Аслияб гьумералде

ДугIаялъул хIалкIолъи

ДугIаялъул хIалкIолъи

Цо къоялъ машгьурав тохтур Ишан цIакъ гIедегIун вукIана гIелмияб конференциялде щвезе кколев вукIун. Гьев хехго щвана аэропорталде ва вахана самолеталде. Амма самолеталда рекIун унаго, тохлъукьего рагIана гьадинаб лъазаби: «Самолеталъул гIунгутIи буго, гьеб рещтIинабичIого ресги гьечIо», - ян абулеб.

Бищун гIагарда бугеб аэропорталда самолет рещтIиндал, гьениб бицана хадусеб самолет 16 сагIаталдаса гурони бачIине гьечIин. Ишан ана аэропорталъул хIалтIухъабазде аскIове ва абуна: «Дун вуго машгьурав тохтур. Дир заман гьечIо гьебгощинаб заманалъ валагьун чIезе. Дун кватIулев вуго гIелмияб конференциялде», - ян. Аэропорталъул хIалтIухъанас гьесда абула ижараялъе машинаги босун, гьелдаги рекIун ине бегьулин ва 3-4 сагIаталдаса мун дуе хIажаталъувеги щолин. БатIияб ресги бихьичIого, гьес абуралда рекъон, Ишаница ижараялъе босана машина ва нухда вахъана.

Гьедин унаго байбихьана чвахунцIад базе. Гьелъул кутакалъ нухцин бихьулеб букIинчIо. Гьединаб хIалалда кIиго сагIат индал, тохтурасда бичIчIана нух къосун ккун вукIин ва заманалдасан гьесда бихьана нухлул рагIалдаса гIемер рикIкIад гьечIого гьитIинабго рукъ. Гьенивеги щун нуцIида кIутIидал, гьесда рагIана «вачIа жанивейин» абулеб херай гIаданалъул гьаракь. Жанивеги лъугьун Ишаница гьикъана телефон бугищилан. Гьеб рагIидал херай елъана ва абуна: «Кинаб телефон, дир вас, дуда бихьуларищ мун кив вугевали? Гьаниб токцин гьечIо. ВачIа, гIодов чIа, дица дуе чай тIела ва квенги кьела. Цинги, дагьалъ хIухьбахъиги гьабун, дурго нухда вахъине бегьила», - ян.

Ишаница гьелъие баркала кьуна ва кваназе гIодов чIана. Гьев кваналаго херай йикIана как балей ва лъугIидал Аллагьасда гьардолей. ГIодов чIун вукIарав тохтурасул бер речIчIана хералда аскIов кроваталда тIад кьижун вукIарав гьитIинав васасда. Ишан хералда аскIове ана ва абуна: «Я, эбел, дур сахаватлъиялъ ва берцинаб тIабигIаталъ дун цIакъ нечезавуна. Хьул буго Аллагьас дур гьариялъе жаваб гьабилин», - абун. Хералъ абуна: «Я, дир вас, БетIергьанас дир киналго дугIабазе жаваб гьабуна, цо дугIа хутIун», - абун. Ишаница гьикъана гьеб щибилан. Хералъ абуна: «Гьаб гьитIинаб лъимер дир васасул вас вуго. Гьев вуго эбел-эменги хун ятимго хутIарав вас. Гьелде тIадеги гьесде бачIана захIматаб, гьанир ругел тохтурзабазда дару гьабизе лъалареб унти. Дида рагIана цо пуланав тохтур вугин Ишан абун, гьеб унтиялъе дару гьабизе лъалев. Амма гьев гьаниса рикIкIад рагIула. Нижер рес ва боцIи-мал гьечIо гьав вас гьесухъе вачине. Дун хIинкъун йиго дир гьав вас хвелин, гьелъ дица Аллагьасда гьарулеб буго кумек гьабе», - абун.

Тохтур Ишан гIодана ва абуна: «Валлагьи, дир эбел, хIакълъунго дур дугIаялъ хвезабуна самолет, базабуна цIад ва гьеб кинабго сабаблъун дун дур гьаниве ккана. Дун вуго гьев тохтур», - илан.

Нужецаго хIисаб гьабе, Аллагьас Жиндир хIакъикъиял лагъзадерие сабабал рекъезарулеб куцалъул хIакъалъулъ. Гьелъулъ щибго гIажаиблъизе ккараб жоги гьечIо. БетIергьанас хирияб Къуръаналда абулеб бугелъул (магIна): «Нужеца Дида гьаре, Дица нужее жаваб гьабила», - ян.

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...