Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб заманалда лъелго арал гьезул.

 

Аварагас ﷺ бусурбабазе Мадинаялде гочине изну кьедал, гьез байбихьана Макка тезе. Гьенив хутIана цохIо Авараг ﷺ, Абубакар, ГIали ва мушрикуназ зулмуялдалъун ккун чIезарун рукIарал загIипал бусурбаби. Абубакар ва ГIали хутIана Аварагасул ﷺ амруялдалъун.

Хъизан-лъималгун цадахъ бусурбаби Мадинаялде ине лъугьиндал, мушрикиназда бичIчIана гьезие цIуни щвараблъи ва Аварагасги ﷺ Макка тезе букIин. Гьелъ гьел ургъана щибдай гьабун лъикIин абун ва хIукму ккана щибаб тухумалдаса лебалав, къуватав гIолохъанчиги вачун, киналго Аварагасде ﷺ тIаде кIанцIизе. Гьесул би киназдаго тIад бикьун, ГIабдулманафил лъималазда рецIел босизе кIвечIого букIине. Гьенир гIахьаллъаразда гьоркьов вукIана Наждалдаса вачIарав херав чиясул сураталда бугеб шайтIанги, гьелъие гьеб пикру рекIее гIуна ва гьелгун рекъана.

Аллагьасулин абуни къадар батIияб букIана. Аварагасеги ﷺ Аллагьасдасан изну щвана Мадинаялде гьижра гьабун ине. Гьеб рохалил хабар гьес Абубакарида бицана ва кIиясго къотIиги гьабуна къаси балъго Маккаялдаса къватIиреги рахъун, шагьар тедал данделъизе.

Аварагасухъе ﷺ вачIана ЖабрагIил малаик ва абуна: «Гьаб сардилъ мун дурго бусада вегуге», - ян. Аварагас ГIалиде амру гьабула жиндир бусада вегаян, ХIазрамавталдаса бачIараб гIурччинаб плащалда гъоркь вахчеян. Къурайшиязул чанго гIолилав вукIана Аварагасул ﷺ рукъги сверун ккун, гьев чIвазейилан чорокал ниятазда.

Авараг ﷺ абуни къватIиве вахъуна ва хъат цIураб ракь гьезде тирщула «Ясин» сураталъул аятги цIалулаго. Гьелдалъун гьел Аллагьас гъапуллъизарула ва Аварагги ﷺ, щибго квалквал ккечIого, къватIиве уна. Авараг ﷺ шагьар тун къватIиве ун вукIин лъайдал мушрикинал гьесда хадур рахъуна.

Аварагги ﷺ Абубакарги щола Савр абураб нохъоде ва гьенир рахчула. БачIун нусиречалъ гьениб бусенги лъола. Гьезулги ГIабдуллагь ибн Урайкъатилги къотIи букIана лъабго къоялдаса Савр нохъода данделъизе. Къурайшиял нохъодул кIалтIе щведал, Абубакарица абула: «Цояв гьанивехун балагьани, гьезда нилъ рихьилаха», - ян. Гьелъие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абула: «Щиб дуда ракIалде кколеб кIигоясул хIакъалъулъ, жидер лъабабилев Аллагьги вугев», - абун.

ГIумар бин Сухайра вукIана гьеб нохъода гIагарлъухъ Абубакарил гIи хьихьун. Гьес Маккаялдаса цIияб хабар гьезухъе щвезабулаан. Лъабго къоялдаса Аварагги ﷺ Абубакарги къватIире рахъана ГIабдуллагь бин Урайкъатица нухги бихьизабулаго. Къурайшияз жеги чIезе тун букIинчIо гьел ралагьи ва гьел ккуразе нусго варани кьезе къотIиги гьабун букIана гьез.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...