Аслияб гьумералде

Суратал цIалиялъул хIукму

Суратал цIалиялъул хIукму

Паризаяб букIа, суннатаб букIа какил цебесеб кIиго ракагIаталда Къуръаналъул суратал цIализе суннатаб буго.

 

Лъабабилебги ункъабилебги ракагIатазулъ гьел цIализе суннатал гьечIо. Амма тIоцебесебги кIиабилебги ракагIатазулъ цIалун ратичIони, лъабабилебги ункъабилебги ракагIатазулъ гьел цIализе суннатлъула. Имамас тIатун «АлхIам» цIалулел каказулъ (масала, маркIачIул, боголил, рогьалил, рузманалъул, таравихIазул, гIидазул) гьес суратал цIалулеб рагIулеб бугони, гьесда хадуб как балев маъмум гьесул цIалиялъухъ гIенеккун чIела Къуръаналъул суратал цIаличIого. Гьелго каказулъ имамасул цIали рагIулеб батичIони, маъмумасги суратал цIалила. Балъго «АлхIам» цIалулел каказулъ имамасги маъмумасги кIиязго цIалула «АлхIамалда» хадур суратал. Къуръаналъул цо аят цIаланиги суннат тIубала. Лъабго цIалани - камиллъула. Камилаб сурат цIали гьелда ращадал аятал цIалиялдаса хирияб буго.

Цо-цояз аятал цIикIкIун цIалиялдасаги къокъаб тIубараб сурат цIали хирияб бугиланги абулеб буго. Цебесеб ракагIаталда цIалулеб сурат, хадусеб ракагIаталда цIалулелдаса халатаб цIализеги суннатаб буго. Цебесеб цебе, хадусеб хадуб - Къуръаналъул тартибалда суратал цIализеги суннатаб буго. Цоцада хадур цун ругел суратал цIализеги суннатаб буго. Цебеселда «Къулгьу» цIалани, гьелда хадусеб «КъулагIузу» халатабги бугелъул, гьебищ яги «Инна агIтIайнакайищ» цIалилебан абуни, «Инна агIтIайнака» цIалила, амма гьелдасаги хирияб буго «КъулагIузуялъул», «Къулгьуялдаса» дагьаб къадар цIалун тезе.

Имамас кIиго ракагIат бан хадуб маъмумас как бухьани, жиндирго цебесеб кIиябго ракагIаталда маъмумас суратал цIалила, рес ккани, ккечIони, лъабабилебги ункъабилебги ракагIаталда цIалила. МаркIачIул какил тIоцебесебги кIиабилебги ракагIаталда суратал цIаличIого хутIани, лъабабилеб ракагIаталда кIиго сурат цIалила.

 

Паризаял каказулъ цIализе суннатал суратал кинал ругел?

МаркIачIул какилъ имамасе букIа, батIаго как балезе букIа къокъал муфассалал суратал цIализе суннатлъула. Рогьалил какилъ батIаго как балесги, цого чагIи рачIунеб халат гьабиялда разияб жамагIаталъул имамасеги халатал муфассалал цIализе суннатлъула. Къалъул какиеги гьелде гIагарал цIалила. Бакъанил, боголил какие гьоркьохъел муфассалал цIалила.

Халатал муфассалал абула «Аль-ХIужурат» - 49 сурат, «Аль-Къамар» - 54 сурат, «Ар-РахIман» - 55 сураталда релълъарал гIадал суратазда. Гьоркьохъел муфассалал абула «Ващамси ва зухIагьа» - 91 сурат, «Ва-ллайли» - 92 сураталда ращадал гIадал суратазда. Къокъал муфассалал абула «Валь-ГIасри», «Ихлас-Къулгьу» гIадал суратазда. Цо-цояз абулеб буго: «Аль-ХIужураталдаса» «ГIаммаялде» щвезегIан халатал, гьениса «ВаззухIаялде» щвезегIан гьоркьохъел, гьениса Къуръаналъул ахиралде щвезегIан къокъал кколилан.

 

Кинаб какилъ щиб сурат цIализе суннатаб бугеб?

КIиябго гIидалъул какалъулъги, цIад гьариялъул какалъулъги сурату «Къафги», «аль-Къамарги», «СабихIисмаги», «Гьал атака аль-Гъашияти» цIализе суннатлъула. Рузманалъул какилъги, рузман сордоялъул боголил каказулъ «Аль-ЖумугIатиги», «Аль-Мунафикъунги», яги «СабихIисмаги», «Гьала-такаги» цIалила. Рогьалил суннатаб какилъ «Алам нашрахIги», «Алам тараги» цIалила, цадахъго «Къуляаййугьал кафирунаги» «Къулгьуги» цIализе бегьула.

Хасго суннатал каказулъ цебесеб ракагIаталда «Къуляаййугьал кафируна», кIиабилеб ракагIаталда «Къулгьу» цIализе хирияб буго.

Рузман къоялъ паризаяб рогьалил как балев чияс цебесеб ракагIаталда «ас-Саждат», кIиабилеб ракагIаталда «Гьал атака» цIализе суннатаб буго, гьел кIиялго цIаличIого цебесеб ракагIаталда «СабихIисма», кIиабилелда «Гьал атака» цIализе суннатаб буго, гьел цIаличIони, цебесеб ракагIаталда «Къуляаййугьал кафируна», кIиабилелда «Къулгьу» цIалила.

 

Кколеб бакIалда цIализе бихьизабураб сурат цIаличIого хутIани, щиб гьабилеб?

КIиябго ракагIаталъул цебесеб ракагIаталда бихьизабураб сурат цIаличIони, гьебги кIиабилелда цIалулебги кIиябго сурат кIиабилеб ракагIатада цIалила. КIиабилелда цIализе кколеб цебеселда цIалани, цебеселъул сурат кIиабилелда цIалила. Щибаб бакIалда цIализе бихьизабураб суратги тун цоги сурат цIалулеб бугони, гьоркьоб гьебги къотIизабун цIализе бихьизабураб сурат цIалила. КIиябго ракагIаталда рихьизарурал суратазул цо гурони сурат рекIехъе лъалеб гьечIони, гьеб цIалила, лъаларелъул бакIалда цогидабги цIалила. Рузман къоялъ рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда имамас «Гьал атака» цIалулеб рагIани, имамасул 1-себ ракагIаталде кватIарав маъмумас жиндирго кIиабилеб ракагIаталда «ас-Саждат» цIалила. Гьебго какил кIиабилеб ракагIаталда имамас «Гьал атака» гуреб сурат цIалани, маъмумас жиндирго кIиабилеб ракагIаталдда «ас-Саждатги» «Гьал-атакаги» кIиябго цIалила. Сапаралда вугев чияс рогьалил какилъ «Къуляаййугьал кафирунаги» «Къулгьуги» цIалила, кIиябго «КъулагIузу» цIаланиги бегьула.

Цере рехсарал каказулъ гьел суратал цIали суннатаб буго. Жибго бокьараб какилъ бокьараб сурат яги аят цIаланиги как тIубала, гьеб цIалиялъул суннатги тIубала, рихьизарурал аятал цIалиялъул суннат хутIула.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...