Аслияб гьумералде

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Гьале тIаде щвана Авараг ﷺ гьавурав хирияб моцI – рабигIул аввал. Гьаб моцI бусурбабазе хирияб буго.  Гьаб моцI нилъеца мавлидал ахIун, Аварагасул ﷺ бицун тIобитIизе жигар бахъула. Гьаниб рехсей гьабила  цо-цо Аварагасул ахлакъал гьесул хьвада-чIвадиязул.

 

ТIадегIанаб тIабигIат

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго Авараг ﷺ рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемер тIокIлъа-баздалъун хасгьавуна. Аллагьас ﷻ Авараг тIабигIатаздалъун гIемер веццана цогидал тIокIлъабазде дандеккун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «ХIакълъунго мун, Авараг ﷺ, тIадегIанав тIабигIаталъул вуго», - ян. (Сура «ал-Къалам», аят 4).

 

ХIеренлъи

Авараг ﷺ гIадамазе бигьаяв, хIеренавлъун вукIана, кутакалда лъикI гьездехун гурхIел-рахIмуги гьабулаан. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Нужедаго гъорлъа Авараг ﷺ вачIун вуго нужехъе, нужее къварилъи ккей жиндие захIмалъулев, нуж иман лъун битIараб нухде ккезеги цIакъ бокьулев, миъминзабазда гурхIел-рахIмуги бугев». (Сура «ат-Тавбат», аят 128). Ай, нужехъе Авараг ﷺ вачIана, инсанлъиялъулъ жив нужеда релълъарав. Нижеца гьев цогидаздаса хасгьавун вукIиналъе гIоло, нужеда гурхIел гьабиялъул ретIел ретIана гьесда ва гьевги нужеда тIад тана гурхIел-рахIму бугев вукIиналъул хIужабаздалъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна жиндирго берцинал цIарал – Рауфун ва РахIимун, гьелъул магIна ккола «ГурхIулев» абун. Жиндир лъикIлъиялъулъ Аварагас ﷺ киданиги бусурбабазда ва капуразда гьоркьоб батIалъи гьабичIо.

 

Агьлуялда гурхIел

Аварагас ﷺ гурхIел агьлуялъеги гьабулаан. Анасица абуна: «Дида вихьичIо щивниги АвараггIадин хъизаналде лъикI вукIунев», - абун. Гьединго Аварагас гьезие рукъалъул хIалтIабазулъ кумекги гьабулаан.

 

Сахавалъи

Сахавалъи Аварагасул тIаби-гIатаздасан букIана. Аварагасул ﷺ сахавалъи букIинчIо гIадамал тIадецIаялъе, чIужуялъе, бечелъи тIаса инилан хIинкъун. ГIицIго Аллагьасе ﷻ гIололъун, ислам тIибитIизелъун ва ятимазе кумекалъе букIана.

 

КъотIи тIубазаби

Аварагас ﷺ кидаго къотIи тIубазабулаан ва жиндихъе цIунизе кьурабги цIунун, зарал ккезе течIого нахъе буссинабулаан. Гьединав гьев вукIиналъ гьесие цIар щвана «Аминун» абураб.

 

ТIаса лъугьин

ГIадамазул бищун хIалимав Авараг ﷺ вукIана, тIаса лъугьине бищун бокьулевлъунги вукIана. Росу тIарада ругел унтарал чагIазухъеги зиярат гьабизе унаан.

 

Бищун хирияв

Киналниги Аварагзабазда гьоркьов бищун хирияв МухIаммад Авараг ﷺ ккола. КьучIаб рагIиялда бан 124000 азарго Авараг вуго ва гьезда гьоркьор 314 расулзабиги руго.  Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана 25 Авараг. Нилъер Аварагасда ﷺ хадуб хирияв ккола Ибрагьим Авараг, хадув Муса, хадув ГIиса, хадув НухI, хадув Адам.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...