Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул   гIумруялдаса суалал

– Савралъул нохъода Аварагги Абубакарги чан къоялъ рукIарал?

Савралъул нохъода Аварагги Абубакарги лъабго къоялъ рукIана.

– Маккаялдаса хабар босун Аварагасухъеги АбубакарасхIабасухъеги нохъоде щив вачIун вукIарав?

Маккаялдаса хабар босун Аварагасухъеги Абубакар-асхIабасухъеги нохъоде вачIунаан Абубакарил вас ГIабдуллагь.

– Къубаалда Авараг гьоболлъун лъил рокъов рещтIарав?

Къубаалда Авараг гьоболлъун рещтIана аль-Гьадамил вас Кульсумил рокъов.

– Мадинаялда мажгит базе Аварагас ракь бичун лъихъа босараб?

Мадинаялда мажгит базе Аварагас ракь бичун босана Зураратил АсгIадил къайимлъиялда гъоркь рукIарал кIиго бесдаласухъа.

– Мадинаялда Авараг лъил рокъов чIарав?

Мадинаялда Авараг чIана АбуАюб аль-Ансариясул рокъов.

– Мадинаялда сверухъ хандакъ лъил малъиялда рекъон бухъараб?

Мадинаялда сверухъ хандакъ бухъана Салманул Фарисиясул пикруялда рекъон.

– Аварагасул имгIал ХIамзат щиб гъазаваталда шагьидлъарав?

Аварагасул имгIал ХIамзат шагьидлъана УхIуд гъазаваталда.

– Аварагасул руччабазул «мискинзабазул эбел» абун тIокIцIар лъие кьураб?

Аварагасул руччабазул «мискинзабазул эбел» абун тIокIцIар кьуна Хузайматил Зайнабие.

– Дунял толеб мехалъ Аварагасул чан хъахIаб рас букIараб?

Дунял толеб мехалъ Аварагасул букIана I7 хъахIаб рас.

– Авараг хабалъ лъица лъурав?

Авараг хабалъ лъуна АбуТIалибил ГIалица, ГIабасица ва гьесул кIиявго вас Фазлгун Къусамица.

– Аварагасул хабаде тIаде лъим лъица тIураб?

Аварагасул хабаде лъим тIуна Билал-асхIабас.

– Аварагасул ахирисей чIужу щий кколей?

Аварагасул ахирисей чIужу ккола ХIарисил яс Маймунат.

– Авараг хун хадув лъица чурарав?

Хун хадув Авараг чурана Абу-ТIалибил ГIалица, ГIабасица, гьесул кIиявго вас Фазлгун Къусамица ва гьединго Шукъраница, Зайдил вас Усаматица ва Хавлал вас Авсица.

– Авараг накълолъун хадуб, гьесул лъималазул нахъе щал хутIарал?

Авараг накълолъун хадуб гьесул лъималазул нахъе хутIана яс ПатIимат. .

– Чан сон букIараб Аварагасул накълолъараб мехалъ?

Авараг накълолъана 63 сон тIубайдал.

(«Нурул якъин», «Фазаилул ХIабиб», «Ар-РахIикъул махтум»).

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...