Аслияб гьумералде

ГIаламалъего рахIмат

ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз гьесул гIумру цIакъ лъикI лъазабулеб букIана.

 

ХIатта кIиго яги цо чанго асхIабас цадахъ рекъон къотIи гьабулаан цоял тIубараб къоялъ хирияв Аварагасда ﷺ аскIор чIезе, цоялин абуни жидерго чара гьечIеб магIишаталъул хIалтIи гьабизе ине, цинги къаси данделъараб мехалъ хирияв Аварагасда ﷺ аскIор рукIараз жидедаго бихьарабги рагIарабщинабги къад къоялъ жидерго ишазде ун рукIаразда бицунаан. Хадусеб къоялъ Хириясда ﷺ аскIор рукIарал жидерго магIишаталдеги ун, гьал цоял Хириясда ﷺ аскIор чIолаан ва къаси данделъараб мехалъ жидедаго бихьарабги рагIарабги жо аскIор рукIинчIезда бицунаан. Гьеб хIалалда ирга гьабулаан асхIабзабаз.

Гьес абурал рагIаби, гьарурал ишал лъазариялда къокълъичIо гьел асхIабзаби. Гьез лъазабуна хирияв Аварагасул ﷺ умумузул тарих, гьесул лъимерлъиялъул гIумру, гьесул гIолохъанал къоял, гьесул лъималазул, гьес рачарал руччабазул гIумру ва хIакъикъат, гьесда сверун рукIарал асхIабзабазул гIумру, хIатта гьесул рукъалъул хIайваназул, гьес хIалтIизарулел рукIарал цIарагI-алатазул, ретIунеб букIараб ратIлил цIаразде гIунтIун. Гьедин, хирияб Къуръаналъ абухъе, гьесул бицен халкъалда жаниб тIадегIан гьабун цIунана ТIадегIанав Аллагьас ﷻ. Гьесул умумузул, руччабазул цIарал лъазаризеги, анкьго соналдасан байбихьун лъималазда малъизеги бусурбанчиясда тIадаб бугилан хъвалеб буго исламалъул хIакъал гIалимзабаз. ГьедигIан Аллагьас ﷻ жив тIадегIан гьавурав, гьадигIан умматалъе жиндаса пайда цIикIкIарав, гьадигIан ТIадегIанав Аллагьасеги ﷻ умматалъеги хирияв сайид - МухIаммад Аварагасул ﷺ умумузул, лъималазул, гьесул хириял руччабазул чара гьечIебниги къадар нилъедаги лъачIони, нилъ кинал бусурбаби-муъминзабиха рукIинел? Нилъедаги гьеб лъазе ккола, нилъеца малъизеги ккола лъималазул ясли-ахазда, школазда, мадрасабазда, рокъо-рокъоб - кинабго рес ккарабщинаб бакIалда.

Авараг ﷺ ккола Адамил зуррияталъул, Ибрагьимил миллаталъул, ИсмагIилил наслуялъул, гIарабияб мацIалъул, бацIцIадаб аслуялъул, къурайшияб насабалъул, Гьашимияб кьибилалъул, Маккаялда гьавурав, ГIабдуллагь абун эмен вукIарав, Аминат абун эбел йикIарав, гьайбатаб, берцинаб сипаталъул, багIарлъиялъул асар гъорлъ бугеб, хъахIаб, чIурканаб кьералъул, 40 сон бараб мехалъ жив авараглъун ва Расуллъун витIарав, 23 соналъ жиндихъе Къуръан рещтIарав, тIолго халкъалде Къиямасеб къо чIезегIан расуллъун витIарав, ахирисев авараг. 23 соналъ Аллагьасул дин - ислам тIибитIизабурав, жиндир шаригIаталъ цересел шаригIатал насху гьарурав, жиндаса хирияб щибго жо бижичIев, гIумруялъул 63 сон тIубайдал Мадинаялда дунял тун арав.

МухIаммад Аварагасул ﷺ сира лъазаби буго цIакъ кIвар цIикIкIараб иш. Аварагасул ﷺ гIумру лъазабиялдаса мурад цо гIадатияв чиясул тарих лъазабиялда гIадин къокълъуларо. Гьесул тарих лъазабиялда жаниб гIаммаб халкъалъеги, щивав чиясеги чара гьечIел гIемерал пайдаби руго.

Гьесул гIумру лъазабиялдаса мурад буго гIицIго Исламалъул тарих лъазабизе гуребги, кIудияб квербакъи гьабула хирияб Къуръанги Исламияб динги битIун бичIчIун, гьелда рекъон гIумру гьабиялъе. Къуръаналда гIемерал аятал руго Аварагасул ﷺ гIумруялда гьесул гъазаватазда ва гьесулгун гIадамазул рукIарал гьоркьорлъабазда хурхун рачIарал. Гьел аятазул мурад мухIканго бичIчIизе рес гьечIо Аварагасул ﷺ гIумру лъан хадуб гурони.

Гьесул гIумру лъазабиялъ Исламияб шаригIаталъул хIужаби, далилал лъаялъе квербакъи гьабула. Гьесул абулебги гьабулебги щибаб жо шаригIаталъе аслулъун букIиндал.

Гьесул гIумру лъазабиялъ рес кьола, дунялалъул тарихалда машгьурлъарал гIадамаздаги гьесдаги гьоркьоб бугеб батIалъи лъазе. Гьелдалъун халкъалда бихьула цогидал гIадамаз гIадин жинцаго ургъун законал рахъулев гIадатияв чи гьев гуревлъи - Аллагьасул хIукму халкьалъухъе щвезабулев Аллагьасул илчи вукIин.

Гьесул гIумру батIи-батIиял тайпабазул гIадамазе гIумруялъул киналго рахъазулъ тIадегIанаб мисаллъун чIола. Гьесдаса тIадегIанаб мисал босизе рес буго, халкъалъе нухмалъи гьабулел хIукуматазул бутIрузеги, рагъул аскаразул ишал нухда рачунел бодул церехъабазеги, Аллагьасул хIакъаб нухде халкъ ахIулел ракI бацIцIадал диналъул церехъабазеги, жиндирго хъизан-лъимал берцинго тарбия кьун хьихьулезеги, динги дунялги рекъон цадахъ бачине лъалев гIадатияв бусурбанчиясеги. Гьеб гуребги, Аварагасул ﷺ гIумру лъазабиялъулъ ва гьесда нахъвилъиналъулъ буго кинабго лъикIлъи, талихI ва хвасарлъи. Щай абуни, Авараг ﷺ витIун вугелъул халкъалъе рахIматлъун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...