Аслияб гьумералде

Х1ежалъул тарих

Х1ежалъул тарих

Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачIун вукIана машгьурав жамгIияв хIара-катчи, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев. «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдула МухIамадовасул суалазе гьес кьурал жавабал рахъулел руго гьанир гъоркьехун.

 

- МухIамад, гIамм гьабун абуни, хъвадарухъанлъиялде кидал байбихьараб ва дуцаго гьабураб тIоцебесеб кечI ракIалда бугищ?

- Дица хъвадаризе байбихьана школалда цIалулеб мехалдаго. 1976 соналъ росулъ ккара-таралъул хIакъалъулъ хъварал дневникал руго дир жеги нахъе цIунун.

ТIоцебесеб кечI хъван букIана 15 сон бараб мехалда. 1989 соналъ «БагIараб байрахъ» казияталде хIалтIизе лъугьаралдаса нахъе хъвадарулев вугин абизе бегьила.

ТIоцебесеб тIехь басмаялда бахъана Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъ 1990 соналъ. Гьелда цIарги букIана «ЙорчIами, магIарулай», абураб.

 

- Дур асаразулъ бищун машгьураб, гIадамазе цIикIкIун асар гьабураб назму яги кечI кинаб бугеб?

- Бищун халкъалъе асар гьабураб кечI гьаб бугин дица кинха абилеб? Амма бищунго машгьурлъараб кечI, ахIулеб букIиналъги батила, «ЦIуне, Аллагь, Дагъистан» бугин ккола.

- «Ас-салам» казияталъул тIоцевесев редактор мун вукIаралъул, гьеб къватIибе биччаялъе лъил пикру букIараб, кин гIуцIун букIараб гьелъул хIалтIи?

- Дир лъикIаб гьудуллъи букIана доб мехалъ Дагъистаналъул муфтиясул заместительлъун хIалтIулев вукIарав, хIал алжаналда батаяв СаимухIамад-хIажи Абубакаровасулгун.

Цо нухалъ, 1994 соналъул март моцI букIанин ккола, гьес абуна исламияб казият гьабизе къваригIун бугин, гьеб хIалтIи щай тIаде босуларебилан. Доб мехалъ дун вукIана 4 соналъ «БагIараб байрахъ» (гьанжесеб «ХIакъикъат») казияталда мухбирлъун хIалтIарав, дагьа-макъаб хIалбихьи бугев журналист. Динияб казият гIуцIиялъе дица кумек гьабилин, амма тIаде босун гьеб хIалтIи гьабизе дун регIун гьечIин, Москваялде ине ракIалда бугин абуна дица. Цинги цо къоялъ ниж кIиялго цадахъ ЧIикIаса СагIид-афандиясухъе щведал, СаидмухIамад-хIажияс гьесда бицана идараялъул исламияб казият гьабизе ният бугин, гьеб хIалтIи тIадкъазе чиги валагьулев вугилан. ГьебсагIат мубаракас жаваб гьабуна цIакъ къваригIараб хIалтIиги бугин, гьеб иш тIаде босизе МухIамадида (диде ишараги гьабун) щиб багьана бугебилан. СаидмухIамадица дир гIинде щурана гьанже мун киве кIанцIилевилан.

Доб къоялъ тIадруссун МахIачхъалаялде щведал, кIиясго байбихьана казияталда лъезе цIарал ургъизе. РакIалда буго, нижеца тIубараб тIамач цIурал цIан хъван рукIана. Ахирги пикру данде ккана «Ас-салам» абун цIар лъезе. Гьоркьоб мех иналде гьабуна хIукуматалъул идарабазда казияталъул хъвай-хъвагIай ва 1994 соналъул май моцIалъул авалалда биччана «Ас-саламалъул» тIоцебесеб номер. Гьанже гIадин хъвадаризе махщел бугел чагIиги гIемер рукIинчIого, гьелдаса нахъе щибаб моцIида жаниб цо-цо казият бахъизе байбихьана. Доб мехалъ муфтилъул вукIана мунагьал чураяв Дарбишев МухIаммад (Абав).

 

- Россиялъул хIеж-миссиялъул жавабиявлъун мун кигIан заманалъ хIалтIарав? Гьениб щвараб хIалбихьиялъул, гьабураб хIалтIул бицани бокьилаан.

- 2002 соналде щвезегIан Россиялда хIежалъул гIадлу-тадбир гьалеб идара букIинчIо. Цинги муфтиятазул гьариялда рекъон, Россиялъул хIукуматалда цебе гIуцIана ХIежалъул совет. Гьелда гьоркьоре рачана киналго диниял идарабиго гIадин, бусурбаби къватIисел пачалихъазде унаго гьеб хIалтIулъ гIахьаллъулелщинал хIукуматалъул идарабиги. Цинги байбихьана хIажизабазухъа документал ракIариялдаса байбихьун, гьел рокъоре тIадруссинегIан дандчIвалелщинал квалквалал лъугIизариялъе хIалтIи  гьабизе. Диниял идарабазул вакилзабаз церелъурал, хIежалда хурхарал суалал тIуразаризе хIаракат бахъулаан хIукуматалъул идарабаз. 

Гьелдаса нахъе Россиялъул хIеж-миссиялъул хIалтIуда бана дица 18 сон. ХIежалъул заманалда къаси-къад чIечIого векерахъдизе кколеб хIалтIи букIана гьеб. ТIаса къунцIун гурони щолароан хIажизабазе Мина-ГIарафаялда бакIал, кидаго камизарун кьолаан хIажизаби раччизе автобусал. Самолетазда дандчIваялъул, нуха регIиялъул гьабизе кколаан гIадлу-тадбир. ГIодосан рачIунел хIажизабазул суалал тIуразе ине кколаан сагIудиязул гIорхъоде (Маккаялдаса гьенибе буго 1200 км). Нухда квалквалал ккун, чанги къокъа сагIудиязул гIурхъи къан хадуб гурони щолароан гьенибе. Гьеб букIунаан ГIарапа къо бачIине 2-3 къо хутIараб заман. Хехлъи гьабун, гьел жанире риччазе изну тIалаб гьабизе кколаан сагIудиязул ХIежалъул министерствоялда. Гьеб иш тIубаялъе кумек тIалаб гьабулаан Россиялъул Жиддаялда вукIарав генералияв консуласдаса. Чанги букIана хIежалъул министрги гьесул вакилзабиги кватIараб сардил гIужалъ макьидаса рорчIизарураб заманги. Россиялъул хIажизабазе киб, щиб ккун бугилан рагIаниги гьенире ине кколаан. ХIажизаби гIодосан рачIунеб мехалъ, кIиго-лъабго авария ккарабги сон букIана.

Нагагьлъун хIажичиясе къадар щвани, хIеж-миссиялъул кагъат гьечIого гьел рукъулароан. Нижеца абуни, хваразул цебесеб гIагарлъиги цIехон, гьезул разилъи тIалаб гьабизе кколаан. ХIежалда къадар щварал хIажизаби рукъизе рокъоре росарал хIужабиги ккана. Гьединаб ишалъ нижеда цIакъ гIемераб хIалтIи малъулаан. ХIисаб гьабеха, санайил Росссиялдаса хIежалде вачIунаан 20-22 азарго чи, гьел киназулго тIалаб гьабизе ккани, бигьаяб жо букIинищ? Аллагьасул кумекалдалъун дагь-дагьккун тартибалде бачине кIвана ва Россиялъул хIеж-миссия сагIудияз бищун лъикIазда гъорлъе рикIкIунеб хIал лъугьана.

 

- Гьеб заманалда жаниб дуца чанго тIехьги къватIибе биччана. Гьединал жавабиял ишазда вукIаго, цадахъго хъвадариялъул хIалтIи бачине захIмат букIинчIищ?

- ХIежалъул заманалъ регIичIониги, хутIараб мехалда регIулаан дирго тIахьазде, тарихалде вуссине. Кидаго сапаралъ цадахъ гьитIинаб ноутбукги тIахьалги росун унаан дун. Эркенаб заман ккарабго, дирго тIахьазде вуссунаан. Нилъеего бокьун гьабулеб хIалтIи захIмат букIунарелъулха, Аллагьас тавпикъ кьуна цо-цо ракIалда рукIарал асарал кагътиде росизе. 

 

- Шамил имамасул ва гьес хъварал кагътаздасан данде гьарурал тIахьазул хIакъалъулъги бицани бокьилаан…

- Шамил имамасда хурханщинал бакIазде щун, гьесул хIакъалъулъ хъварал тIахьал цIалун, тарих цIехолев вукIана дун.  Цинги чIахIиязул ишараялдалъун байбихьана тIехь хъвазе. АлхIамдулиллагь, гьеб тIехь халкъалъ цIакъ лъикI къабул гьабуна ва батIи-батIиял мацIазде буссинабуна. Цинги, гьудулзабигун цадахъ байбихьана Шамил имамасул кагътал ракIаризе, гьезул таржама гьабун, басмаялда рахъизе хIадуризе. Гьедин, 2021 соналъ биччана «Шамил имамасул 500 кагъат» абураб кIиго тIехь. Гьединго, басмаялда бахъана Шамил имамасул лъималаз цоцазухъе хъварал кагътазул тIехьги.

 

- Дагъистаналъул хIажиза-базул тарихалъул хIакъалъулъ ва гьелда сверухъ материал бакIариялъул унеб бугеб хIалтIул кинал хIасилал ругел?

- Араб соналъул хаслихъе басмаялда бахъана «Россиялъул хIажизабазул тарих» абураб тIехь. Гьеб тIехьалда рехсолел руго Дагъистаналдаса гурелги, татаразул, башкиразул, черкесазул, чачаназул ва цогидалги Россиялда гIумру гьабун ругел бусурбабазул хIежалъул тарих. Гьеб тарих цIехолаго дун хIалтIана Москваялда, КъватIисел пачалихъазул министерствоялъул архивалда, Россиялъул пачалихъалъул тарихалъул архивалда, Дагъистаналъул архивалда, Шималияб Осетиялъул архивалда, гуржиязул миллияб архивалда, турказул гIусманияб заманалъул архивалда. Дагьалъ цевегIан тIадвуссана Макка-Мадинаялъул архиваздаса. Амма бищунго цIикIкIун некIсиял хIажизабазул кагътал, ракIалдещвеял ва хъвай-хъвагIаял ратана нилъерго гьанир, некIсиял гIараб тIахьал цIунаразул рокъор.

Жакъа нилъеда цIар лъалев Дагъистаналдаса тIоцевесев хIажичи ккола Дербенталдаса Абубакр МухIамад ад-Дарбанди. Гьес хIеж борхун буго азарго соналъ цебе, ай 11-абилеб гIасруялъул ахиралда. Ад-Дарбандияс жиндирго «РайхIанул хIакъаикъ ва бустанул дакъаикъ» абураб тIехьалда рехсолел руго доб заманалда КагIба-рукъалъул рагIдукь жиндиего дарс цIаларал гIалимзабазул ва хIажизабазул цIарал. Гьелдаса нахъе нилъер халкъалъ хIеж гьаби гьоркьоб къотIизе тун гьечIо.

Нилъехъе щварал баяназдаса рекъон, тIоцеве хIеж гьабурав магIарулав кколев вуго ГьаркIасуниса Асилдер-шайих. Гьев къадаралде щун вуго 1404 соналъ. Гьелдаса нахъе хIеж борхарал ва магIарул росабалъ ислам тIибитIизабурал гIалимзабазул цIарал лъалел руго. Мисалалъе, ГIободаса ШагIбан-къадиясул вас МалламухIамадица (1635-1698) хIеж борхун буго гIага-шагарго 1680 соналъ. Гьесул квералъ хъвараб кагътида батана кинаб нухалъ гьев хIежалде аравали. Гьединго, Къудукьа Мусаласул, ГIурадаса Ибрагьим-хIажиясул (1701-1771), ГIаймакиса Абубакар-хIажиясул (1711-1791), Сугъралъа ШафигI-хIажиясул (1750-1835), Къарахъа ХIабибуллагь-хIажиясул (1840-1921) ва цогидазулги, нилъее жидер баракат щваял, машгьурал магIарул гIалимзабазул квералъ хъварал, гьез хIеж борхиялда хурхарал, цIакъ къиматал кагътал ратана. Нухда моцIалги ран, лъелго хIежалде унаго гьезда бихьулеб букIун бугебщинаб къоялъул, захIмат-къварилъиялъул хIисаб гьабидал, гьел нилъеда данде батIиял чагIи рукIун руго.

Россиялъул КъватIисел ишазул министерствоялъул архивазда ратана 1902-1908 соналъ хIежалде ине паспортал кьурал дагъистаниязул цIарал ва хIежалда къадаралде щваразул сияхI. Гьеб кинабго гьабсагIат басмаялда бахъизе хIадурулеб буго «Дагъистаналъул хIажизабазул азарго сонилаб тарих» абураб цIаралда гъоркь. ГьабсагIатги Дагъистаналда цересел гIараб тIахьал ругин рагIанщинал росабалъе хьвадула дун, гьудулзабигун цадахъ. Жеги цIехолеб буго умумузул хIежалда хурхараб тарих. Гьединлъидал, «Ас-салам» казият цIалулезде гьари буго, некIсиял гIараб тIахьал рокъор ругел чагIаз, гьел цIализе лъалел цIехон яги нижехъе хабар гьабун, тIаде цIи-цIиял баянал щвезе кумек гьабеян. Копия бахъун гурони, нижеца цониги кагъат, я тIехь нахъе босуларо. Гьединал чагIаз, «Ас-салам» казияталъул редакциялде яги гьаб дир адресалде кагъат хъваян гьариги буго: magomed.a@mail.ru

 

Гара-чIвари гьабуна

ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

 

 

Къарахъа ХIабибуллагь-хIажияс хъвараб хIежалъул нух
М.ХIамзаеваасул "История хаджа российских мусульман" абураб тIехь
ГIаймакиса Абубакарица хIежалде иналъул хIакъалъулъ хъвараб кагъат, 1747 с.
ГIарапа мегIер. 1889 сон
КвегIиса: ГIободаса МалламухIаммадица хIежалъул нухлул хъакъалъулъ хъвараб кагъат, квараниса: ГIурадаса Ибрагьим-хIажияс хIежалде иналъул хъвараб кагъат
Дагъистаналъул хIажизаби Стамбулалда, 1893 с.
1889 соналъ бахъараб Минаялъул сурат

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...