Аслияб гьумералде

Абу Юсупил эбелалъулгун АбухIанифал ккараб

Абу Юсупил эбелалъулгун АбухIанифал ккараб

АбухӀанифал мутагӀил Абу Юсупица абуна: «Дир эмен, Ибрагьим ибн ХӀабиб хвана, дун гьитӀинаб лъимерлъун эбелалда аскӀовги тун. Цо заманалдасан эбелалъ дун хӀалтӀизе витӀана партал хъахI гьарулеб тукаде. ХӀалтӀудаса дун унаан АбухӀанифал дарсазде, амма эбел кидаго хадуй ячӀунаан, дида нахъа берцинго гӀодой чӀолаан ва тӀадеги вахъинавун, хӀалтӀуде витӀулаан.

 

ГӀелму тӀалаб гьабиялъулъ дир бугеб къвакӀиги гъираги бихьун Абу ХӀанифаца диде кӀудияб кӀвар кьолаан.

Гьедин чанго нухалъ ккезе байбихьараб мехалъ, эбелалъул сабру лъугӀун, Абу ХӀанифахъе ячӀун, гьелъ абуна: «Дир лъимер хвезабуге, гьаб бесдалаб лъимер буго, дица гьев кваназавулев вуго квасул хIалтIи гьабун, хьул букӀана гьес жиндиего цо диргьамгӀаги балагьизе  байбихьизе букӀиналде», - ян.

Имамас абуна: «ГӀодой чӀа, я Раяна, унго-унголъунги, дур вас ругьунлъулев вуго фисташкаялдаса ва гьоцӀоялдаса гьабураб тIагIам кваназе (доб заманалъул машгьураб квен, гӀицӀго ханзабаз гурони кваналеб букӀинчӀеб)», - ян.

Гьесдаса рикӀкӀалъун, чӀужугӀаданалъ абуна: «Мун цӀакъ херав чи вуго, дур гӀакълуги ун буго», - ян.

Абу Юсупица хадубги бицунеб буго: «Цинги дица байбихьана Абу ХӀанифал дарсазде хьвадизе, гьес дир ургъел гьабун, дир харжазул иш тIаде босана ва дарсазде ине рес кьуна. Имамасдалъун Аллагьас дие гӀелмуялъул рахъалъ кӀудияб пайда кьуна ва дун тӀадегӀанав къадилъун вахъараб даражаялде вахана.

Цо къоялъ дун Гьарун ар-Рашидгун цадахъ кваналев вукӀаго, циндаго нижее бачӀана фисташкаялъул ва гьацӀул гьабураб желе. Гьаруница дида абуна: «Я, Якъуб, хӀалбихье гьаб тIагIамалъулги, нилъер столалда кидаго букӀунаребин гьелда релълъараб», - ян. Цинги дица гьикъана: «Щиб жо кколеб гьаб, я муъминзабазул амир?» - абун. Гьаруница жаваб кьуна: «Фисташкагун гьацӀул желе», - ян. Цинги дун велъидал, гьес дида гьикъана щай велъулевилан. Дица жаваб кьуна: «ЛъикӀлъиялъе, я муъминзабазул амир», - ян ва бицана эбелалъулги АбухӀанифалги ккун букIараб хабар.

Гьев цӀакъ гӀажаиблъана ва абуна: «Валлагь, унго-унголъунги гӀелмуялъ инсан дунялалдаги ахираталдаги тӀадегӀан гьавула», - ян ва гьес байбихьана АбухӀанифада Аллагь гурхӀагиян гьаризе. Цинги гьес абуна: «ГӀакълуялъул балагьиялдалъун гьесда бихьулаан, беразда бихьуларебги жо», - ян.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...