Аслияб гьумералде

Жиндир тIабигIат - Къуръан

Жиндир тIабигIат - Къуръан

ХӀадисазул тӀахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухӀаммад аварагасулﷺ шамаилал тIиритIизари, ай гьесул вукIа-вахъин, тIабигIат. Къокъго абуни, Аварагасда ﷺ хурхарабщинаб. Гьелъие гIиллалъун ккана МухIаммад Авараг ﷺ камилав, жиндаса мисал босулевлъун вукIиналъ.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев витIана тIолабго халкъалъухъе дин-ислам баян гьабизе. Гьев гьоркьовккун, нилъги, гьесул уммат, лъугьана бищун лъикIаблъун. Гьединго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда баян гьабуна Аварагасдаса ﷺ мисал босеян. ЛъикIав чи ракIалде щведал, рекIееги лъикIаб асар лъугьуна.

Цо-цо гIалимзабаз Аварагасе ﷺ сипат гьабун абуна гьев кколин хьвадулеб Къуръанилан абун. Щайин абуни, Къуръаналъ абураб гьабулаан Аварагас ﷺ ва теян абураб толаан. ГIаишатида гьикъидал Аварагасул ﷺ тIабигIат кинаб букIарабилан абун, гьелъ абуна Къуръан букIанилан. ГьедигIанги гьелда нахъвилълъарав, гьеб баян гьабулев чи вукIана Авараг ﷺ.

Гьениб гӀажаиблъизе ккараб жоги гьечIо, асхӀабзабазги сундулъго Аварагасдаса ﷺ босулаан мисал. Гьезда бичӀчӀана гьесдехун ﷺ рокьи загьир гьаби унго-унгояб гӀибадат букӀин, гьесда ﷺ нахърилълъинги гьеб рокьи загьир гьаби букӀин.

РачIа пикру гьабизин Анас ибн Маликил мисалалъул: гьесул Аварагасдехун ﷺ букIараб рокьиялъ гьев вачана шаргӀалъул суалазда гуреб, бищунго гӀадатиял ишаздагицин гьесда ﷺ нахъвилълъине. Аварагасул ﷺ хъабахъалде бугеб рокьи бихьидал, Анасица абула: «Ва гьеб къоялдаса нахъе дие хъабахъ бокьана», - ян. Бищунго гьитӀинаб жоялъулъцин мутӀигӀлъи букIун батани, щиб абилеб гьезул шаргӀалъул бербалагьиялъул хӀакъалъулъ? Щаклъи гьечӀо, гьел кӀудияб гъираялда нахърилълъана суннаталда. Гьелъ нугӀлъи гьабуларищ асхӀабзабазул Аварагасде ﷺ букӀараб кIудияб рокьиялъе?

Гьеб рокьиялъ тӀамуна гьел гӀумруялъул кӀвар бугелги гьечӀелги рахъаздацин гьесда ﷺ нахърилълъине. Амма Аварагасул ﷺ суннаталде нилъер бугеб кIвар асхӀабзабазда бихьани, щибдай гьез абилаан?

МухӀаммад авараг ﷺ ккола къурайшиязул къавмалдаса. Цогидал гӀарабазул къавмазда гьоркьоб къимат букӀана МухӀаммадил къавмалъул. 

Аварагасул ﷺ наслуялъулъ, ГӀаднаниде щвезегӀан, тӀолалго гӀалимзаби рекъон руго. ГӀаднанидаса хадуб Адам аварагасде щвезегӀан мугъчӀвай гьабизе жо гьечӀо, ай гIемераб хилап буго.

МухӀаммад аварагасул ﷺ наслуги рикӀкӀуна бищун къадруяблъун ва мустахӀикъаблъун.

Цо нухалъ имам Маликида гьикъула Адамиде щвезегӀан Аварагасул ﷺ наслу рикIкIунев чиясул хӀакъалъулъ. Имам Маликие гьеб рекӀее гӀечӀо. Цинги гьесда гьикъула, ИсмагӀилиде щвезегIан. Гьесие гьебги къабуллъуларо. Имам Маликидасан бачӀана киналго аварагзабазде щвезегӀан наслу рикIкIунев чи гьесие данде кколароанин абун.

Авараг ﷺ вуго киналго гӀадамазда гьоркьоб бищунго рецц гьабизе мустахIикъав чи. Гьединлъидал гьесда абула АхӀмадиланги МухӀаммадиланги. Аварагасул ﷺ киналго цӀаразда гьоркьоса бищунго лъикIал ккола АхӀмад ва МухӀаммад. Гьеб сабаблъун нилъеца нилъерго лъималазда гьесул ﷺ цӀаралги лъезе ккола. Имам ШафигIияс жиндирго васасда цӀар лъуна МухӀаммад абун ва абуна гьеб бугин бищунго хирияб цӀарилан.

ХӀадисалда буго: «КӀиго чи ТӀадегӀанав Аллагьасда цеве вахъун чIола ва Алжаналде лъугьаян амру гьабураб мехалъ, гьез Аллагьасда гьикъула: «Я нижер БетӀергьан, нижее Алжан кин щвараб? Нижеца Алжаналъе мустахӀикъал гӀамалалго гьарун рукIинчIогурищ?» - ян. Цинги ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ абула: «Нуж Алжаналде лъугьа, Дун гьедана АхӀмадги МухӀаммадги абун цӀар бугев чи жужахӀалде лъугьинарин», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...