Аслияб гьумералде

ГъветIалъул мугIжизат

ГъветIалъул мугIжизат

ГIали-асхIабас бицун буго жив аварагасда цадахъ Макка шагьар бахун къватIиве унаанин. Жал мугIрузда ва гъутIбузда аскIосан унаго, гьез абулаанин: «Ассаламу гIалайка, я Расулаллагь», - абун.

 

Цоги мугIжизат буго, хирияв аварагас ﷺ ахIидал, гъветI гьесда аскIобе бачIиналъул хIакъалъулъги. Цо нухалъ хирияв авараг ﷺ пашманго вукIана. Маккаялъул гIадамаз кьабиялъ гьесул гьурмадаса бачIунеб биги букIана. Цинги ЖабрагIил малаикги вачIун, хириясда ﷺ гьикъула: «Щиб дуе ккараб?» - абун. Аварагас ﷺ абула: «Гьаз дие гьабги-гьабги гьабуна», - ян. Цинги ЖабрагIилица, аварагасул ﷺ ракI гIодобе биччазабизе, абула: «Цо мугIжизат бихьизабизе бокьилищ дуе?» - абун. Бихьизабейин аварагас ﷺ абидал, ЖабрагIил, кIкIалалда нахъа бугеб гъотIохъ балагьана ва аварагасда ﷺ абуна, гьеб духъего ахIеян. Хирияс ﷺ ахIидал, кьолболъаги бахъун аварагасда ﷺ цебечIана гъветI. Гьанже нахъбуссинабеян ЖабрагIилица абидал, аварагас ﷺ гъотIода абуна: «Мун тIадбусса», - ян. ГъветIги букIаралъубе тIадбуссана. Нилъер хирияс ﷺ ракIбохун абула малаикасда, гIелин абун (ибну Мажагь).

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго, цо къоялъ аварагасда ﷺ цадахъ унел рукIанила жал. Щванила кIудияб кIкIал бугеб бакIалде. Цинги хирияв ﷺ, хIажат тIубазе, рикIкIадегIан анила. Гьесда хадуб, лъимги кодоб ккун, живги вукIанила. Бичасул авараг ﷺ сверухъе балагьанила. КигIан балагьаниги вахчизегIадинаб бакI бихьичIила, амма кIкIалал рагIалда букIанила цо гъветI, цогидаб рагIалда букIанила цоги гъветI. Цояб гъотIоде аскIовеги ун, гьелъул гIаркьелги ккун, хирияс ﷺ абунила: «Аллагьасул изнуялдалъун дида хадуб бачIа», - абун. Бухьараб варани гIадин гьеб гъветI аварагасда ﷺ хадуб бачIанила. Гьедин гьеб гъветIги бачун авараг ﷺ щванила гъобцояб гъотIохъе. Гьебги, гIаркьелги ккун, гъобцоябго гIадин хадуб цIанила аварагас ﷺ. КIиябго гъветIалда аварагас ﷺ абунила: «Аллагьасул изнуялдалъун дида сверун лъугьа», - абун. Гьеб мехалда хирияв ﷺ сверун вахчизавунила гьел гъутIбуз.

 

СултIан-хIажи МухIаммадов

 

2025-04-15 (Шаввал 1446 с.) №8.


Столалда теннис хIай

КIалбиччанкъоялъул хIур-маталда ЛъаратIа росулъ тIобитIана столалда теннис хIаялъул рахъалъ къецал. Щибаб санайилго гIадин тIобитIулеб гьеб къецалъе спонсорлъи гьабуна «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъ ва ЛъаратIа росдал бегавулас. Гьединго турниралда гIахьаллъи гьабуна...


Х1ежалъул тарих

Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачIун вукIана машгьурав жамгIияв хIара-катчи, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев. «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдула МухIамадовасул суалазе гьес кьурал жавабал рахъулел руго гьанир гъоркьехун.   - МухIамад, гIамм гьабун абуни,...


Аварагасул ﷺ хвалчаби

МухIаммад ибн Сиринидасан бачIараб хIадисалда буго: «Дица гьарана Сумрат ибну Жундубил хвалчада релълъараб хвалчен гьабе диегиян. Щайин абуни, Сумратица бицун букIана жиндие гьеб хвалчен гьабун букIанин Аллагьасул Расуласул ﷻ хвалчадаги релълъинабун абун» (Тирмизи).   Аварагасул...


Къо-мех лъикI, къо-мех лъикI шагьру рамазан

Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб, Баркатал гIемераб шагьру рамазан, БачIараб лъачIого къокъулеб бугин. Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб, МустахIикъаб дандчIвай кIвечIин гьабизе. Къуръан жинда жаниб рештIараб щагьру, Щвалде щвараб хъулухъ лъачIо гьабизе, Лайлатул къадриги жаниб...


Кин инабилеб?

Щивавсул гIумруялъулъ букIуна ургъелабаз ракI бакъвазабулеб хIалбихьиялъул ва захIмалъабазул лахIзатал. Гьединал лахIзатазда бусурбанчи жиндирго пашманлъигун живго хутIуларо. Хирияв Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъехъе рачIана багьа тIокIал дугIаби. Ургъел ккараб лахIзаталда Аллагьасул Расулас ﷺ...