Аслияб гьумералде

ГIаламго пашманаб къо

ГIаламго пашманаб къо

ГIаламго пашманаб къо

11-абилеб соналъул сапар моцIалъул ахиралда, Маймунатил рокъов вукIаго, Авараг ﷺ унтана. 13 къо бана гьес унтун. БакъигIалъул хабалалъе зияратги гьабун, хабал агьлуялъе дугIаги гьабун тIадвуссиндал, Хириясул ﷺ ботIрол унти цIикIкIана. Унтун вукIаниги хирияв Авараг ﷺ асхIабзабазе имамлъи гьабун, как базе мажгиталде хьвадулев вукIана, иргаялда жиндирго руччабазул рокъовеги унаан. Унти цIикIкIиндал, цогидал руччабазул разилъиялдалъун Авараг ﷺ, АбутIалибил ГIалицаги ГIабасил Фадлицаги ГIаишатил рокъове вачана.

 

Мажгиталде вахъине бажарулареб хIалалде ккедал, Аварагас ﷺ Абубакариде амру гьабуна жамагIаталъе имамлъи гьабун, как байилан. Аварагасул ﷺ унти тIаде цIикIкIунеб букIин лъарал асхIабзаби, гьев жидедаса ватIалъиялда хIинкъун, гIодулел рукIана. АсхIабзабазул къварилъи бихьидал, Аварагасе ﷺ мажгиталде вахъине бокьана, цинги минбаралъул гъоркьияб болъоялдеги вахун, гьес асхIабзабазда абуна: «Я гьал гIадамал, дида бицана нуж дун хвелин абун хIинкъун ругин. Аллагьас дида цере рукIаразул цониги авараг нахъе течIеб мехалъ, дун нужеда гьоркьов кин хвечIого хутIулев? Дун дирго БетIергьанасухъе къокъине вуго, дида хадур нужги рачIине руго», - ян.

Цинги Аварагас ﷺ цин ансариязде васият гьабуна мугьажиразул хIурмат гьабеян, цинги мугьажиразде васият гьабуна ансариязул хIурмат гьабеян. Хадубги абуна: «ХIавзгун Кавсаралда дунгун данделъизе бокьараз парзгун суннаталда тIадчIей гьабе, мацIгин квералги мунагьалдаса цIуне», - ян.

Унтарав Авараг ﷺ бетIерги бухьун гIадамазда цадахъ жамагIат гьабун как базе мажгиталъуве вачIана ва гьес гIадамаздехун вуссун абуна: «Аллагьас цо жиндирго лагъасе рес кьун буго дунялалъул лъикIлъабаздаса ва ахираталъул лъикIлъабаздаса цояб тIаса бищизе. Гьес ахираталъул лъикIлъаби тIаса рищана», - ян. Гьел рагIабаздасан Абубакарида бичIчIана Аварагас ﷺ кватIичIого дунял тезе букIин.

Гьижрияб 11-абилеб соналъул 12-абилеб рабигIул аввалалъ Аварагасул ﷺ унти дагьлъана, ва асхIабзабиги рохун, жиде-жидер ишазде ана. Гьев ГIаишатил каранда бетIерги лъун вегун вукIана. Гьесда аскIоб букIана лъел цIураб суркIа ва гьес зама-заманалдасан кверал риччизарун, гьелги гьурмада рахъулаго абулаан: «Ла илагьа иллаллагь, хIакълъунго хвалил жиндирго кьогIлъаби, захIмалъаби руго», - ян.

Аварагасул ﷺ унтиялъул кутак бихьун ФатIиматица абуна: «КигIан захIматаб унтиха дир инсул бугеб?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Жакъаялдаса нахъе киданиги дур инсуда унти лъазе гьечIо», - ян. Гьеб унтиги букIана Хайбаралда ягьудиялъ гьесие кьураб загьру сабаблъун ккараб.

Авараг ﷺ зухIаялъул гIужалъ накълулъана. АсхIабзаби риха-хочун, хIайранлъун, гьабизе жо лъаларого хутIана. Гьезул гIакълуялдаса аралги ккана. ГIемерисел абуни, Авараг ﷺ хун вугин абураб жоялда божунцин рукIинчIо. ГIумар-асхIабцин, Авараг ﷺ хвечIин, хванин абурасул жинца бетIер къотIулин чIун вукIана.

Абубакар, Хирияв ﷺ хун вукIин лъан хадуб вачIана, ва щибго абичIого Авараг ﷺ жанив вукIарав ГIаишатил рокъове лъугьун, Хириясде ﷺ аскIове ана. Гьес Аварагасул ﷺ гьурмадаса пардав борхана, гIодана, цинги гьесда убачги гьабун абуна: «Я дир эбел-эмен дуе къурбанлъаяв, чIаго вукIагоги вукIана мун гьайбатав ва хун хадувги хутIана гьединавлъун. Дир рухI кодоб бугев АллагьасхIаги, Аллагьас кIиго нухалъ хвел чIамизабуларо дуда, дуе хъварабин абуни дуда дандчIвана», - абун. Гьел рагIабаздалъун гьес нахъчIвана цо-цояз абулел рукIарал рагIаби: «Авараг ﷺ чIаголъилин ва цинги нахъеги холин», - абун.

 

Абубакар-асхIабасул кIалъай

ГIадамал гьабизе жо лъаларого хIайранлъун ккедал, Абубакарица Аварагасда ﷺ аскIовеги щун, гьев хун вукIинги мухIкан гьабун, гIадамазухъеги вачIун, абуна. «Нуж МухIаммадие ﷺ лагълъи гьабулел рукIун ратани, хIакълъунго, гьев хвана, Аллагьасе лагълъи гьабулел нуж ратани, Гьев холарев, даимго чIагояв вуго», - абун. Хадуб «Алу ГIимраналдаса» 144-абилеб аятги цIалана гьес, цогидал гIадамал киниги Аварагги ﷺ хвезе вукIин жинца баян гьабулеб. Абубакарица гьел рагIаби абидал, гIадамал гIодана. Ва ГIумар-асхIабасдаги гьеб аят рагIидал, жиндирго хатIа бичIчIана.

Живго унтараб мехалъ Аварагас ﷺ жиндирго бакIалда имамлъи гьабизе жиндаса Аллагь разилъаяв Абубакар-асхIаб тIамуна ва абуна: «Аллагьасги, Аварагасги, муъминзабазги бегьизабулеб гьечIо Абубакар-асхIаб гурого имамлъун вукIине», - абун.

Абубакар-асхIаб вукIа-на асхIабзабазда гьоркьов бищунго Аллагьасда аскIовги хирияв, ислам тIибитIизабиялъе Аварагасе ﷺ бищунго цIикIкIун кумекалъеги ватарав, бищун гIакълуги камилав, бищун Аллагьасукьаги хIинкъарав чи. Гьев имамлъун тIамиялда жаниб букIана гьесул загьирабги батIинабги халифалъиялде ишара.

Абубакар-асхIаб, Авараг ﷺ накълулъун хадуб, тIоцевесев халифалъун тезе тIадрекъана киналго асхIабзаби. Щайгурелъул гьев вукIана Аварагасул ﷺ цевесев гьудул, чIахIиял бихьиназул тIоцебе гьесда иманги лъурав чи. Живго унтидал, Хирияс ﷺ гьев тIамуна жиндирго бакIалда имамлъи гьабун жамагIаталъе как базеги. Гьижра гьабулагоги Аварагас ﷺ Абубакар тIаса вищун вукIана гьудуллъун, Савралъул нохъодаги Абубакар вукIана гьесие гьудуллъи гьабун. Гьал киналго хиралъаби Абубакарил рукIиналъе гIоло киналго рекъон гьев тана тIоцевесев халифалъунги.

 

 

АхIмаднаби АхIмаев

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


«Инсан» фондалъ базе буго 26 мина

Хасавюрт районалде щварал Дагъистаналъул хӀукуматалъул нухмалъулев МухIаммад Рамазановас, «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад ГӀабдурахӀмановас ва муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухӀаммад Мукъошдибировас дандбана лъеца зарал ккаразе кумек гьабиялъул суал. М....


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...