Аслияб гьумералде

Къимат тIадегIанав

Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал цIалила.

 

«Шамаил» рагIиялъул магIна ккола чиясул лъикIлъаби ва лъикIал тIабигIатал абураб. Аварагасда ﷺ хурхараб мехалъ гьелда абула «аш-Шамаил МухIаммадия», ай Аварагасул ﷺ шамаилал (тIабигIатал).

Гьесул тухум-кьибил бацIцIадаб ва бищун лъикIаб ккола: МухIаммад Авараг ﷺ, ГIабдуллагь, ГIабдулмутIалиб, Гьашим, ГIабдулманаф, Къусай, Килаб, Муррат, КагIбу, Луайю, Гъалиб, Фигьр, Малик, Назар, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Иляс, Музар, Низар, МагIад, ГIаднан.

Аварагасул ﷺ инсул цIар ГIабдуллагь буго, гьесда тIокIцIарги букIана Абу-Къусам («сахаватав, жинда жанибе баракат бакIарарав» абураб). Гьебго цIар ккола живго МухIаммад ﷺ аварагасул цIаразул цояб. Аварагасул ﷺ эмен хвана Мадинаялда, 25 сон байдал.

Василат бин Аскайил-асхIабасдасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «ХIакълъунго Аллагьас ﷺ ИсмагIил тIаса вищана Ибрагьимил васаздаса, цинги ИсмагIилил васазда гьоркьоса гьес тIаса бищана Кинанатазул къавм. Цинги гьездасаги тIаса бищана Къурайшиязул къавм. Цинги Къурайшиязда гьоркьоса тIаса бищана Бану Гьашимил къавм, дунги Бану Гьашимида гьоркьоса тIаса вищана».

Аварагасул ﷺ берцинлъи букIана бищун камилаб. Гьелъие асхIабазабаз батIи-батIиял сипатал гьаруна. Цо-цояз гьесул гьумер релълъинабуна гвангъараб Бадруялъул моцIалда. Бадруялъул моцIалда релълъен гьабуна, щайгурелъул, гьеб сордоялъ лъикI гвангъун букIиналъ. Цогидаз Аварагасул ﷺ гьумер релълъинабуна бакъалда, цогидаз абуна гьесдаса берцинав чи вихьичIин. Юсуф аварагасе ﷺ берцинлъиялъул бащалъи кьун букIун батани, МухIаммад аварагасе ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабго берцинлъи кьуна. Амма нилъ хIайранлъичIого рукIине Аллагьас ﷻ гьелда цебе пардав лъуна. Щайин абуни, Юсуф аварагасул берцинлъи бихьидал жидеца щиб гьабулеб бугебали гIадамазда лъалеб букIинчIо. Амма Аварагасул ﷺ берцинлъи кинабго Аллагьас ﷻ загьир гьабун букIарабани, гьел лъавудаса инаан. «Мавагьибу ал-Ладуния» абураб тIехьалда хъвана: «Аварагасда ﷺ иман лъеялъул камиллъи ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасда релълъарав чи гьесда цеве ва хадуб вижичIолъиялда ракI чIезаби», - ян.

Имам КъуртIубияс бицана, ТIадегIанав Аллагьас нилъехъе Аллагьасул Расуласул ﷺ тIубараб берцинлъи загьир гьабичIин, (нилъеда гурхIиялъ). ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасул ﷺ тIубараб берцинлъи нилъее загьир гьабун букIарабани, нилъер бераз хIехьезе букIинчIо.

АсхIабзабаз кIванагIан хIаракат бахъулаан нилъеда бихьараб жоялъул бищун лъикIалдалъун Аварагасе ﷺ сипат гьабизе. Масала, гьесул гьумер гвангъараб, берцинаб Бадруялъул гъазаваталъул моцIалда релълъинабуна. Щайгурелъул, гьезда гьеб сордоялдаса лъикI гвангъараб щибниги жо бихьун букIинчIолъиялъ.

ХIисаб гьабуни, асхIабаз Аварагасе ﷺ кIванагIан Аварагасе ﷺ рекъолеб камилаб сипат гьабулаан. Цо асхIабасда абула Аварагасул ﷺ гьумералъул кунчIи хвалчал кунчIиялда релълъунищ букIарабин абун. Гьев асхIабас жаваб гьабула букIинчIин, гьесул гьумер гвангъараб Бадруялъул моцIалда релълъун букIанин абун.

Аварагасул ﷺ гьумер букIана дагьабго гургинккараб, тIубанго гургинаб букIинчIо. Гьединаб гьумер рикIкIуна берцинлъиялъул тIогьлъун. Гьесул рукIана чIегIерал берал, дагьабго жаниб багIарлъи бугеб. Беразул тIелхал рукIана дагьал халатал, цо-цоязда кколаан, рикIкIадаса балагьидал, гьел цоцалъ жемун ругин абун.

Аварагасул ﷺ букIана дагьабго гIатIидаб кIал. «ГIатIидаб кIал» абураб рагIиялъул магIна ккола гIорхъолъа араб гуреб, жиндирго черхалда рекъараб. ГIарабаз, гIадатияб къагIидаялъ, гьоркьохъеб гIатIидаб кIал рикIкIуна пасихIлъиялъул гIаламатлъун. Гьединав гьев вукIиналъ Авараг вукIана бищун пасихIавлъун, кутакалда пасихIал гIадамал доб заманалда рукIаниги.

Цо нухалъ ГIумар-асхIабас абула гьедигIан пасихIавлъун кин мун лъугьаравин абун. Аварагас ﷺ абула, кIочон тараб ИсмагIилил пасихIаб мацI дида малъанин Жибрил малаикас. Дицаги гьеб ракIалда чIезабунин абун.

МухIаммад аварагас ﷺ абуна: «Киналго гIадамазда гьоркьоса бищунго дун Адамида релълъарав вуго. Дир эмен Ибрагьимида бищунго релълъарав вуго сипат-сураталъул ва гIамал-хасияталъул рахъалъ», - ян.

Жабир ибну ГIабдуллагьица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Дида цере аварагзаби загьирлъана. Муса вукIана хIалакъав, ШанугIаялъул къавмалъул гIадамазда релълъарав. Дида вихьана ГIиса авараг, дида вихьаразул гьесда релълъарав вукIана ГIурват ибну МасгIуд. Дида вихьана Ибрагьим авараг, гьесда бищунго релълъарав чи ДихIъя абурав асхIаб вукIана».

Аварагасул ﷺ букӀана берцинаб, ризаб мегеж. Гьес мегеж къунцIулаан ва къачIалаан.

Аварагас ﷺ гӀемер ххалаан мегеж. Гьесда цадахъ букIунаан сивакги гьоркьоги. Мегеж ххалеб мехалъ гьев балагьулаан матIуялде. Ургъел тIаде щвараб мехалъ гьес гӀемер квер хъвалаан магжида. Какичурулеб мехалъ Аварагас ﷺ мегеж бикь-бикьизабулаан.

Аварагасул ﷺ ботӀродаги магжидаги гIагар-шагарго 17 хъахIаб рас букIана. Цо-цояз абуна 20 букIанинги. Гьел хIадисазул мурад буго хъахIаб рас Аварагасда ﷺ цIакъ дагьаб гурони букIинчIин, хIатта рикIкIине рес букIанин абураб.

Амма Аварагасул ﷺ бетIер хъахIлъичIо захIматал сураби рещтIаниги. Гьезда жаниб рехсон букIана Къиямасеб къоялъул захIмалъаби. Нилъер ургъел гьабиялъ ва Аллагьасул ﷺ амру тIубазабиялъ бетIер дагьабго хъахIлъана. ЛъикIго хъахIлъичIо рухIияб рахъалъ цеветIурав вукIиналъ. Авараг ﷺ вукIана сахаватав ва кIвараб кумек гIадамазе гьабулев чи. Гьев тIасан нилъеда вихьизе релълъарав вугониги, жаниса малаикгIадав вацIцIадав вукIана.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...