Аслияб гьумералде

«Юсуф» сура

«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда гьабулел», - абун (сурату «Юсуф» 4 аят).

 

ГIалимзабаз тIахьазда хъвалеб бугеб кинниги гьеб макьу бихьараб сордо букIун буго Лайлатул къадриялде данде ккараб рузман сордо. Гьеб мехалъ Юсуф аварагги вукIун вуго анцIила кIиго сон барав чи. АнцIила цо цIваялъул магIнаги букIун буго Юсуфил вацазул, гьел анцIила цо рукIана. Бакъги моцIги абуни - эмен ЯгIкъуб ва эбел РахIил. Яги эбел РахIил хун йикIун, эбелалъул яц.

Хадусеб аяталда буго (магIна): «Юсуф аварагас макьу бициндал, эмен ЯгIкъубица гьесда абуна: «Я, дир вас, дуца гьеб макьу дурго вацазде бицунге, (бицани) дуе гьез мун гьалагльизе макру гьабизе бегьула. ЩайтIанги инсанасе баянаб тушман буго (гьелъ инсанасул ракIалде рехула цоцазе макру-хIилла гьабулеб къагIида», - абун (сурату «Юсуф» 5 аят).

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Юсуф аварагасул къисаялда къисабазул бищунго берцинабилан абуна. Гьелда жанир руго дунялги ахиратги жидедалъун лъикIлъулел, нилъеца пикру гьабизе, нилъ кантIизе рекъарал гIемерал пайдаби ва хIикматал, ханзабазул ва рагIияталъул хьвада-чIвади, руччабазул макру, тушбабаздаса бачIунеб балагь-къварилъиялде сабру гьаби гIадал гIемерал кантIизариял.

Юбаю ибну КагIбидаса бачIараб Бичасул Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца нужерго лагъзадерида лъазабе сурату «Юсуф». Кинав бусурбанчи вугониги жиндир агьлуялда ва гъаравашазда гьеб лъазе гьабун, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие рухIбахъиялъул захIмалъи бигьа гьабила. Гьесие къуватги кьела Юсуф аварагасе кьураб гIадин. Гьев чияс бусурбанчиясдехун хIасадги гьабиларо. Гьединго, щив чи вугониги гьеб сура цIалиялда тIадчIей гьабун, магIнаялде пикрабиги руссинарун, гьев чи щола Юсуф щвараб бакIалде. Юсуфие гIадал рохелал щвела гьесиеги абураб магIна. Сурату «Юсуф» жинда цIалулеб рагIарав, гьелъухъ гIенеккарав, пашманлъи-ургъаликье ккун вукIун хадув, гьелдаса гIицIлъун рахIатлъила», - ян («РухIул баян»).

Сурату «Юсуф» рещтIине ккараб сабабги буго, ягьудиязул гIалимзабаз мушрикуназул бутIрузда аби нужеца МухIаммадида ﷺ гьикъейин ЯгIкъуб аварагасул агьлу Шамалдаса Мисриялде сундуе гIоло аралин абун. Гьединго, Юсуф аварагасул ккараб къисаги. Гьелъул хIакъалъулъ Аварагасда ﷺ гьез цIехедал рещтIараб букIана гьеб сура.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...