Аслияб гьумералде

Ригьнал моцI

Ригьнал моцI

Шаввал ккола ригьин гьабиялъул моцI. Бичасул аварагас ﷺ ГIаишатги гьеб моцIалъ ячана.

Хириял диналъул вацал ва яцал, нилъеда бихьулеб буго хъизан гьабиялъулъ кинаб пайда бугебали дунялалдаги ахираталдаги. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца нужерго васазе руччабиги раче, ясал рукъалдеги кье», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Рос жиндирго чIужуялъухъ валагьидал, ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьел кIиязухъго рахIматалъул балагьиялдалъун балагьула», - ян.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  нагIана кьун буго жидеца хъизан гьабиларилан абулел бихьиназе ва гьединго рукъалде инарилан абулел руччабазеги. Бакълъухъа КIудияс абулеб букIун буго, чирахъ баканиги канлъи букIунарила чIужу гьечIеб рокъобилан.

Хъизан гьабиялъулъин абуни руго диналда, дунялалда ва ахираталда хурхарал гIемерал пайдаби. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсон гьечIо хъизан гьабурав гурони, цониги авараг. Хъизан гьабиялъул хиралъи жиндиего щвезе ва суннат ккуравлъунги вукIине гIоло ЯхIя аварагасги хъизан гьабун буго, амма аскIов гIагарлъун гьечIо, дозул шаригIаталда гьеб гIазаимаздаса букIун. Гьедин гьеб гIазимат кквеялдалъун гьев ТIадегIанав Аллагьас веццунги вуго.

МухIаммадияб шаригIаталдайин абуни, хъизан бугев чиясул хиралъи, гьечIесде дандеккун, рокъов гIодов чIарасде данде жигьадалъ вахъарасда релълъун буго. Гьединго хъизан бугев чиясул какил цо ракагIат хъизан гьечIесул 70 ракагIаталдаса хирияб бугинги абула. Хъизан гьаби ккола наслаби нахъе хутIиялъеги, зина-хатIаялдаса цIуниялъеги сабаблъун.

ГIиса аварагин абуни, ракьалде рещтIун хадуб гьесги хъизан гьабизе бугин ва гьесул лъималги рукIине ругин хъван буго тIахьазда.

Аварагас ﷺ абун буго: «Нужер квешал – хъизан гьабичIел руго, нужер хваразул гIодорегIаналги – хъизан гьечIого хварал руго», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ Жиндирго каламалдалъун гьесизарулел, кантIизарулел руго шаргIалда рекъон хъизан гьабиялде, щайгурелъул хъизан гьабиялъ нилъер иман-дин щула гьабула, шайтIан гIодобегIан гьабула, гьелъул заралалдаса, васвасаздаса цIунула, хIарамаб балагьиялдаса нилъер бералги, хIарамаб пиша-гIамалалдасаги нилъгоги цIунула. Гьединго Аварагас ﷺ нилъ ахIулел руго хъизан гьабиялде, гьелдасан ккола гьаб хIадисги: «Хъизан гьаби дир нух, суннат буго, дида цере рукIарал аварагзабазулги нух буго. Щив чи вугониги дир нухдасан вуссун, гьев чи дидасан кколаро (дир нух суннат ккуравлъун кколаро)», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....