Бищун вокьизе тIадав

Хирияб Къуръаналда Аллагьас абулеб буго (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, MyxIaммад : «Нужее Аллагь вокьулев ватани ва нуж иманалъулъ ритӀухъалги ратани, Дида нахърилъа, цинги нуж Аллагьасеги рокьизе руго ва Гьес нужер мунагьалги чуризе руго…», - ян абун.
Гьаб аяталъ нилъеда лъазабулеб буго нилъ Аллагьасул дин ккурал чагIи ратани, аварагги вокьизе кколеблъи ва гьесул суннат цIунун хьвадизе тIадабги букIин.
Цо нухалъ ГIумар-асхIабас аварагасда абула: «Я, Аллагьасул расул, дие мун киназдасаго ва сундасаго цIикIкIун вокьула, дидасаго хутIизегIан», - ин. Амма аварагас абула: «Нужер иман камилаблъун букIунаро нужерго напсаздасаги нужее дун цIикIкIун вокьизегIан», - ан (АхIмад). Гьединаб жо буго аварагасдехун нилъер букIине кколеб рокьи.
Гурони, ТIадегIанав Аллагьас доб аяталъулъ абилароан «нуж дида нахърилъаян» абейин бусурбабаздайилан. Амма цо жоялда гIамал гьабизе ва гьелда бихьизабухъе хьвадизе ккани, чара гьечIого хIажалъула гьеб лъай, цинги бокьи. Аварагасда нахърилъине ва гьев вокьизе ккани, чарагьечIого къваригIуна гьев кинав чи вукIаравали баян гьабураб гьесул гIумру лъазаби.
АсхIабзабазул аварагасдехун букIараб рокьи, гьесул гьабулеб букIараб адабхIурматалъе гIела ГIали-асхIабасул рагIаби: «Авараг вугеб бакIалда асхIабзаби рукIунаан жидер бутIрузда хIанчIи гIодор чIеледухъ», - ин абураб (Тирмизи). ХIанчIи бокьа-бокьараб бакIалда гIодор чIоларо. Гьез тIалаб гьабула хIинкъи, багъа-бачари гьечIеб, гIодобе биччараб бакI. Чиясул бетIералда хIинчI чIезе ккани, гьев вукIине ккола гъветI яги бегун лъураб чIалу кинниги.
Щиб кколеб аварагасде бугеб рокьи?
Аварагасде бугеб рокьи буго нилъер ракIазул пихъ, черхалъул квен, кIиябго рукъалъулъ талихI, лъикIабщиналъе кьучI ва къуват. Авараг вокьуларев чи чIахIиял чагIаз чIаго хваравлъун рикIкIуна. ТалихIалъул нуцIа рагьизе бокьарав чи вугони, абулеб буго гьесие бищун лъикIаблъун бугин аварагасул гIумру лъазабун, гьесдехун r рекIел рокьи цIикIкIинаби. Аварагасде рокьи цIикIкIинабулеблъунги ккола Къуръан цIали, гьесул гIумру лъазаби, суннаталда тIадчIей, гIемер салават битIи гIадал жал гьари. Аварагас гьабуралда нахърилъине нилъеца цIикIкIун хIаракат бахъарабгIан, гьесдехун рокьиги, чорхолъ берцинаб гIамал-хасияталъул асарги лъугьуна.
Авараг бищун вокьулел
Исламияб умматалда бищун лъикI гьев лъалаан асхIабзабазда. Гьезда авараг лъалаан батIа-батIаяб даражаялда. Бищун лъикI лъалездаса вукIана Абубакар-асхIаб ва гьесие бищун цIикIкIун вокьизеги вокьулаан авараг . Абубакар-асхIабас аварагасе гIоло жиндирго кинабго боцIи-мал кьуна.
Тарихалъул тIахьазда рехсон батула, гьижра гьабун Мадинаялде унелъул щибаб лахIзаталда Абубакар-асхIаб хIадурав вукIанин гьесие гIоло рухI кьезеян. Маккаялда вукIагоги гьес аварагасе гIоло гIемераб гIакъуба хIехьана. Исламалъул байбихьуда мушрикуназ аварагасда нахърилъарал бусурбабазе гIакъуба гьабулелъул, цо нухалъ АбубакарасхIабги кутакалда вухана. Гьев вихьидал абулеб букIана вигьинего ватиларин абун. Амма лъавуде вачIиндал Абубакар-асхIабас абураб тIоцебесеб рагIи букIана аварагасул щиб хIал бугебин абураб.
Гьединалго рукIана ГIумар, ГIусман ГIали асхIабзабиги. Авараг накълулъанин рагIидал ГIумар-асхIаб, ханжарги бахъун, ахIдезе лъугьана авараг накълулъанин абурасул жинца бетIер къотIулин абун. ГIусман-асхIаб кIалъазе кIоларого лъугьана. ГIали-асхIабасда цIехон буго кин нужее авараг вокьулев вукIаравин абун. Гьес жаваб гьабун буго:
«АллагьасхIаги, нижее гьев нижедасаго, лъимал-хъизамалдаса, эбел-инсудаса, боцIи-малалдаса цIикIкIун вокьулаан», - абун.
Гьездаго релълъарал рукIана цогидал асхIабзабиги, ай аварагасдехун жидер бугеб рокьиялъулъ. Зайд ибн Даснас абурав асхIаб капурзабазухъе асирлъуде ккедал, гьесда кIалгьикъулеб букIана бокьилаанищин гьанив дур бакIалда МухIаммадги вукIун, мун лъимал-хъизамалда аскIов рокъов вукIинеян.

Гьес жаваб гьабуна: «АллагьасхIаги, дие бокьила нужеца дир бетIер гьаб параялъ черхалдаса бортизабизе, аварагасул хIатIида цо заз къазегIанги», - ян. Гьеб мехалъ Маккаялъул цевехъанас абун буго: «Дида жеги вихьичIо МухIаммад асхIабзабазе вокьулев гIадин, халкъалъе жив хирияв чи», - ян.
ГIаишатица бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ Аллагьасул расуласухъе вачIана цо асхIаб (хIадис-тIахьазда рехсолеб буго гьев вукIанин Савб-асхIаб абун) ва абуна: “Я Аллагьасул расул , дие мун дидасагоги лъимал-хъизамалдасаги цIикIкIун вокьула. Цо-цо мехалъ, рокъов вугониги, ракIалде мунги щун, вихьичIого чIезе кIоларо, гьелъ духъе гIедегIула. Амма хвел ракIалде щвараб мехалъ дица пикру гьабула алжаналда мун цогидал аварагзабигун нижедаса тIадегIанаб даражаялда вукIинин ва нижеда мун вихьиларин абун. Гьеб мехалъ рещтIана: “Аллагьасе ва Гьесул расуласе мутIигIал чагIи алжаналда Аллагьас жидее нигIмат кьурал аварагзаби, сидикъунал, шагьидзаби ва лъикIал чагIигун рукIине руго”, - ян абураб магIнаялъул аят» (сурату «ан-Нисаъ», 69 аят).
Авараг накълулъун хадубги, асхIабзабазул гьесде бугеб рокьи ва дандчIвазе бугеб гIишкъу загьирлъулеб букIана гьел хвалил унтулъ ругеб сагIаталъги. Мисалалъе, БилаласхIаб хвалил унтулъ вугеб заманалда гьесул агьлу-хъизан, «огь, тIаде щвараб рухIел, мун нижедаса ватIалъулев вуго», - ян ракI къварилъун лъугьиндал, Билал-асхIабас абуна: «Огь, диде тIаде щолеб бугеб рохел! Метерисеб къоялъ дун дандчIвазе вуго МухIаммадгун ва гьесул асхIабзабигун», - ан.
Бихьиназдаса нахъе ккарал рукIинчIо руччаби
Бихьиназда релълъараб букIана руччабазулги аварагасде букIараб рокьи. Гьелги хIадурарал рукIана Аллагьасул расуласе гIоло жидер боцIи-мал, лъимал, хIатта гIумруцин кьезе. Ккараб бакIалда гьез бихьизеги гьабуна, хIехьезе ккарабги баччана. Тарихалдасан лъала, ислам къабул гьабулезе Маккаялъул капурзабаз гьабулеб букIараб зулму.
Гьедин ислам босаразул чангояй чIвазеги чIвана. Гьедин чIваразул тIоцеесейги чIужугIадан йикIана. Гьейги ккола ХаятIил яс Сумаят, тIоцебе ислам босаразул анкьабилейги йикIана гьей. Гьелъие алжаналъул рохел баркун аварагас абун букIана: «Сабруялда рукIа, я Ясирил хъизан! Нужер ахирисеб руссунеб бакI алжан буго», - ян (ГIусман ибну ГIафан).

УхIудалъул гъазават бугеб заманалда мушрикунал аварагасда сверун лъугьиндал, гьев цIунун ягъулей йикIана УммуГIамарат (Нусайбат). Гьеб рагъ лъугIун хадуб аварагас бицун буго киве вуссаниги гьеб къоялъ жив цIунун ягъулей йихьулей йикIанин Нусайбатилан. Гьеб рагъулъ Нусайбатида 12 ругъун щунги букIана.
Гьебго гъазаваталъул къоялъ Бану Динар тухумалдаса цоги чIужугIадан яхъун йиго шагьидлъарал асхIабзабазул халгьабизе. Гьелда бицун буго дур эмен, вац, рос ва вас шагьидлъанин. Амма жаваб гьабун гьелъ цIехон буго: «Авараг кин вугев?» - ан. Гьеб рагIарал мунапикъзабаз хабар тIибитIизабун буго авараг хванин абун. Гурин, аварагасе щибго лъугьараб жо гьечIин цогидаз абидал, гьелъ абун буго: «Кив гьев вугевали вихьизаве дида», - ян. Авагасда аскIое щун гьев вихьидал, гьелъ абун буго: «Мун чIаго ватани, цогидал хвеялъул къварилъи баччизе бигьаяб жо буго», - ян. Гьадинал мисалал гIемер руго асхIабзабазул тарихалда.
Я, Аллагь ! Дуца ниж гьаре Дур ХIабиб вокьулеллъун, гьесул нух ккураллъун. Къиямасеб къоялъги гьевгун рахъинаре ва алжаналъур гьесул мадугьалзабилъунги гьаре! Амин!
МУХIАММАД САЛМАНОВ