Аслияб гьумералде

КигIан лъикI букIинаан…

КигIан лъикI букIинаан…

КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.

 

Аварагасул ﷺ берцинаб махI

Аварагасдасан ﷺ бачIунаан берцинаб мискалъул гIадинаб махI. Гьесие сипат гьабулеб мехалъ абула берцинал махIазул ахирисевилан, ай жиндаса тIокIаб берцинаб махI букIине рес гьечIеб кигIан батIи-батIияб берцинал махIал ургъаниги. Гьелъ Аварагасул ﷺ берцинаб махI киназнасаго берцинаб букIуна.

Имам Муслимица Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ гIемер гIетI балаан. Гьурмада бараб гIетI жавгьаралдасаги лъикI гвангъулеб букIана, махIги ладаналдаса (мискалдаса) лъикIаб букIана, - ян.

Гьелдаго цадахъ гьес ﷺ махI берцинаб жо хIалтIизабуна муъминзаби гьелда (суннаталда) хадур рилълъине ва малаикзаби лъикIаб махI бугеб бакIалде аскIоре рачIунел рукIиналъ.

Бокьарав чиясда лъазе кIолаан Авараг ﷺ араб къватI, щайгурелъул, гьесдаса бачIунеб лъикIаб махI гIемераб мехалъ гьеб къотIноса нахъе унеб букIинчIо.

Анас бин Маликица киданиги нахъчIвалароан лъикIал махIал кьолеб мехалъ. Анасица абулаан: «Аварагас ﷺ киданиги берцинал махIал гьукъичIо», - ян.

 

Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей.

Щибаб моцIалъул байбихьуда Аварагас ﷺлъабго къоялъ кIал кквеялъул щиб хIикматха бугеб? Гьеб лъабго къоялъул щибалъе анцIго кири щола, цинги гьеб кIал рикIкIуна тIубараб моцIалъ ккураб гIадин.

Гьединго ГIаишатица бицана Аварагас ﷺ итни ва хамиз къояз кIалал кколел рукIанинги.

Гьединго Аварагас ﷺ Аллагьас ﷻ гьесухъе рещтIараб Жиндирго калам гIемер цIалулеб букIана. Аварагас ﷺ Къуръан цIалун бахъиндал, рокъоб бугеб агьлуги бакIарун, дугIаги гьабулаан.  

Цо-цо гIалимзабаз Аварагасе ﷺ сипат гьабун абуна гьев кколин хьвадулеб Къуръанилан абун. Щайин абуни, Къуръаналъ абураб гьабулаан Аварагас ﷺ ва теян абураб толаан. ГIаишатида гьикъидал Аварагасул ﷺ тIабигIат кинаб букIарабилан абун, гьелъ абуна Къуръан букIанилан.

Жеги рехсола Аварагас ﷺ Къуръан цIалун бахъиндал цIидасан 5 аят цIалулаанин абун. Жиндаса Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Аллагьасул Аварагас ﷺ къаси цӀалулеб мехалъ цо-цо мехалъ гьаракь борхизабулаан, цо-цо мехалъ бигьагьабун цIалулаан», - ян.

 

Аварагасул ﷺ кванай

МухӀаммад аварагасе ﷺ къанцIа бокьулаан, амма гьеб букӀинчӀо гьесие бищунго бокьулеб квенлъун. КъанцIаялъ гӀицӀго кумек гьабулаан чед тамахлъизабизе ва гьеб Аварагасе ﷺ цIакъ данде кколаан.

ГӀаишатица бицана, Аварагас абун букӀанин: «КъанцIа цIакъ тIагIамаб квенлъун ккола», - ян.

МухӀаммад аварагас ﷺ киданиги ражи кваначӀо. Щайгурелъул, малаикзаби бокьараб лахӀзаталда вахIюги босун загьирлъизе бегьулаан. Гьелда тӀадеги, Аварагас ﷺ кваначIо редиска ва цогидалги махӀ букӀине бегьулел кванил нигӀматал. Гьединго Аварагасе ﷺ гьан бокьулаан, гьоцIо ва сарид абураб тIагIамги.

 

Аварагасﷺ махсара гьаби

МухӀаммад аварагас ﷺ агьлу-хъизамалъеги, цогидазеги махсаро гьабулаан, амма кидаго битӀараб бицунаан. ГIемерисеб мехалъ Аварагас ﷺ махсара гьабулаан лъималазе. Махсаро гьабулелъулги гьес берал къанщулаан.

Анас ибн Маликица бицухъе, Аварагас ﷺ гьесда абулан: «Я, кӀиго гӀин бугев», - ян. Гьелъул магIна букIана кӀвар кьун гӀенеккулев ва кинабго ракӀалда чIезабулев чи гьев вугин аби. Гьебги букӀана гьесие гьабулеб рецц.

Гьаб хӀадисалъ бихьизабуна Аварагас ﷺ жиндирго асхӀабзабазе махсара гьабулеб букӀин. Бегьулелде гъорлъе ккола шаргӀалъул гӀурхъаби

рахунареб ва цогидазе зарал гьечIеб махсара. Гьоркьоса къотӀичӀого махсарабиги гьаризе бегьуларо, гьелъ ракӀ биццат гьабизе рес буго. 

 

Аварагасул ﷺ кьижиялъул суннат

Имам КъустIуланиясул «Мавагьииб» абураб тӀехьалда хъван буго: «Авараг ﷺ сардил байбихьуда кьижулаан ва гьелъул кӀиабилеб бащалъиялъул байбихьуда тIадеги вахъунаан. Макьидаса ворчIидал сивак бахъулеб букIана ва какие чурулаан. ГIураб къадаралдаса цIикIкIун Авараг ﷺ кьижулароан.

Авараг ﷺ, боголил как бан хадуб, дагь заманалъги чIун, кьижулаан.

Гьединго, кьижилалде цебе какиеги чурулаан.   Авараг ﷺ кваранаб рахъалде вегун кьижулаан ва ТIадегIанав Аллагьаги ﷻ рехсолев вукIана кьижун ккезегIан. Кьижулеб мехалъ, чехьги цIезабун, кьижулароан. Щайин абуни, черх хIалтIиялъе захIмалъи гьабулеб букIун. Амма чахьалда кьижи рикIкIуна жужахIалъул агьлуялъул кьижи.

Аварагасул ﷺ кьижулеб къагIида бищун черхалъе ва рухIияб рахъалъе пайдаябги асар гьабулебги буго. Сардил авалалда кьижиялъ черхалъе рахIат кьола. Гьеб щвараб рахIаталъ кумек гьабула сардилъ вахъун гIибадат гьабизе.

 

Аварагасул ﷺ берцинлъи

Аварагасул ﷺ берцинаб сипат-сураталъул бициналъ тIоритIел гьабула ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ гьесие гьединаб гьайбатаб сипат-сурат кьун букӀиналде. Гьединав камилав инсан вукIиналъ, гьесул хIакъалъулъ гIемерал тIахьалги хъвана гIалимзабаз. Гьесул сипат-сураталъго гӀадамазда гьев авараглъунги цевехъанлъунги вукIин вихьизавулев вукӀана. Гьесулъ батӀи-батӀиял халкъазул сипат-сурат букӀиналъ тIоритIел гьабула гьев тӀолабго халкъалъухъе витӀарав чапар вукIиналдеги.

«Мавагьибу Лладуния» абураб тӀехьалда буго: «Аварагасда ﷺ иман камилго лъей ккола, ТӀадегӀанав Аллагьас гьесда релълъарав чи я цебе ва хадуб вижичӀолъиялда ракӀчӀей», - ян.

Имам Къуртубияс абуна: «ТӀадегӀанав Аллагьас нилъеда гурхӀун Аварагасул ﷺ тӀубараб берцинлъи бихьизабичIо, нилъер беразда гьеб хӀехьезе кӀоларого букIиналъ», - ян. Аварагасул ﷺ букӀанин бищунго берцинаб черхиланги бицана гӀемерал гӀалимзабаз.

 

Гьесул тамахаб квер

Аварагасул ﷺ кверал рукIана дараялдасаги хIеренал ва гьездаса букIана берцинаб махI. Аварагасул ﷺ квераздаса берцинаб махI букIунаан миск гьабуниги гьабичIониги. ТIахьазда хъвалеб буго квераздаса бачIунеб махI Аварагасулъ ﷺ тIабигIияб букIанин абун.

Аварагас ﷺ чиясул квер бачараб мехалъ, тIубараб къоялъ гьесул квералдаса махI букIунаан. Аварагас ﷺ лъимадул ботIрода квер лъедал, гьеб лъимер батIа бахъизе кIолаан махIалдалъун.

 Анасица абуна жинца Аварагасул ﷺ квералдаса хIеренаб, тамахаб  жоялда квер хъвачIин абун.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...