Аслияб гьумералде

Кин инабилеб?

Кин инабилеб?

Щивавсул гIумруялъулъ букIуна ургъелабаз ракI бакъвазабулеб хIалбихьиялъул ва захIмалъабазул лахIзатал. Гьединал лахIзатазда бусурбанчи жиндирго пашманлъигун живго хутIуларо. Хирияв Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъехъе рачIана багьа тIокIал дугIаби. Ургъел ккараб лахIзаталда Аллагьасул Расулас ﷺ цIаларал гьел дугIаби лъугьана умматалъе гурхIулев Халикъас ﷻ сайгъат гьабураб рухIияб дарулъун. РачIа руссине гьел дугIабазде нилъее квербакъилъун лъугьине ругел.

 

МухIаммад аварагасул ﷺ суннаталдаги гьесул тIадкъаяздаги руго гIемерал дугIаби захIмалъиялъул ва пашманлъиялъул заманалда гьес ﷺ цIаларал. Гьале гьезул цо-цоял:

«Я Аллагь ﷻ, дун Духъе ﷻ кIанцIулев вуго пашманлъиялдаса ва къварилъиялдаса, загIиплъиялдаса ва кIвахIаллъиялдаса, хъантIиялдаса ва хIалихьалъиялдаса, налъиялъул къварилъиялдаса ва гIадамазул зулмуялдаса» (Бухари).

ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана, Аварагас ﷺ пашманлъи тIаде бачIиндал абулаанин: «Я ЧIагояв ﷻ, Я Абадияв ﷻ, дица Дур ﷻ рахIматалдасан кумек гьарула» (Тирмизи).

ХIинкъараб мехалъ Аварагас ﷺ абулаан: «Дица цIуни тIалаб гьабула Аллагьасул ﷻ камилал рагIабаздалъун Гьесул ццим бахъиналдаса, тамихIалдаса, Гьесул ﷻ лагъзадерил квешлъиялдаса, шайтIабазул вас-васаздаса ва гьел рачIиналдаса» (Абу Давуд).

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Я Аллагь, дир хьул буго Дур рахIматалде, цо лахIзаталъгицин дирго нафсгун цохIо тоге дун, дир кинабго иш битIизабе, Мун ﷻ гурони Аллагь гьечIо» (Абу Давуд).

Аварагас ﷺ жеги абуна: «Лагъасда тIаде балагь бачIиндал ва гьес абидал: «Нилъ Аллагьасдасан ﷻ руго ва Гьесухъе ﷻ тIадруссинеги руго. Я Аллагь ﷻ, балагьалдаги кири ва лъикIлъи кье дие», - ян, Аллагьас ﷻ гьесие балагьалъухъ кириги хъвазе буго» (Муслим).

Аварагас ﷺ абуна: «Пашманлъи яги къварилъи тIаде бачIун лагъас абуни: «Я Аллагь, дун вуго Дур ﷻ лагъ, Дур лагъасул вас... Къуръан дир ракIалъул иццлъун, дир каранда канлъилъун, дир пашманлъи тIагIиналъе гIиллалъун гьабе ва дир ургъел тIагIиналъе сабаблъунги гьабе», - ян, Аллагьас, хIакъикъаталдаги, гьесул пашманлъи нахъе бахъила ва гьелъул бакIалда рохел кьела» (АхIмад).

ГIабдуллагь ибн ГIаббасидасан бицунеб буго, Аварагас ﷺ захIматаб мехалъ абулаанин: «ТIадегIанав, ХIалимав Аллагь ﷻ гурони, цоги Аллагь гьечIо, КIудияб ГIаршалъул БетIергьан, ТIадегIанав Аллагь ﷻ гурони, зобалазул БетIергьан ва Аллагь гьечIо» (Бухари).

Хириял диналъул вацал ва яцал! Аварагасул ﷺ суннаталдаса рачIарал гьал баракатал дугIаби нилъее рухIияб хъалхъанлъун лъугьаги къварилъиялъул заманалда. РакIалда чIезабе, щибаб захIмалъи бигьалъигун бачIунеблъи, щибаб сабру киригун бачIунеблъи. ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго иман лъурал лагъзал рехун толаро, Гьесул рахIматалъул гIорхъи гьечIеб буго.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...