Аслияб гьумералде

ГIамал гьабиялъул рахъалъ…

ГIамал гьабиялъул рахъалъ…

Авараг вукIана хIалимав, хIеренав, тамахав, мискиназегун бесдалазе кумек гьабулев, рукъалъул агьлуялъе сундулъ батаниги хIалае вахъунев, хьитал рукъулев, хъизангун лъикI вукIунев, махсара гьабулев, дунялалда хадув лъугьунарев, ахират тIаса бищарав, дунявиял ишазе гIоло ццим бахъунарев, шаргIалда данде кколареб ишалъе гIоло ццим бахъунев.

 

Сахаватлъи цIикIкIарав, тIабигIат-гIамал берцинав, «Аминун» абураб цIар щварав, гIадамазда тIаса лъугьине бокьулев, божилъи бугев, унтаразде зияраталъ, хабал агьлуялде хьвадулев, Аллагь разилъи тIалаб гьабулев, сундулъго Къуръаналъул аяталгун хIадисал гIадамазе рицунев, сабру цIикIкIарав, бечедал (гьезул бечелъиялъе гIоло) кIодо гьаруларев, мискинал гIодорегIан гьаруларев, цIураб моцIалъулги бакъалъулги гIадаб нур жиндир гьумералда бугев.

Лъица киве ахIаниги жаваб гьабулев, кьураб сайгъат къабул гьабулев, кумек хIажатазе жиндаса бажарараб гьабулев, жиндирго напс цебе гьабун, гьелъие щибго жо тIалаб гьабуларев, жиндир бугебги гIадамазе бикьулев, кIудиязул адаб гьабулев, гьитIиназда гурхIел бугев, мадугьалъихъ лъикI вукIунев, гьобол кIодо гьавулев, гьарун вачIарав нахъчIваларев, жиндихъ бугеб бикьулев, гьабураб къотIи тIубазабулев, къварилъи-захIмалъи тIаде бачIани (Аллагьасул ццим бахъиялдаса хIинкъун) бадиса магIу бачIунев, Аллагь рази гьечIеб калам гьабуларев.

ГIадамал кIодо гьарулев, живго гIодовегIанавлъун вихьулев, гьурмадаса гьими камуларев, гьаракь борхун велъанхъуларев, нечейги (Аллагьасе) хIелиги гIемерав, живго вакъун вугониги гIадамал гIорцIизарулев, гъазаватазулъ тIоцебесеб кьерда чIолев, нахъе унелъул ахирисевлъун вукIунев, Аллагь тун батIиясукьа хIинкъи гьечIев, эбелалда гурхIел, инсул адаб гьабизе кколеблъи малъулев, гIалимазул хIурмат гьабизе кантIизарулев, кинабго квешабги лъикIабги Аллагьасдасан букIин лъалев, зарал-зиян хIехьей цIикIкIарав.

Кванил щиб цебе лъуниги нахъчIвай гьабуларев, БетIергьанасул рахъалдаса даража щвеялъул мурадалда вакъун кьижаниги гIорцIун тIаде вахъунев, ракI тIеренав, иман биццатав, сундулъниги щибго чIухIи бихьизабуларев, ракI бацIцIадав, ритIухълъи камилав, чияр рекIелъе рохел лъугьинабулев, хIайваназда гурхIел гьабизе малъулев, Алжаналъул хиралъиялъулги жужахIалъул гIазабалъулги баян гьабулев.

ЛъикIаб ккун, квешаб рикIкIад гьабулев, берциналде гIадамал ахIулев, квешалдаса аскIор ругел гьукъулев, лъимал жиндие хирияв, муъминзабазе тамахав, пасикъазе кьварарав, тушбаби жиндаса хIинкъулев, асхIабзаби хирияв, жиндие бокьулареб чияе гьабуларев, Аллагьасул диналъе гIоло рухI кьезе хIадурав, Гьесдаса нечеялъ зодове валагьизе кIоларев, салам кьей кидаго тIоцебесев, квер бачиндал, дандияс нахъе босун гурони, квер биччаларев, гIисиназегун чIахIиязе цIарал берцинал кьолев.

Бичасул Расулас ﷺ тIоцее ячарай лъади Хадижат йикIана цIакъ къадруяй, бечедай гIадан. Гьелъ Аварагасда ﷺ абула жиндир бечелъи дуе бугин, гьелда бокьараб гьабеян. Аварагас ﷺ абула ракI разиго кьолищ гьебилан абун. Кьолин Хадижатица абидал, Аварагас ﷺ гьеб гIадамазда гьоркьоб бикьула. Кинабго бикьун лъугIидалги, жидее щвечIин абун рачIунел чагIи лъугIичIеб мехалда, гьел нахъчIвазе кIвечIолъиялъ Аварагас ﷺ абула, дир цIаралда нужеего къваригIараб жо босейин даранчагIахъа, хадуб дица гьеб бецIилин абун.

Гьес ﷺ лъилниги ракI бакъвазабичIо. Гьев ﷺ вукIана мажгитал (жанире гIадамал ахIиялдалъун) берцин гьарулев, гIелму камилав, калам ритIухъав, киназдаго гIамал рекъезабулев, щивасул бичIчIиялда рекъон кIалъалев, берцинал махIал рокьулев, суннатал кIалал кквей гIемерав, лъикIаб гIамалалдаса вохулев.

АнцIго соналъ гьесие ﷺ хъулухъ гьабун вукIарав Анас-асхIабас абун буго цониги нухалъ Гьес ﷺ жинда гьаб щай гьабураб яги доб щай гьабичIеб абун кIалгьикъичIилан.

Аварагасе ﷺ бокьулаан хъахIаб ретIел, тIаде цIияб босидал, гъоркь букIараб хIажатазе кьолаан. МухIаммадил ﷺ квер хъванщинаб жоялда баракат лъолаан. Гьесда бихьана Алжан, жужахI, БетIергьанас ﷻ жиндихъего гьоболлъун ахIун бищун хирияв авараглъунги гьавуна.

Гьесул ﷺ гIумру ана умматалъул ургъел гьабулаго, гьезие лъикIаб бокьун, квешаб рихун, «Уммати, уммати» (дир уммат) абун ахIулаго. ГIаишатица бицун буго Авараг ﷺ жалгун вукIунаанин гIадатияв чи гIадин кIалъан, амма какил гьаракь рагIидал Гьесул ﷺ гIамал хисулаанин.

Жиндиего захIмалъи, къварилъи, зарал-зиян гьабуразецин Гьес ﷺ дугIа гьабулаан гьел ритIун ккезаригиян гьарун.

Сардилъ гIибадат гIемер гьабулаан. Цо нухалда ГIаишатица гьикъидал, гьеб захIмалъи щай бихьизабулебин абун, дур киналго мунагьалги чурараллъунго ругеб мехалъин абидал, Гьес ﷺ жаваб гьабун буго: «Дун шукру бугев лагълъун вукIинарищ?» - абун. Аллагьас гьабеян абураб гьабун, теян абураб тун, гьукъаралдаса рикIкIалъун, Къуръаналъ малъухъе хьвадун тIамуна Гьес ﷺ гIумру. ГIаишатица абун буго, Аварагасул ﷺ гIумру Къуръаналъул букIанин.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивав бусурбанчиясе Аварагасдаса ﷺ мисал босун, Гьес ﷺ гьабураб гIадаб гIамалгун хьвада-чIвади гьабун, гIумру тIамизе.

 

ГIабдулвахIид, Харахьи росу

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...