Аварагасул ﷺ гIамал-хасият
Аварагасул ﷺ гIамал-хасият
ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб хIалалдаса тIадегIанлъиялъе жив мустахIикъавлъун вихьунгутIи», - абун.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер Авараг ﷺ вижана къадру къимат бугезул бищун лъикIав, жиндир рехсей тIадегIанавлъун, рижин камилавлъун. Гьел ва гьезда релълъарал цогидалги сипатал, тIабигIатал камилавлъун Авараг ﷺ вугелъул, гьев ﷺ ккола тавазугI-хIелиялъул рахъалъги камилав, гIадамазулъ бищун гьеб цIунаравлъун. Гьелъие хIужалъунги гIела, Аллагьас ﷻ жиндие хан-Авараглъун яги лагъ-Авараглъун вукIине ихтияр кьураб мехалъ гьес ﷺ лагъ-Авараглъун вукIине тIаса бищи.
Авараг ﷺ вукIана жинда аскIоса гIадамал лъутуларев, нахъе унареллъун. Гьеб кинин абуни, гьев ﷺ вукIиналъе гIоло чIухIи гьечIев, гIадатиявлъун. ГIадатиял гIадамал жинда аскIор чIунгутIиги ханзабазул ва гьезда нахърилълъаразул пиша букIиналъе гIоло. Щив вугониги чи хIажат ккун жинда аскIове вачIани, гьесул къваригIел тIубазе къватIиве вахъунаан Авараг ﷺ. Анас-асхIабас бицун буго, цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ ячIанин чIужугIадан пуланаб хIажат гьарун, гьелъие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абунин: «Мадина шагьаралъул къватIазул бокьаралъуб дуца дидехун гIодобчIей гьабе, дун мунгун гIодов чIела», - ян (щиб хIажат шагьаралда дуе батаниги, гьеб тIубазе дун аскIов чIелин абураб магIнаялда).
Аллагьасул ﷻ расул ﷺ вукIана ракьалда тIад гIодов чIолев, кваналеб мехалъги гIодочIун кваналевлъун. ПурчIинадул гьабураб чед кваназе лагъас ахIаниги гьесиеги жаваб гьабулевлъун. Гьев ﷺ вукIана Мадинаялда рукIарал мискиназде, загIипазде, унтаразде ваккизе унев, зиярат гьабулев, гьезие хъулухъ гьабулев, жаназа тIобитIулевлъун.
Гьаболлъухъ ахIани, лъиего батIалъи гьабичIого, жаваб гьабун унаан. Сайгъат бачIани, гьебги къабул гьабулаан. «Дие сайгъат гьабун хIайваналъул бох бачIаниги гьебги дица къабул гьабула, гьеб кваназе ахIани, жавабги гьабула», - ян абулаан (Анас). Цоги, Анас-асхIабас бицун буго: «Аллагьасул ﷻ расул ﷺ хIеж гьабизе унелъул гьесда гъоркь лъураб кьили букIана басрияб, тIад тIамураб жоги квасквасалъул бугеб, ункъо диргьам гурони жиндир багьа гьечIеб. Гьес ﷺ абуна: «Я БетIергьан Аллагь ﷻ! Дуца гьаб (хIеж) гьабе жиндилъ рияъ ва сумгIат гьечIеб хIежлъун», - абун.
Гьеб хIежалда Бичасул ﷻ расулас ﷺ нусго варани бусурбабазе сайгъат гьабуна, БетIергьанасде ﷻ гIагарлъи тIалаб гьабун. Гьезул 63-яб жинцаго хъуна, хутIарал хъвейин ГIали-асхIабидаги абуна.
Макка бахъун хадуб шагьаралде лъугьунаго, Аллагьасе ﷻ хIелун, Аварагасул ﷺ бетIер букIанин бицуна тIад рекIараб вараниялъул габуралде далун, цо-цо мехалъ гьелда цун бугин нодойин кколеб хIалалда.
РекIунеб жоги гьесул ﷺ санагIалъи ккараб букIунаан. Цин хIамида, цинги гIорцIеналда, лъабабизе чуялда, хадусеб нухалъ вараниялда. Гьабулеб гIамалги букIана гьесул ﷺ щибго жиндилъ чIухIи гьечIеб, гIадатиял гIадамазулалдаса бахъун ккечIеб. ХIайваназда рекIиндалги нахъа-цере цо-цоялги рукIинарулаан.
ГIубадатил вас СагIдил вас Къайсидаса бицана: «Цо нухалъ нижехъе зиярат гьабун вачIана Аллагьасул ﷻ расул ﷺ. Авараг ﷺ нахъе ине къватIиве вахъунаго, СагIдица бачун бачIана гьев ﷺ рекIине къатIипа (бархат) тIад бан берцин гьабун хIадурараб хIама. ХIамидеги вахун Авараг ﷺ унелъул, СагIдица абуна: «Я Къайс! Аллагьасул ﷻ расуласе ﷺ нух битIун цадахъ а (гьесие ﷺ хъулухъ гьабун цадахъ вукIине)», - ян. Дунги гьесда ﷺ цадахъ вахъана. Цинги расулас ﷺ абуна: «Мунги рекIа хIамида», - ян. Аллагьасул ﷻ расуласул ﷺ амру тун гуреб, гьесул ﷺ адаб цIунун, дица гьевгун ﷺ цадахъ рекIин къабул гьабичIо. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «Яги мун дида нахъа рекIина, гурони, дурго нухда ина (нахъвусса, дида цадахъ вилълъунгеян абураб магIнаялда)». Гьеб мехалъ дунги нахъвуссана», - ян.
МухIибу ТIабараниясдаса бицун буго цоги лъугьа-бахъин. Мадинаялдаса Къубаалде щвезегIан Авараг ﷺ, мугъзада щибго тIамичIого, хIамида рекIана. Нухда унелъул гьесда ﷺ цадахъ вукIана Абу-Гьурайрат. Цо заманалдаса Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Я Абу-Гьурайрат! Дица мунги ваччилищ?» - абун. Абу-Гьурайратица цIехана: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, щиб бокьун бугеб (дица гьабизе)?» - ян. «Ваха, хIамиде», - ян абула Аварагас ﷺ. Абу-Гьурайрат лъугьун вуго хIамида рекIине, амма кIвечIого, вортун унаго Аварагасда ﷺ хурхун, цадахъ рортун руго кIиявго. ТIадеги вахъун Авараг ﷺ цIидасан хIамиде вахана ва кIиабизеги цIехана: «Я Абу-Гьурайрат! Дица мунги ваччилищ?» - абун. Абу-Гьурайратица гьелде вахине гIамал гьабуна, амма цебесеб нухалъго гIадин, кIиялго гьанжесалаги рортана хIамидаса. Лъабабизеги Аварагас ﷺ «… ваччилищ?» - абун цIехедал, Абу-Гьурайратица къабул гьабичIо ва абуна: «Ваччуге, хIакъалдалъун мун ВитIарасхIаги, дица мун ﷺ лъабабизеги хIамидаса гъоркье рехуларо», - ян.
ТIабаранияс рехсолеб буго, сапаралде асхIабзабигун вахъиндалги Авараг ﷺ квен гьабизе, цIул бакIаризе, хIайван хъвезе, гьелъие хIалтIи гьабизе кидаго цадахъ вахъун хIалтIулаанин. Гьес ﷺ абулаан: «Лъала, дица гьабичIониги нужеца гьабулелъе гIей гьабулеблъи, кинниги дие бокьуларо нужедаса ватIаго чIезе…», - ян.
Мех-мехалъ хIатIида гIицIгоги вукIунаан Авараг ﷺ, гужгат, чалма бахъунги хьвадулаан. ГIидалъул каказде унелъул ва вачIунелъул лъелго хьвадулаан. Гьалбадерие хъулухъ жинцаго гьабулаан, лъалев чи аскIове ккани, гьесие жиндирго ﷺ гужгаталъул къвал гIодоб тIамулаан. Рокъоб гьабизе кколеб щиб хIалтIи батаниги, гьебги гьабулаан. Лагъзадерилазулалдаса батIияб кваналароан, ретIунароан, гьелгун цадахъги хьвадулаан. Мискин-пакъирасе вакиллъунги вукIунаан, гьезул ретIел-хьиталъеги рацIцIалъи гьабулаан.
Гьединав вукIана Авараг ﷺ, щибго гIамалалъулъ чIухIи, ццим бахъин, цогидаздаса живго батIиявлъун вихьи гьечIев, гIадатияв, Аллагьасул ﷻ расуллъун. Аллагьас ﷻ гьесул шапагIат камун тогеги цониги бусурбанчи! Амин!