Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Лъабго къоги балаан хирияв Авараг ﷺ кваначIого

Аварагасул ﷺ гIелмияб гъварилъи кинаб букIараб?

ГIумруго тIад хвезабун хIалтIаниги гьесул шаригIаталъул хIикматазда хадур гъун рахъунел гьечIо Исламалъул чIахIичIахIиял гIалимзаби. Аллагьас гьесие кьуна цересезулги нахъисезулги гIелму. Къуръаналда абулеб буго: «Аллагьас дуда лъазабуна лъалареб букIарабщинаб жо», - абун. Гьелъ бицуна гьесул гIелму цIакъго цIикIкIараб букIараблъиялъул.

АсхIабзабазда гьоркьоб гьесул ﷺ къадруги къиматги кинаб букIараб?

Гьесул мажлисалда гьаркьал рагIулароан, гьев кIалъалеб мехалда асхIабзаби, бетIерги къулун, тIад хIанчIи рещтIунедухъ сас тун рукIунаан. Маккаялъул ханзабаз ГIамру бину Сугьайл витIун вачIана свалат-салам лъеяв Аварагасулгун ракълилаб къотIикъай гьабизе. АсхIабзабаз гьесул гьабулеб хIурматги кIодолъиги бихьун хадуб тIадвуссун вачIараб мехалъ гьес абуна: «Дун Рималъул императорасухъеги щвана, персазул пачаясухъеги щвана, Мисриялъул ханасухъеги щвана, амма дида цониги хан вихьичIо жиндирго гIадамаз кIодо гьавулев, асхIабзабаз МухIаммад кIодо гьавулев гIадин», - абун.

АсхIабзабазе гьев ﷺ кин вокьулев вукIарав?

Чанги асхIаб вукIана сордо-къоялда жаниб гьесда берчIвачIого чIезе кIоларев. УхIудалъул гъазаваталда Абу Жаннат абулев асхIаб чIана гьесде тIадеги къулун, тIаде рачIунел тушбабазул чIораздаса гьевги цIунун ва киналго чIорал Абу Жаннатил мугъалда къана. ЦIадареги ралъдалъеги кIанцIизе, гьесие гIоло рухI бичизе кидаго хIадурал рукIана асхIабзаби.

Гьесул ﷺ Аллагьасукьа хIинкъи кинаб букIараб?

Гьесда Аллагь лъаялдаго рекъараб букIана гьесул Аллагьасукьа хIинкъиги. ГIемерисеб заман гьесул пикрабалъ унаан, кидаго гьев пашманго вукIунаан, мех-мехалъ асхIабзабазул ракI бохизабизе гьимизеги гьимулаан. Гьес абулаан, дида лъалеб жо нужеда лъалебани, нуж гIемер гIодилаанин ва дагь релъилаанин абун.

Гьесул ﷺ кванай кинаб букIараб?

Аллагь разилъаяй ГIайшатица абулеб буго, моцIги балаанин нижер рокъоб цIаги бакун хинаб квен гьабичIогоян. Лъабго къоги балаан хирияв свалат-салам лъеяв Авараг кваначIого, батараб жо кваналаан, гьечIони вакъун чIолаан, кванил бицунароан, щиб жо цебе бачIаниги - гьебги кванан чIолаан, дунялалъул бечелъи бакIарун, гIадатияв чияс гIадинцин дунялалъул бечелъиги берцинлъиги гьес данде гьабичIо. ТIокIаб жо гьечIони гьесул хьвадиго гIураб букIана гьев хIакъав авараг вукIиналъе хIужалъун.

Кинабго рахъалдасан тIаде чвахулеб боцIиги, ханзабаздаса цIикIкIараб кIодолъиги, къадру-къиматги букIаго, гIадатияб даражаялда вукIине кIвей, гьев хIакъав Авараг вукIиналъе гIунги тIокIаб далил буго. Гьаб ккола гьесул берцинал тIабигIатазул ралъдадаса босараб цо тIиригIанасеб жо. ТIадегIанав Аллагьас гьесдаги цогидал аварагзабаздаги гIорхъи гьечIел камилал лахIзатал, гьоркьоса къотIуларел свалаталги саламалги лъеги. Гьезул шапагIат щолеллъун тIолалго бусурбабиги гьареги. Амин!

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...