Аслияб гьумералде

Цересел умматал жиндихъ гIащикъав

Цересел умматал жиндихъ гIащикъав

Цересел умматал жиндихъ гIащикъав

ТIолабго махлукъаталъул хирияв Авараг ккола умматалъе сундулъго мисаллъун. Гьесул умматалдаса бусурбанчияс кинабго гьесда нахъвилълъун гьабизе ккола. Гьедин гьабуралда жаниб буго абадияб хвасарлъиги дунялалъул рохелги. Гьединлъидал, нилъеда, ай бусурбабазда чара гьечIого лъазе ккола Аварагасул гIумру. Аварагасул нух гIун бачIунеб гIелалда малъизеги ккола.

 

Аварагасул сипатал

Аллагьасул расул ﷺ вукIана гьоркьохъеб лагаялъул, кIигъуждулъа гIебав, багIарлъигун жубараб хъахIаб кьер бугев, ботIрол рас щолаан гIундузул гъоркьияб рахъалде. Гьесул магжил ва ботIрол расазул, къогоялдецин хъахIлъи щвечIо. Жиндир рацIцIалъи загьирав гьесул гьумер моцI гIадин гвангъараб букIана.

ГIадамазулъ бищун берцинав, кIалъай гьуинав вукIана. Нодо гIебав, цоцалъ журачIел, тIеренал кьунсрул ругев, каркьаби цIвакарав, цересел цабзазда рикьел бугев, бугьналугбузда гьоркьоб авараглъиялъул мугьру чIварав вукIана. Гьесие сифат гьабулес абуна: «Аварагасда ﷺ релълъарав инсан, гьесда церехун рукIаразулъги, хадур рачIаразулъги дида вихьичIо», - ян.

 

Аварагасул цIарал

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Дун вуго МухIаммад, дун вуго АхIмад, дун вуго МахIи – дидалъун Аллагьас куфру бацIцIине бугев, дун вуго ХIашир – гIадамал тIаде рахъинаризе руго дида цере. Дун вуго ГIакъиб – дида хадув цоги авараг вукIине гьечIо». Цоги риваяталда буго: «Дун вуго Мукъафи, ва Набию тавбати, ва Набию рахIмати».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда гьесде гьал цIараздалъун хитIаб гьабуна: «Башир», «Назир», «Сиражун Мунир», «Рауфун рахIим», «РахIматун лил гIаламин», «МухIаммад», «АхIмад», «ТIагьа», «Ясин», «Музаммил», «Муддасир», «ГIабд», «ГIабдуллагь», «Назирун мубин», «Музаккир». Гьал цIаразул гIемерисел сифатал ккола.

 

Аварагасул тIабигIат

Муъминзабазул эбел ГIаишатида цIехана, Аварагасул ﷺ гIамал-хасияталъул. Гьелъ жаваб кьуна: «Гьесул тIабигIат букIана Къуръан. Аллагьасул ццим бахъунеб жоялда ццим бахъунаан, Аллагь разилъулеб жоялда разилъулаан», - илан. Нафсалъе гIоло ццим бахъунароан, жиндиего гьабураб заралалъухъ рецIел босулароан.

Аллагьасул расул ﷺ вукIана бищун гIамал берцинав, асхIабзабазул цIакъго хIурмат гьабулев. Гьес гьезда цере хIатIал щвакун гIебеде ритIулароан, бакI къварилъидал, гьезие бакI гьабун цо рахъалде къалаан. Гьесул накаби аскIов гIодов чIарасдаса цере кколароан. ТIоцеве гьев вихьулес, гьесул хIурмат гьабулаан, гьевгун жува-гъуван кIалъай гьабурасе, гьев вокьулаан. Аварагасул ﷺ рукIана гьалмагъзаби, кидаго гьесда сверухъ рукIунел. Гьев кIалъалев вугони, руцIцIун чIолаан, гьес амру гьабидал, гьеб тIубазабизе гIедегIулаан.

 

Аварагасул бахIарчилъи

Гьев вукIана гIадамазул бищун бахIарчияв. Аллагьас ﷻ аварагзаби гьаруна бищун бахIарчиял, къо хIехьолеллъун. Гьезда гьоркьов бищун хириявлъун гьавурав МухIаммадие, бищун цIикIкIараб бахIарчилъи кьун букIана Аллагьас ﷻ. Гьелъие мисаллъун букIина, бахIарзаздаги гьоркьов бахIарчи, АбутIалибил вас, сайид ГIалица гьабураб калам: «Рагъулъ иш захIмалъидал, нижеца цIуни гьабулаан Аварагасдалъун ﷺ. ГьевгIан рагъулъ тушманасде гIагардегIан щивго вукIунароан. Дида бихьана Бадруялъул гъазаваталда, нижеда гьоркьов гьев тушманасде бищун гIагарда вукIин, нижги гьесда нахъа рукIана», - ян.

Анасица бицана: «Авараг ﷺ вукIана бищун бахIарчиявги, лъикIавги, сахаватавги. Цо сордоялъ Мадинаялъул агьлу хIинкъизабуна квешаб гьаракьалъ. ГIадамал ана гьаракь рагIараб рахъалде. Цинги гьезда дандчIвана Авараг ﷺ, гьеб гьаракь бахъараб рахъалдасан тIадвуссун вачIунев. Гьев цеве ккун вугоан гьездаса. ХIабибас ﷺ хвалченги бан, Абу ТIалхIатил кьили лъечIеб чода рекIунги ун, гьаркьил хIакъикъат лъазабун бугоан. ГIадамаздаги абуна, нуж хIинкъугейин, хIинкъизе ккараб жо гьечIин».

Тушбабазде данде гьужумалъ унаго Аварагас ﷺ ахIулаан: «Дун авараг вуго, гьеб гьереси гуро, дун ГIабдулмутIалибил вас вуго», - ян.

 

Сахаватлъи

Сахаватлъиялъулъин абуни гьесда ващалъулев цониги чи вукIинчIо. Щибниги жо гьарараб мехалда, гьес киданиги абичIо, «гьечIо», «кьеларо», - ян.

Гьесул рокъоб сордо балароан динаралъ яги диргьамалъ. Щибниги жо нахъе тIокIлъани, гьеб кьезе чиги щвечIого сордоги тIаде щвани, ХIабиб ﷺ рокъове вуссунароан, хIажалъи ккарав чиги валагьун, гьесие гьеб кьун гурони.

Аллагьас ﷻ кьураб боцIул гьес щибго нахъе толароан, агьлу-хъизаналъе лъагIалие гIураб гурони.

 

РитIухълъи

Жинда свалат салам лъеяв вукIана битIараб бицунев, къотIи тIубазабулев, хасият тамахав, кIалъай берцинав. ГIадамазда гьоркьов бищун хIалимав, нич цIикIкIарав. Гьесул ракьалде балагьи цIикIкIун букIунаан, эхеде балагьиялдаса. Гьев цIакъго гIадатияв вукIана. Бечедас-пакъирас, узденас-лагъас, ай лъица ахIаниги, ахIиялъе жаваб гьабулаан. ГурхIел цIикIкIаравги вукIана – рахь бугеб цIарагI катие кьезе гIодове къулулаан. Гьелда гурхIел гьабун, гьеб гIорцIизегIан эхеде ворхулароан.

 

Авараг ва асхIабзаби

ХIабибас ﷺ асхIабзабазул адаб-хъатир гьабулаан, гьезухъе тIаде-гъоркье хьвадулаан, гьезул ахIвал-хIал цIехолаан. Гьезул щивниги унтани, ваккизе унаан, сапаралъ арасе дугIа гьабулаан. Гьезул цонигияв хвани, истиржагI гьабулаан, гьелдаго нахъ регIизабулаан дугIаги. Гьев унаан асхIабзабазухъе, гьез гьоболлъи гьабун цебе лъураб квен кваналаан. Къадруял гIадамаздехун гьуинлъи ва гьезул хIурмат гьабулаан. Цонигиясдехун хъачIлъулароан, гьумер букIкIине гьабулароан. ГIузру бачун кIалъарасул, гIузру къабул гьабулаан, къуватасдеги загIипасдеги цогояб бербалагьи гьабулаан. Данде ккарасе салам кьей цебе ккезабулаан.

Цонигияв толароан жиндаго хадув вилъине ва гьес ﷺ абулаан: «Дир мугъ гIицI гьабе малаикзабазе», - ян.

Живго рекIун вукIаго, цадахъ вугев вилъине толароан, рекIинавун гурого. Гьес рекIине инкар гьабуни, абулаан: «Мунго унеб бакIалде а, дидаса цеве», - ян. Бичасул Авараг ﷺ нечолаан, живго рекIун, цадахъ вугев лъелго вукIиналдаса.

Свалат-салам лъеяс хъулухъ гьабулаан жиндие хъулухъ гьабурасе. Аллагь ﷻ разилъаяв Анасица абуна: «Дица Аварагасе ﷺ анцIго соналъ хъулухъ гьабуна. Валлагь, рокъобги сапаралдаги дица гьесие хъулухъ гьабичIо, гьес дие гьабураб хъулухъ, дица гьесие гьабуралдаса цIикIкIараблъун букIун гурого. Гьес диде киданиги «упан» рагIи абичIо. Дица гьабураб кинаб букIаниги ишалде гьес абичIо: «Дуца щай гьеб гьедин гьабураб», - ан. Дица гьабичIого таралдеги абичIо: «Дуца гьеб щай гьабичIеб», - ан.

Цо нухалъ свалат-салам лъеяв вукIана сапаралда. Гьес амру гьабуна чахъу цIетIе ккезабеян. АсхIабзабазул цояс абуна: «Я Аллагьасул расул, дица тIаде босула гьеб хъвезе», - ян. Цогидас абуна: «Дица тIаде босула гьеб ччукIизе», - ян. Лъабабилев асхIабас абуна: «Дица тIаде босула гьеб белъинабизе», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Дица тIаде босула цIул бакIаризе», - ян. АсхIабзабаз абуна: «Я Аллагьасул расул, нижеца дуда тIаса босула гьеб, нижецаго бакIарила», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дида лъала нужеца гьеб тIаса босулеблъи. Кинниги, дие бокьун гьечIо нужедаса тIокIавлъун вукIине. ТIадегIанав Аллагьасе бокьуларо жиндирго лагъ асхIабзабаздаса тIокIавлъун вукIине».

 

ГIабид Тажудинов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...