Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIараздасан ккола «ал-ГIазизу» абурабги. Гьелъул магIна ккола хирияв, гучав абураб. Буго «ал-Басиру» абурабги цIар, жиндир магIнаги гъваридго жо лъалев, гIакъилав, нахъа букIинесеб цебеккунго лъалев абураб. «Ал-Барру» - лъикIлъи гьабулев, Аллагьасукьа хIинкъарав, тIабигIат берцинав.
«Баширу» - лъикIаб, рохалилаб хабар бицунев.
«Назиру» - хIинкъи кьолев.
«Умию» - цIализе, хъвазе лъаларев.
«Маккию» - маккаялъулав, ай Маккаялда гIумру гьабулев абураб магIнаялда.
«Маданию» - мадинаялъулав.
«ХIижазию» - хIижазалъулав.
«ГIарабию» - гIарабияв.
«Накъию» - вацIадав.
«Такъию» - такъваяв, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав.
«Вафию» - къотIи тIубазабулев.
«Валию» - хIажатазе кумек гьабулев.
«Амину» - божарав.
«Муъмину» - жинда божилъи гьабурав.
«Муътаману» - божарав, хиянат гьабуларев.
«МустIафа» - тIаса вищарав, тIокI гьавурав.
«ХIабиб» - жив вокьулев.
«ТIайиб» - лъикIав.
«ТIагьир» - вацIадав.
«МутатIагьиру» - жинца рацIад гьарулев.
«Шакир» - гьабураб лъикIлъи-ялъе мукIурав, шукру-рецц
гьабулев.
«Шакуру» гIемер шукру-рецц гьабулев.
«ШаригIу» - шаргI лъалев.
«ШафигIу» - шафагIат гьабулев.
«НасихIу» - гIакълу бугев, насихIат гьабулев.
«СалихIу» - лъикIлъаби гьарулев.
«МуслихIу» - маслихIат гьабулев, цо жо лъикIлъизабулев.
«ЗахIак» - гьумер битIарав, гьимулев.
«Мубарак» - баракат бугев, тIадегIанав.
«ХIамид» - рецц гьабулев.
«ХIаммаду» - гIемер рецц гьабулев.
«Жаваду» - сахаватав.
«Карим» - хирияв, сахаватав.
«ХIаким» - гьабулеб жо мухIканав, хIукму къотIулев.
«ГIалим» - лъай бугев.
«ХIалим» - хIелму, гурхIел бугев.
«Муаяду» - Аллагьас ﷻ жив щула гьавурав.
«Мухтар» - тIаса вищарав.
«Мухаллису» - жинца хвасар гьарулев.
«Сафию» - вацIадав.