Аслияб гьумералде

Хириясул ﷺ насаб

Хириясул ﷺ насаб

Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.

 

Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб

ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер. АнцIго вас жиндие кьуни, гьезул цояв къурбан гьавилин абун Аллагьасе ﷻ къотIи гьабун букIана гьес. Заман индал гьабураб къотIи кIочана гьесда. Цо къоялъ КагIбаялда аскIов кьижун ккарав гьесда макьилъ чанго нухалъ ракIалде щвезабуна гьабун букIараб къотIи. Гьебги ракIалде щун гьес васазда гьоркьоб можоро рехана. Гьесие бищун вокьулев ГIабдуллагь къуна можороялъ. Къурайшияца гIилла бачун абуна ГIабдуллагьил бакIалда варани къурбаналъе хъвейин абун. 10 вараниялда ва васасда гьоркьоб можоро рехидал, можороги васасе бачIиндал, вараниязул къадар жеги анцIгоялъ цIикIкIинабун рехана. Гьедин, можороялъ вас вихьизавуна вараниязул къадар нусилъе бахинегIан. Цинги ГIабдулмутIалибица 100 варани хъуна.

ГIабдуллагь хвана Мадинаялда, гIумрудул 25 сон тIубайдал.

ГIабдулмутIалиб. ГIабдулла-гьил эмен вукIана КагIба-рукъалъул тIалаб-агъаз гьабулев чи. Мехтелги гьес гьекъолароан. Рамазан моцIалъ мискин-пакъирал кваназарулаан. Лъималазда гIемер абулаан пасалъиялде аскIоре къагеян ва зулмучияс гьаб дунял толарин гьесда тIадги зулму гьабун гурониян. Аллагьас ﷻ гьесул дугIаялъе жаваб гьабун КагIба-рукъ биххизабизе вачIарав Абрагьатида гъури бана. ГIабдулмутIалиб хвана 140 сон байдал, Макка шагьаралда.

Гьашим. Гьев вукIана берцинаб сипаталъул, къуватаб черхалъул инсан. Кутакалда сахаватав чиги вукIана гьев. Гьесул гьурмада берцинаб нурги букIунаан. 25 сон байдал хвана гьев.

ГIабдулманаф. Къурайшияз гьев рикIкIунаан цевехъанлъун ва гьесухъ гIенеккулаан. Берцинав чи вукIиналъ гьесда абулаан Бадр (цIураб моцI) абун. Гьесул цогидаб гIаркьелалъул наслабаздасан ккола ГIусман-асхIаб ва имам ШафигI.

Къусаййу. Рикь-рикьун ругел къурайшазул тухумал гьес данде гьаруна. Гьес абулаан: «НахъегIанав чиясул хIурмат гьабулев, гьесда цадахъ вукIунев ва гьес гьабулеб квешлъиялда тIад рекъолев чи гьалаглъиялде вачуна. РитIухълъиялда рекъоларев чияс гIодобегIанлъи хIехьола. ТIадегIанаб макъам тIалаб гьабулев, гьелдаса махIрум гьавизе рекъарав вуго. ЖахIда - балъгояб тушман буго», - ян.

Килаб. Гьев ккола Къусайил ва аварагасул ﷺ эбел Аминатил кIудада Зугьратил эмен. Килаб вукIана лебалав чанахъан. Тушбабигун гьев бахIарчиго вагъулаан. МухIаммад аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул насаб гьесда цолъула.

Муррат. ГIараб мацIалдаса буссинабуни гьеб цIаралъул магIна ккола кьогIаб абураб. Тушбабазда гьесда тIад кверщел гьабизе кIунгутIиялъ кьуна гьесие «кьогIав» абураб цIар. Гьев цониги рагъда къечIо.

КагIб. Цогияздаса кIодо гьавизелъун кьуна гьесие гьеб цIар. Жиндирго къавм битIараб нухде тIобитIулаан. МухIаммад авараг ﷺ загьирлъизе вукIинги, гьесда нахърилълъине кколеблъиги бицунаан. Гьеб кинабго гьесда лъалаан цересел тIахьаздасан. Авараг ﷺ загьирлъиялдаги гьесдаги гьоркьоб букIана 560 сон.

(Хадусеб букIине буго)

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...