Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

ГIадамаздаса ватIалъун ХIираалъул нохъода Авараг чIеялъулъ хIикмат щиб букIараб?

Гьелда жаниб буго тIолабго умматалъего дарс. Киналго бусурбаби, хасго Аллагьасул диналде халкъ ахIулел гIадамал камиллъизе гIоло хIажалъула гьоркьо-гьоркьоб гIадамаздасаги ратIалъун гIибадатпикру гьабиялде. Гьез пикру гьабизе ккола ТIадегIанав Аллагьасул хIалкIолъи-къудраталъул, Гьес нилъеда сверухъ бижун бугеб хIикматаб гIаламалъул.

Гьединго пикру гьабизе ккола жиндирго гIажизлъиялъул ва живги кинабго бижанщинаб жоги кидаго Аллагьасде хIажалъиялъул, Аллагьасда цебе гьезул гьитIинлъиялъул, гьезда щибниги жо бажарунгутIиялъул. Гьес пикру гьабизе ккола Аллагьас зоб-ракьалда жаниб гIуцIун бугеб тадбиралъул ва ахираталде дандеккун дунялалъул дагьлъиялъул ва хIакъирлъиялъул, гIумруялъул къокълъиялъул, ахираталъул тIадегIанлъи, кIодолъи ва гьениб гIумруялъул ахир букIунгутIиялъул.

Гьес пикру гьабизе ккола Аллагьасул берцинал сифатазул ва цIаразул, Аллагьас тIад лъун бугеб кIудияб хIакъалъул, жинда гьеб хIакъ камилго тIубазе кIунгутIиялъул, Аллагьас жиндие кьун ругел рикIкIун хIал кIоларел нигIматазул, гьел нигIматазде данде щукру гьабун бажарунгутIиялъул, жинца ТIадегIанав Аллагьасда цере Гьесдаса ва малаикзабаздаса расги нечечIого гьарун толел мунагьазул.

Киналъулго кидаго пикру гьабулеб бугони инсанасул рекIелъ бижула Аллагьасдаса хIинкъи, гьесул рахIматалде хьул лъей, гьев вокьи ва цогидалги берцинал тIабигIатал. Гьел рекIелъ цIикIкIанагIан инсанас Аллагьасул амру нагьюги Аллагьасе гIибадат-тIагIат гьабиги хIинкъи-къаялъухъ балагьичIого Ислам тIибитIизабиги намус бацIцIадго тIубала.

Гьединлъидал халваталги гьарун пикру гьабулеб гьечIони, шайтIаналъул васвасалъги, дунялалъул берцинлъиялъги гIадамазул ахIи-хъуялъги, нафсалъул тIалабазги гьесул иман биххизабулеб гьеб загIип гьабулеб хIалтIи гьабула. ГIицIго загьираб черхалъ гьарулел гIибадатазги зикру тасбихIазги Къуръан цIалиялъги гьел магIнавиял тушбабаздаса гьев тIуванго цIунуларо.

РекIелъ хьулги хIинкъиги бижизабулеб, Аллагьасдеги Аварагасдеги рокьиги цIикIкIинабулел гьел тIадегIанал мурадазде инсан вачунеб нухал хIалтIизариялда цIикIкIарасел гIалимзабаз тасаввуфилан абула. Гьел нухал хIалтIизаризеги кинавниги бусурманчиясда тIадаб фарз буго.

Варакъат ибн Навфаль щив чи кколев? Гьес Аварагасда щиб абураб ва гьесда гьеб кисан лъараб?

Варакъат ибн Навфаль ккола Маккаялда гIумру гьабулев вукIарав къурайшияв. Аллагь разилъаяй Хадижатил вацгIал. Гьев вукIана Ислам бачIинегIанго насранияб дин босарав чи. Гьесда гIибранияб мацIалда хъвай-цIали лъалаан. ГIибранияб мацIалда бугеб Инжилалдаса гIараб мацIалде буссинабун гIемераб жо хъвалаан.

ТIоцебе Аварагас кинаб къагIидаялъ халкъ диналде ахIулеб букIараб?

Гьес Аллагь цо гьавиялде гIадамал ахIулаан Къуръаналъул аятаздалъун ва гIакълиял хIужабаздалъун. Аварагас байбихьуда халкъ Исламияб диналде балъго ахIулеб букIана. Гьес гIадамал ракIарулаан Аркъамил рокъоре, гьениб гьезие Исламалъул хIакъалъулъ вагIзаби гьарулаан. Хадуб байбихьана Исламияб диналде халкъ рагьун ахIизе.

Гьес тIоцере диналде ахIана Сафа магIардеги вахун жиндирго гIагарлъи. Макка бахун къватIире ун батIи-батIиял къапилабазухъе хьвадунги ахIулаан Исламалде гIадамал. ХIежалъул заманалдаги гIарабиязул батIи-батIиял бакIаздаса рачIарал гIадамалгун дандчIваял гьарун, гьелги ахIулаан диналде. Хадуб вагIзахабараздалъун ва гъазаваталдалъун ахIулаан.

Кинабго гьабизе ккола гIакълуялда борцун, Аллагьасде таваккалги тIамун

Аварагас байбихьуда Аллагьасул диналде гIадамал балъго ахIиялъулъ хIикмат щиб букIараб?

«Сираталда» жаниса киназдаго бихьула тIоцебе лъабго соналъ Аварагас дагIват балъго гьабулеб букIараблъи ва гьес исламалъул бицен божарал гIадамазе гурого гьабулеб букIинчIеблъи. Аллагьас гьев цIунизе ресги букIаго, Ислам халкъалъухъе швезе букIинги лъалеб букIаго, цересел соназ дагIват балъго гьабиялъе хIикмат шибха букIараб?

Гьелъие хIикмат букIана хадубккун Аллагьасул диналде халкъ ахIулел гIадамаз гьелдаса мисал босизе ккей бихьизаби. Сахаб гIакълуялъги битIараб пикруялъги тIалаб гьабулелщинал нухал хIалтIизаризе ккола Аллагьасул диналде халкъ ахIулел чагIаз. Балъго гьабизе гурого рес гьечIони, балъго гьабун, тIатун дагIват гьабизе рес щвараб мехалъ, тIатун дагIват гьабизе ккола.

Кинабго гьабизе ккола гIакълуялда борцун, Аллагьасде таваккалги тIамун. Гьединлъидал тIатун дагIват гьабиялдалъун Исламалъеги бусурбабазеги зарал кколеб бугони, дагIват балъго гьабизе ккола. Аварагасухъе вахIю рештIараб мехалъ гьелъул хIакъикъат цIехезе гьевгун цадахъ Хадижат Варакъатихъе ана, Инжил лъалев чи гьев вукIиналъ.

Гьес абуна: «Гьев дуда вихьарав вуго ЖабрагIил малаик ккола Муса аварагасухъеги вачIун вукIарав», - абун.

Къокъго абуни, Инжилалдаса Варакъатида бичIчIана МухIаммад хIакъав Авараг вукIин ва гьесдехун гьесул къавмалъ тушманлъи гьабизе бугеблъи.

Гьес абуна: «Огь, дун гIолохъанав, къуватав чи вукIаравани дур халкъалъ мун ватIаналдаса къватIиве къотIулаго дуе унго-унгояб куцалъ кумек гьабизе», - абун.

Доб мехалда гьев херав, бецлъарав чи вукIана. Гьеб абуралдаса гIемер мех балелде Варакъат хвана.

ТIоцере Исламалде щал ахIейилан Аллагьас амру гьабураб?

Аллагьас Аварагасухъе рещтIана аят, дур бищун цебесеб халкъ, дур гIагарлъи Исламалде ахIеян.

Кинаб батIалъи букIараб МухIаммад Аварагасулги цересел аварагзабазулги халкъ диналде ахIиялда жаниб?

Киналго аварагзаби Исламалда рукIана, ай гьел киназго халкъ ахIулеб букIана Аллагь цо гьавиялде ва гIибадатги Гьесие гурого гьабунгутIиялде. Киналго Аварагзабазул гIакъидатги цого букIана. ШаригIат абуни (хIарам, хIалал хьвада-чIвадиялъул куц) Аллагьас щибаб къавмалъе жиндир заманалда жиндир бакIалда рекъараб дагьа-макъаб батIалъи бугеб кьолеб букIана.

Кинавго чиясда тIадаб буго киналго аварагзабазда божизе, гьезул цонигиясда божуларев чи куфруялде уна. Киналго аварагзабаз ахир заманаялда МухIаммад Авараг вахъине вукIинги бицунеб букIана, гьесда иман лъеян жиндирго умматазда васиятги гьабулеб букIана. Щивав авараг хассаб бакIалде хассаб заманаялъе хассаб шаригIатгун витIун вукIана.

МухIаммад Авараг абуни кинабго халкъалъухъе Къиямасеб къо чIезегIан букIине бугеб шаригIатгун витIана. Гьесул шаригIаталъ цересел шаригIаталги насху гьаруна. БитIараб диналда вукIине ккани чиясе чара гьечIо МухIаммад Аварагас бачIараб шаргIалда рекъон хьвадичIого, цоги аварагзабазул шаригIатал гьанже хIалтIуларо.

МугIжизат щибжо кколеб ва гьеб аварагзабазе щай кьолеб?

МугIжизат ккола гIадаталдаса бахъараб тIолго халкъ гIажаиблъулеб дун аварагилан халкъалда цеве вахъарав чи хIакъав авараг вукIин халкъалда лъазабизе Аллагьас гьесие кьураб хассаб гьунар. Масала хварав чи чIаго гьави гIадаб, гIанса борохьлъун сверизаби гIадаб, моцI хъвалхьизаби гIадаб, рухI гьечIел жал кIалъай гIадаб.

Гьел аврагзабазе хIажалъула жал хIакъал Аллагьасул аварагзаби рукIин халкъалда лъазе ва хIакъал аврагзабиги аварагзабилъун хIалел гьерсихъабиги гIадамазда ратIа рахъизе лъазе. МугIжизатал рукIинчIелани аварагзаби аварагзабилъун рукIиналъе гIадамазде хIужа букIинароан.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...