Аслияб гьумералде

Божилъи кьолеб

Божилъи кьолеб

Аварагасул ﷺ баргъич букIана гIарцул ва Эфиопиялъул гамачIалъ берцин гьабураб (Муслим). Гьеб букIана чIегIер-хъахIаб кьералъул гамачI (агат). ГIайшатица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца агат бугеб баргъич ххе, гьелда жаниб рахIмат буго» (Ибну ГIадий). Имам Къасталланица жиндирго «Мавагьиб» абураб тIехьалда хъван буго: «Цониги бакIалда рехсон батичIо Аварагас ﷺ тIубанго агаталъул гьабураб баргъич ххун букIанин абун», - ян.

 

Ибну ГIумарица бицана: «Аварагасул ﷺ букIана гIарцул гьабураб баргъич, гьес гьеб кваранаб квералъул гьитIинаб килщида ххунги букIунаан», - абун (Тирмизи). Гьелъ суннатаб буго нилъецаги баргъич гьеб килщида ххезе. КвегIаб квералъул килщида ххезе бегьуларин абураб жоги гуро гьеб. Гьелда ххеялъулги рачIарал рагIаби руго гIалимзабазул.

Бухари Муслимица жидерго мажмугIазда рачунел руго хIадисал, Аварагас ﷺ баргъичалда бугеб гамачI кверзул жанисеб рахъалдехун буссинабулеб букIанин абун.

Аварагасул ﷺ баргъичалда букIараб хъвай-хъвагIайги буго. Цо мухъалда - «МухIамад» абун, цогидаб мухъалда - «Расул» ва лъабабилелда - «Аллагь» абун (ал-Бухари).

Анас бин Маликидаса бицун буго: «Аварагас ﷺ гIарабиял гурел хIакимзабазухъе кагъат битIизе бокьараб мехалъ, гьес ﷺ баргъичалъул горги тIад лъун, мугьру чIвалаан. Аварагасда ﷺ абун буго гIарабиял гурел хIакимзабаз мугьру гьечIел кагътал къабул гьаризе инкар гьабулин. Гьединлъидал лъуна Аллагьасул Расулас ﷺ битIулеб кагътида мугьру. Дида (Анасида) гьанжеги гьесул квералда гьеб баргъичалдасан лъугьараб хъахIлъи бихьулеб гIадин цебечIун буго», - абун (Бухари).

Жеги Анас-асхIабасдасан бицун буго, Аварагас ﷺ хъван битIулеб кагътида мугьру чIваялъул. Аллагьасул Расулас ﷺ Кисрихъе (персазул хан), Къайсарихъе (византиязул хан) ва Нажашиясухъе (эфиопиязул хан) хабар битIизе хIукму гьабураб мехалъ, гьесда ﷺ абуна: «Гьел хIакимзабаз мугьру гьечIеб кагъат къабул гьабуларо», - ян. Цинги Аварагас ﷺ битIулеб кагътил ахиралда жиндирго гIарцул баргъичалдалъун мугьру гьабуна «МухIаммад - Аллагьасул Расул» абун хъвараб» (Бухари, Муслим).

Имам ШагIранияс «Кашфул Гъумма» абураб тIехьалда рехсон буго: «Аллагьасул Расулас ﷺ документазда мугьру чIвалеб букIана. Жинцаги абулаан: «Хъвалел кагътазда лъураб мугьру лъикI, щаклъиялдаса», - абун. Щайин абуни, кагътида чIвараб мугьруялъ бицунеб буго гьеб документ хIакъикъияб букIиналъул ва батIи-батIиял пикрабигун щакдараби нахъе рахъула», - ян.

Ибну ГIумарица бицана: «Аллагьасул Расулас ﷺ ретIулаан меседил гьабураб баргъич. Баргъичалда букIараб гамачI гьес кверзул жанисеб рахъалде сверизабулаан. Гьелда хъванги букIана: «МухIамад – Аллагьасул расул» абун. Доб заманалда (меседил баргъич бихьиназ ххезе гьукъилалде) гIадамаз хIалтIизарулел рукIана меседил гьарурал баргъичал. Цо къоялъ Аварагас ﷺ гьеб баргъич нахъе рехана ва абуна: «Дица гьеб тIокIаб ххезе гьечIо», - ян. Цинги цогидазги жидерго рукIарал меседил баргъичал нахъе рехана», - ян (Муслим).

Ибну ГIумаридаса бицараб цогидаб хIадисалда буго Аварагас ﷺ «МухIамад – Аллагьасул расул» абун баргъичалда хъвазе цогидазе биччалароанин абун (Муслим).

Ибн ГIумаридаса бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул Аварагасул ﷺ букIана гIарцул баргъич. Гьес ﷺ гьеб ххолаан (кваранаб квералъул гьитIинаб килщида).

Аварагасда ﷺ хадуб гьеб баргъич Абубакар-асхIа-басухъе щун, гьесул килщида букIана. Хадуб ГIумарихъе щун гьесухъги букIана, цинги ГIусман-асхIабасухъеги щвана. Ахирги гьеб баргъич Арис (Масжидул Къубаалда аскIоб бугеб) гъуялъубе бортана. Гьелда тIад букIана «МухIаммад – Аллагьасул Расул» абун хъванги», - ян (Бухари, Муслим).

Анасидасан бицун буго, гьеб баргъич ГIусман-асхIабасухъ букIана. Гьев гIодов чIун вукIана гъуялда аскIов, кодоб свер-сведизабулеб букIана гьебги ва тохлъукьего баргъич гьенибе бортунги анаян.

Гьелдаса хадуб кигIан балагьаниги баргъич батизеги кIун гьечIо.

Бажури ва Ибну ХIажарица рехсолеб буго гьеб баргъич гъуялъубе ккеялъе букIанин хассаб гIаламатин. Гьеб баргъичалъулъ букIанин бусурбабазе тадбир гьабиялъе балъгояб хIалкIвей. Баргъич тIагIун хадуб бусурбабазда гьоркьоб байбихьанин рагIи дандеккунгутIаби, дагIба-рагIи, хадубккун гъалмагъиралде ва чIвай-хъвеязде жибги сверараб. Цогидал гIалимзабаз абулеб буго, гьеб баргъичалъулъ букIанин Сулайман аварагасул баргъичалъулъ букIараб гIадабго балъголъийин. Щайин абуни, Аварагасул ﷺ баргъич тIагIун хадуб байбихьана бусурбабазда гьоркьоб хIалуцин, ахир-къадги ГIусман-асхIаб чIваялде жал рачIараб.

Ибну ГIумарица бицун буго: «Аллагьасул Аварагас ﷺ жиндирго гьитIинаб килщида яги баргъичалда бухьунаан гьитIинабго квар, цо кIвар бугеб жо кIочон тезе бегьулин абун ургъел ккараб мехалъ» (Тирмизи). Нилъер цо-цоязулги букIуна гьадинаб иш гьаби, рехсаралдаса бихьулеб буго гьеб пиша беццараб, хIатта суннатаблъунги букIин.

Анас-асхIабас бицун буго хIажатханалде лъугьунеб мехалъ Аварагас ﷺ баргъич бахъулаанин абун (Абу Давуд). Гьедин гьабиялдалъун Аварагас ﷺ бихьизабулеб букIана баргъичалда хъвараб Аллагьасул ﷻ цIаралъул адаб гьаби.

Цо къоялъ Аллагьасул Расуласухъе ﷺ вачIуна цояв. Гьесул квералда букIуна пахьул гьабураб баргъич. Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Гьеб щиб жо? Дудасан халлъулеб буго хъанчазул махI», - абун. Гьев чияс баргъич бахъун нахъе рехана.

Хадусеб нухалъ Аварагасухъе ﷺ вачIиндал гьесул килщида букIана маххул гьабураб баргъич. Гьаб нухалъ Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Гьеб щиб? Дида дуда тIад жужахIалъул агьлуялъул курхьен бихьулеб буго», - ян. Гьес гьебсагIатго баргъич нахъе рехана. Цинги абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, кинаб баргъич дица базе бегьилеб?» - абун. Аварагас ﷺ абуна: «ГIарцул гьабураб. Гьебги букIа абе мискъалалдаса цIикIкIараб гьечIеб (цIайиялъул къадар 1 диргьамги диргьамалъул 1/7 бутIа бугеб яги 4,25г)», - абун (АхIмад).

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...