Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумру

Аварагасул ﷺ гIумру

Аллагьасул расуласул ﷺ Аллагьасдаса букIараб хIинкъиялъул бице?

Гьес ﷺ абулаан: «Дун бищунго Аллагь лъалевги вуго, бищунго Аллагьасдаса хIинкъулевги вуго», - абун. Гьес ﷺ как балаго, гьесул ﷺ Аллагьасукьа хIинкъун бугеб гIодиялъул гьалдолеб хьагил гIадаб сас рагIулеб букIана. Гьес ﷺ абулаан жинда лъалеб жо нужеда лъалеб букIарабани нуж дагь релъилаанин, гIемер гIодилаанин абун. Сардилъ тIаде вахъун гIибадат гьабулагоги гьев гIодулаан. ХIатIал гьорозегIан тIаде вахъун гIибадатги гьабулаан. Цогидаз Къуръан цIалулаго гьелъухъги гIенеккун, гьесул бадиса магIу чвахулеб букIунаан. Кутакаб гьури пулеб мехалъги свалатсалам лъеяв Авараг рокъове жаниве лъугьун къватIиве вахъун рахIат хвараб хIалалда вукIунаан, Аллагьасул кIодолъи, тIадегIанлъи, хIалкIолъи лъаялда рекъон букIунелъул, Аллагьасукьа хIинкъиги. Хирив Аварагасда ﷺ гIадин Аллагь лъалев щивниги гьечIо. Гьединлъидал гьев гIадин кутакалда Аллагьасукьа хIинкъарав чи зобракьалда щивго вукIинчIо.

Аллагьасул расул ﷺ кин велъулев вукIарав?

Аллагьасул Расул ﷺ пашманлъи даимав вукIана. Амма гьоркьо-гьоркьоб гьев хьимулаан, велъулаан. Гьесул гIемерисеб релъи хьимиялдалъун букIана. Гьоркьо-гьоркьов велъизеги велъулаан цаби загьирлъиледухъ. Гьев бецIаб сардида хьимани, гьесул нуралъ сверухъ бакI гвангъулаан. Гьедин хъван буго «ШархIу шамаил» абураб тIехьалда. Гьоркьо-гьоркьоб гьев велъиялъе гIиллаги Хириясул ﷺ гьайбат бихьун хIал щун рукIунел асхIабзабазул ракIал гIодоре риччазе, гьел рохизаризе, хадусезе мисаллъун букIине гIологи букIана. Амма гьев гьаракь борхун кидаго велъулароан.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...