Аслияб гьумералде

ХIудайбияталъул къотIи

ХIудайбияталъул къотIи

ХIудайбияталъул къотIи

ХIудайбияталда Аварагасулги ﷺ мушрикиназулги къотIи ккеялъул бицани бокьилаан.

 

Гьижра гьабун анлъабилеб соналъ Авараг ﷺ, гIемерал асхIабзабиги цадахъ рачун, гIумра гьабиялъул нияталда, Мадинаялдаса Маккаялде ине къватIиве вахъана. Доб заманалда Макка мушрикиназухъ букIана. ХIудайбият абураб бакIалде щведал, мушрикинал лъугьана бусурбабаз гIумра гьабизе биччаларин абун. КIиябго рахъалъе рагъ гьабизе бокьичIеб мехалда, мушрикиназ жидерго вакил ГIамрил Сугьайл витIана Аварагасулгун ﷺ ракълилаб къотIи-къай хъвазе. Гьеб къотIиги тарихалда машгьурлъана «ХIудайбияталъул къотIи» абураб цIаралда гъоркь.

 

ХIудайбияталда ккараб къотIи-къаялъулъ кинал шартIал лъун рукIарал?

Гьенир лъун рукIана гьал хадур рехсарал шартIал:

  1. Исана гIумра гьабичIого нахъруссине, тIасияб соналъ бусурбаби гIумраялде рачIине.
  2. Мушрикиназул рахъалдаса бусурбабазул рахъалде цонигияв вачIани, гьев гьез тIадвуссинавизе, бусурбабазул рахъалдаса мушрикиназул рахъалде цонигияв вачIани, гьев тIадвуссинавичIого тезе.
  3. АнцIго соналъул болжалалда кIиябго рахъалъ рагъ гьоркьоб къотIизабизе. Цогидал тухумазе Аварагасулгун яги къурайшиязулгун къотIи-къай гьабизе бокьани, кIиябго рахъалъе ихтияр кьезе гьеб гьабизе.

Мушрикиназул гьел шартIал Аварагас ﷺ къабул гьаруна. Бусурбабазе гьез лъурал шартIал цIакъ захIмалъана. Кинниги Аварагас ﷺ Аллагьасул илгьамалдалъун гьел киналго къабул гьаруна. Гьелда жаниб кIудияб маслахIатги букIана. Бусурбабазда гьеб хадуб бичIчIана. Ракълилаб къотIи-къай гьабиялдалъун бусурбабазе рес щвана мушрикиналгун цоцалъ журазе ва исламалъул берцинлъиялъул гьезие бицине. Гьелъул хIасилалда гIемерал гIадамаз ислам босана.

 

ХIудайбияталъул къотIиялда мушрикиназ лъурал киналго шартIазда Авараг разилъараб заманалда ГIумар-асхIабас щиб абураб?

Гьев Аварагасда ﷺ аскIове вачIана ва абуна: «Мун Аллагьасул хIакъав Авараг гурищ?» - ян. Аварагас уйилан абидал, ГIумарица абуна: «Нилъ хIакъаб жоялда тIад, нилъер тушбаби батIулаб жоялда тIад гьечIищ?» - ян. Гьес абуна ругилан. ГIумарица абуна: «Гьезул чIварал жужахIалде, нилъер чIварал Алжаналде унарищ?» - ян. Унилан абуна хирияв Аварагас. ГIумарица абуна: «Гьедин бугелъул нилъер диналда жаниб гъоз абу-абураб жоялда щайха нилъ разилъулел?» - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Дун Аллагьасул Расул ккола, Гьес малълъаралдаса дунги кьуруларо, Гьес дие кверги бакъизе буго», - ян. РакI хIалхьинчIого ГIумар-асхIаб цинги Абубакар-асхIабасухъе кIанцIана. Гьесги абуна: «Ле, ХатIтIабил вас, гьев Аллагьасул Расул ккола, гьев Аллагьасул амруялдаса кьуруларо, Аллагьас гьев рехунги толаро», - ян. Гьелдаса хадуб гьеб бергьенлъи беццараб сурат рещтIана Аллагьасул рахъалдасан, Аварагас ﷺ гьеб сурат ГIумарие цIализабуна. ГIумар-асхIабасул гьеб мехалъ ракIги гIодобе биччана. ГIумар-асхIабас абуна: «Гьелдаса хадуб хвезегIан дица кIалал ккуна, садакъаби гьаруна Аварагасда ﷺ аскIоб ккараб гьеб каламалъе кафаратлъун букIине гIоло», - абун.

 

Кинаб мугIжизат загьирлъараб Авараг ХIудайбияталде унаго?

ХIудайбияталде унаго Аварагги ﷺ, гьесул рагъухъабиги лъалхъана цо лълъел цIураб гвендалда аскIор ва гьениса лъим гьекъезе байбихьана. Хехго лъимги лъугIана, гIемерисезе гьекъезе гьебги щвечIо. Рагъухъабаз абуна жал къечон ругилан. Цинги Аварагас ﷺ гьезухъе цо жиндирго чIор кьуна, гьеб гвандиниб бахъун чIезабеян. Гьеб амру тIубайдал гвенд лъел цIуна ва киналго рагъухъабазул къеч хьвазегIан гьеб лъугIичIо. («Мухтасару СахIихIул Бухари»).

 

ХIудайбияталда ккараб ракълилаб къотIи-къай хадубккун сундуе сабаблъун ккараб?

Гьеб сабаблъун ва хIадурлъилъун ккана Макка шагьар бахъиялъе.

ХIудайбияталда ракълилаб къотIи-къай гьабизегIан цере рукIарал гъазаватаздаги, гьеб гьабун хадуб рукIарал гъазаватаздаги гьоркьоб щиб батIалъи букIараб?

ХIудайбияталда капурзабазулгун ракълилаб къотIи-къай гьабилалде цере гьарулел Аварагасул ﷺ гъазаватал рукIана мушрикиназул бусурбабазде гьарулел тIадекIанцIиял, гьужумал, гьезул зулмаби нахъчIвазе гьарулел гъазаватал, ай бусурбаби цIуниялъе, зарал нахъчIваялъе. ХIудайбияталдаса хадур гьарурал гъазаватал абуни рукIана киналго гIадамал исламалде ахIизе гьарурал, ай цересел гъазаватал рукIана тушбабазул гьужумал нахъчIвалел, хадусел гъазаватал рукIана бусурбабаз гьезде гьужумал гьарулеб. Гьелъие гIоло Аварагас ﷺ бану Къурайзаталъул гъазаваталдаса тIадвуссунаго абуна: «Гьанже нилъ гъазаватги гьабун гьезде тIаде ине руго, гьел нилъеда тIаде рачIине гьечIо», - ян.

 

ХIудайбияталдаса нахъвуссун хадуб Аварагас халкъ кин исламалде ахIараб?

ХIудайбияталдаса хадуб Аварагас ﷺ байбихьана халкъ исламалде ахIизе гIараб улкаялда батIи-батIиял къавмазде сариятал ритIун. Гьебго заманалда Аварагас ﷺ жиндирго чапарзаби ритIана батIи-батIиял улкабазул ханзабахъеги гьел исламалде ахIун. Аварагас ﷺ асхIабзаби ритIана, кагъталги росун, Византиялъул хан Къайсарихъе, Египеталъул хан Мукъавкъисихъе, Эфиопиялъул хан Нажашиясухъе, персазул хан Кисрахъе ва цогидазухъеги. Гьездасан ислам къабул гьабуралги ккана, гьеб нахъчIваралги ккана. ХIудайбияталда къурайшиязулгун рекъел гьабун хадуб Аварагас ﷺ гIатIидго байбихьана дагIват гьабизе.

 

(«Нурул якъин» «Фикъгьу сирати-ннабавиягь»)

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...