Аслияб гьумералде

Лъазе тIадаб

Лъазе тIадаб

Лъазе тIадаб

Инсул рахъалдасан Аварагасул ﷺ умумул ккола: ГIабду-ллагь, ГIабдулмутIалиб, Гьашим, ГIабдуманаф, Къусайю, Килаб, Муррат, КагIбу, Луайу, Гъалиб, Фигьру, Малик, Назар, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Ильяс, Музар, Низар, МугIад, ГIаднан.

 

Эбелалъул рахъалдасан: МухIам-мад ккола Аминатил вас, Аминатги ккола Вагьбил яс, Вагьбу ккола ГIабдулманафил ва гьевги Зугьратил, гьевги Килабил вас. Гьев Килабилъ хирияв Аварагасул ﷺ эбелалъулги инсулги насаб жубала.

Гьаб ккола тарихалъул гIалимзабиги насаб лъалел гIалимзабиги тIадрекъараб Аварагасул ﷺ умумузул тартиб. Гьаниса тIадехун рехсараб насабалда сверухъ хилаф буго. Амма киналго тIадрекъараб жо ккола МухIаммад аварагасул насаб Ибрагьим аварагасул вас ИсмагIил аварагасда хурхараб букIиналда.

Гьесул ﷺ умумул рукIана тавхIидалда. Гьесул умумул рукIана жидер заманалъул бищун къимат-къадру бугел, заманалда рекъон шаргIияб магьари лъун гурого жал данделъичIел, зина гьаби гIадал квешал пишабаздаса цIунарал.

Хириясул ﷺ хIадисалда буго: «Дун загьирлъана никахIалдалъун, дун загьирлъичIо зинаялдалъун, Адамидаса байбихьараб дир эбел-инсудаса дунго загьирлъизегIан магьариги лъолаго загьирлъана дун», - абун (ТIабрани).

  1. ГIабдуллагь - къурайшиязда гьоркьов бищун берцинав чиги бищун инсуе вокьулев васги вукIана.
  2. ГIабдулмутIалиб вукIана цо жо ккани къурайшиял жиндихъе кIанцIулев, гьезда гьоркьов къимат-къадру бугев, мискин-пакъирзаби кваназарулев, хIатта магIарде унгицин хIанчIазе кваназе жо балев, гIаракъи гьукъулев, зулму гьукъулев, къурайшиязда гъорлъ гIакълу-лъай цIикIкIарав, къадруяв чи.
  3. Гьашим вукIана къварилъи-гIатIилъи ккараб заманалда кидаго ракъарал гIадамал мискин-пакъирзаби кваназарулев. Гьесул гьурмада МухIаммад аварагасул нур букIана, жиндие къурайшиял мутIигIалги вукIана, гьесул берцинлъиялде балагьун, Маккаялъул моцIилан абулаан.
  4. ГIабдуманафида абулаан Маккаялъул моцIилан, гьев цIакъго берцинав вукIун. ГIарабияз гьесда абулаан «Файяз» абун, ай цIакъ лъикIлъаби чвахизарулев чийилан. Имам ШафигIиявги гьесул наслуялдаса ккола.
  5. Къусайю вукIана къурайшиязул тухум-кьибил цолъизабулев, гIадамазе гIаракъи гьукъулев, гьезие лъикIалдалъун вагIза гьабулев, камилав чи.
  6. Килаб - бахIарчияв, гьабиги рачун кидаго чанаве унев чи вукIана.
  7. Муррат вукIана тушбабаздаса бергьунев, къимат-къадру бугев чи.
  8. КагIбу - жиндирго къавмалъе вагIза-насихIат гьабулев, нахъа загьирлъизе вугев Аварагасул бицен гIемер гьабулев чи вукIана.
  9. Луайю - гIодове виччан, ургъун жо гьабулев чи вукIана.
  10. Фигьру - ворхатав, къвакIарав, гIадамазул хIажат цIехон, гьеб тIубалев чи вукIана.
  11. Малик - гIарабиязул хан гIадав чи вукIана.
  12. Назар - гьумер гвангъарав, гьайбатав чи вукIана.
  13. Кинанат - къадру кIудияв, жиндихъе гIарабиял хьвадулев чи вукIана.
  14. Хузаймат - халкъалда гьоркьоб рекъел-маслихIат гьабулев, къадруяв чи вукIана.
  15. Мудрикат - кинабниги тIадегIанлъи, чIухIи щварав чи. Жив тIаса вищарасул нурги гьесулъ загьирлъун букIана.
  16. Ильяс - бергьараб берцинлъи бугев, гIарабиязда аскIов цIакъ къадру кIудияв, жинда дандбан гурони гьез хIукму къотIуларев чи вукIана.
  17. Музар - жиндир берцинлъиялъ ракIал тIаде цIалев, гьаракь берцинав, гIакъилаб каламалъул чи вукIана.
  18. Низар - тIоцебе гIарабиязда жаниб хъвай-хъвагIай гьабурав, гьавураб къоялъги МухIаммад аварагасул гьурмалъ жиндир нур бихьулев чи вукIана.
  19. МугIад - цIакъ бахIарчияв, гьес бетIерлъи гьабураб бо кидаго бергьенлъабиги росун гурони тIадбуссунароан.
  20. ГIаднан - гIадамазул, жиназул зарал ккеялдасаги бер ккеялдасаги цIунарав вукIана.

 

ХIабиб МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...