Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.

 

МухIаммад аварагасе ﷺ нилъеда рецц-бакъ гьабизе кин кIолеб ва гьелъие рагIаби гIеларо Аллагьас ﷻ Къуръаналда гьесие рецц гьабураб мехалъ: «ХIакълъунго, мун (МухIаммад ﷺ), тIадегIанаб тIабигIаталда вуго», - ян. Щаклъи гьечIого МухIаммад авараг ﷺ нилъее рахIматлъун ккана. Щайгурелъул гьев сабаблъун нилъее, ай МухIаммадияб умматалъе гIемерал лъикIлъаби ва тIокIлъаби щвана. ХIатта цо-цо аварагзабазе бокьун букIана авараглъиги тун МухIаммад аварагасул умматалдаса рукIине. Щайгурелъул гьезда тIокIлъиги къиматги бихьун букIиналъ. АсхIабазабазул даражаги щвана Авараг ﷺ гьоркьов ккун.

АсхIабзаби Авараггун ﷺ цадахъ рукIунаан ва гьесулгун гьалмагълъи гьабуна. Гьелъ гьезие щвана рухIияб рахъалъул даражаги ва ракI бацIцIалъиги. КигIан гIибадат гьабуниги нилъ гьезул даражаялде рахунаро. Щайгурелъул асхIабзаби ккола Авараг ﷺ вихьарал ва гьесул рухIияб асаралъ ракIал рацIцIалъарал чагIи. Тирмизиясул «Аш-Шамаил МухIаммадия» абураб тIехьалда буго, Авараг ﷺ вукъун хадуб нахъе инегIан жидер ракIазул асар дагьлъанин. Гьелъул магIна кколаро гьезул иман загIиплъанин абураб. Гьелъул магIна ккола Авараг ﷺ чIаго вугев мехалъ Гьесул ﷺ рухIияб асар ракIазде гьабулеб букIанин абураб. АсхIабзабазе Авараг ﷺ кутакалда вокьулев вукIана. Гьез боцIи-мал гуребги жидерго рухIги кьолеб букIана Аллагьасул ﷻ нухда.

ГӀабдуллагь ибну Гьишамидасан бицараб хӀадисалда буго: «Цо нухалъ жал Аварагасда ﷺ аскӀор ругеб мехалъ ГӀумар ибну ХатIабица, гьесул кверги ккун, абуна:

- Я Аллагьасул Расул, унго-унгоги дие мун вокьула дунялалда бугебщинаб жоялдаса, дидасаго хутIизегIан, - ян.

Аварагас ﷺ абула:

- Дир рухӀ кверщаликь бугев Аллагьасдалъун ﷻ гьедула, дур иман камиллъизе гьечӀо дуе дун дудасаго цӀикӀкӀун вокьизегӀан, - ян.

Цинги ГӀумарица абула:

- Гьанже дие мун дидасаго цӀакъ вокьана, - ян.

Аварагас ﷺ абула:

- Гьанже, ГӀумар, дур иман камиллъана, - ян.

Нилъеда лъала асхIаб-забаздаги гьоркьор рукIараллъи Авараг ﷺ бищун рокьулел. Гьединаздасан вукIана Абубакар-асхIаб. Гьев вукIана кидаго Аварагасда ﷺ цадахъ, жиндир напсалдасаги цеве гьавун кинабго гьесие ﷺ къурбан гьабурав. Исламалъул байбихьуда тIоцебе Аварагас ﷺ гIадамал хIакъаб нухде ахIизе лъугьиндал, гьесда ﷺ мушрикуназдасан гIемераб захIмалъи бихьана. Гьеб хIалалъулъ тIоцебе хIалае вахъарав чи вукIана Абубакар ва гьесиеги кьуна гIемераб гIакъуба. Цо нухалъ гьез вухарав Абубакар тIубараб къоялъ лъавуде вачIунарого вукIана, хIатта хвечIого ворчIиларин абун, хьулкъотIицин букIана. Амма, вигьиндал, тIоцебе гьес абуна Аллагьасул Расуласул ﷺ щиб хIал бугебин абун.

Гьижра гьабун Аварагги ﷺ Абубакар-асхIабги Мадинаялде индал, МухIаммадил ﷺ рокъов, жив мушрикуназ чIвазе вукIин лъаниги, гьесул бусада вегун чIола ГIали-асхIаб. ГIали-асхIаб вукIана Аварагасе ﷺ къолден кинниги сундулъго хIалае чIарав гIолохъанчи. ГIемерал рагъазулъги бахIарчилъи бихьизабуна ГIали-асхIабас Аварагасул ﷺ кумек гьабун.

Жакъа нилъее ТIадегIанав Аллагьас ﷻ дин рагьун кьун буго, руго гIемерал санагIалъаби дин гьабизе ва цIунизе. Гьел ресал нилъер умумузул рукIинчIо. Гьелъухъги нилъеца щукру гьабизе ккеларищ? Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ нилъеца лъазабулеб бугони, чара гьечIого Къуръанги лъазабизе ккола. Щайин абуни, ГIаишатица абун бугелъул, Авараг ﷺ Къуръан кколин, ай гьесул букIанин Къуръаналъ бихьизабураб тIабигIат. ЦIализе лъалев чияс гьеб цIаличIого тезе бегьиларо. Щайин абуни, Аварагас ﷺ гьеб цIалулеб букIиндал.

Къуръан ккола Аварагасе ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьураб бищун кIудияб мугIжизат. Къуръан цIали ккола гIибадат ва гьелъул щибаб хIарп рикIкIун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ анцIго кириги хъвала.

Къатадатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ аварагзаби ритIичIо берцинал гьурмалгун ва берцинал гьаркьалгун, ай кинабго цадахъго кьун гурони. Нилъер Авараг ﷺ вукIана берцинаб гьумералъул ва берцинаб гьаракьалъул чи», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...