байбихьана лъабабизеги рагъизе. Гьаб нухалъги гьес дун гIодов лъуна.

Дица гьесда абуна гьанжеги дун тIаде вахъине виччайин абун. Гьесги виччана. Ункъабизеги ниж хурхана ва гьеб нухалдаги дур гъоркье ккана. Цинги гьес абуна: «Гьанже дида мухIканго лъана мун БатIал вугеблъи, гьаб нухалъ мун дихъа хъвечIого ворчIуларо», - ян. Дица абуна: «Дир Аллагьасе ﷻ бокьани хъвела дуца дун», - ан. «ЛъикI буго, гьаре дурго Аллагьасда мунго хъвезе тоге», - янги абун, гьев носоде гьесана. Гьеб мехалъ, цебесеб къоялъ румалъулаз чIван ракьалде рехун вукIарав дир гьалмагъ тIаде вахъун вачIана ва босун ханжаргун дида тIад вукIарав тушманасул бетIер къотIана. Цинги цIалана Къуръаналдаса гьаб аят:

وَلَا تَحْسَبَنَّ ٱلَّذِينَ قُتِلُواْ فِى سَبِيلِ ٱللَّهِ أَمْوَٰتًۢا

Гьаб аяталъул магIна тафсирчагIаз гьабулеб буго гьадин: «Дуда ракIалде ккоге, авараг ﷺ, жал Аллагьасул ﷻ нухда чIварал гIадамал (щибго батIияб, дунялалда хурхараб мурад гьечIого, гIицIго Аллагьасул ﷻ амруялда нахърилълъун, Гьесие ﷻ мутIигIлъи тIаса бищун, Гьесул ﷻ дин тIадегIан гьабиялъул нияталда чIварал чагIи) хвараллъун рукIунин».

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...