Аслияб гьумералде

Имам Шамил накълулъи

Имам Шамил накълулъи

АхIмадил хIужрадухъ хIасратав имам,

Ахир БакъигIалде вукъизе щвана.

Зияраталъ щварав багьадурасухъ

Бегьун квер бачIана Расулуллагьас.

Инхелоса Къурбан

 

Хирияв Аварагасул ﷺ  хабада вукIаго, Шамил цIакъго тавазугIалда, гIодун Аллагьасда гьардолев вукIана. Гьесул бадиса гьарзаго магIу чвахулеб букIана. ГIаламалъул Хириясухъ цIакъ гIашикълъун вукIана Шамил.

 

«Я, дир БетIергьан Аллагь, - илан гьарулеб букIана имамас, - дир ниятги, ишалги, диналъе гIоло гьарурал рагъалги Дуда цере рацIцIадал ратани, Дур Аварагас ﷺ  гьел ритIухъ гьарулелги ратани, Дур Аварагасул ﷺ  мадугьалихъа дун рикIкIад гьавуге, дие гьаниб хвелги насиб гьабе, дида гьесул ﷺ  гьумерги бихьизабе, гьесул ﷺ  рокьиги дие сайгъатлъун гьабе. Къиямасеб къоялъ МахIшаралда дун гьевгун ﷺ  цадахъ вахъинеги гьаве, гьесул ﷺ  шапагIаталдаса махIрумги гьавуге», - ян.

Унти цIикIкIиндал, имамас пачаясухъе кагъат хъвана, гIумруги рагIалде щолеб бугин, хвалда цебе ГъазимухIаммад вихьизе бокьун бугин, гьев жиндихъе виччаян. БитIун рукъалъул нуцIикIалтIе балагьун букIана имамасул бусен. НуцIа рагьанщинахъе, ГъазимухIаммад ватилин ккун, валагьулаан гьев. Амма Шамилида гьедигIан хирияв вас ГъазимухIаммад тIокIалъ вихьизе къотIи букIун гьечIо.

Унтун бусада вугев Шамилица Россияльул рагъулал ишазул министр Милютинихъе хъвараб кагътида буго: «Дун кватIичIого абадияб рокъове къокъине къачIалев вуго. Дун цевеса индал, вехь гьечIеб гIи гIадин хутIичIого рукIине, дир хъизан-лъимал цо бакIалда данде гьаризе кумек гьабе», - ян.

Рамазаналъул ахирисеб анцIго къоялъ аварагасул ﷺ  Равзаялда, Аллагьасда гьардолев вукIана имам. Цо къоялъ,  Аварагасул ﷺ  хIужраялъув, аскIов чиги гьечIого Хириясул ﷺ  хIатIаахада чIун вукIана гьев. ГIодулаго, ракI-ракIаль хIелун, имамас Аллагьасда гьарулеб букIана, жинда Аварагасул ﷺ  гьумер бихьизабеян. Гьеб мехалъ хIужраялъул гордухъан МухIаммад аварагасул ﷺ  хирияб гьумер, гвангъараб нурлъун, загьирлъана. Шамилица Хириясул ﷺ  квералда убач гьабуна ва нуранияб заталда калам гьабизе лъугьана. Хириясул ﷺ  пайизалъул махIалъ хIужраги сверухълъиги цIуна.

Илагьиял нураз Равза къалъ-къалъун гвангъизабун букIана. Гьелдалъун имамасул напсалъе хIалхьиги лъугьана, хIалалъе рохелги щвана. Вохиялъ лугби соролел ва хIайранлъиялъ ракI хIалакун кьабулеб букIана гьесул. ГIаламалъул Хирияс ﷺ  абураб жо Шамилица лъидаго бицинчIо. Гьеб къоялъ чвахулаго магIугун, соролаго черхгун вуссана имам рокъове. Гьелдаса нахъе мубаракас квен-тIехги халкъалдехун балагьиги рехун тана. Гьедин имамасул унтиги цикIкIана, гьев Аллагьасде щвезеги гIащикълъана.

Шамилил унти цIакъго цикIкIиндал, Загьидатицаги ШугIайнатицаги гьесухъе шайих АхIмад РифагIи ахIана. Гьев имамасухъе вачIиндал, руччаби къватIире лъугьана. Имамасул ичIго сон барав вас МухIаммадкамил хутIана гьезда аскIов. АхIмад РифагIияс Шамилида абуна: «Я дир вац, мун гьабсагIат Аллагьасда дандчIвазе вуго. Ла илагьа илла Ллагь абе», - ян. Имамас, кваранаб квералъул килищги борхун, шагьадат битIана. «Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» - нилъ киналго Аллагьас гIибадат гьабизе рижарал руго ва Гьесде руссинеги руго. Къурбан-гIидалъул сордоялъ абадиялъего къанщана Шамил имамасул берал ва гьев Аллагьасул рахIматалде накълулъана.

АхIмад РифагIияс МухIаммадкамилида абуна: «Я дир вас, дурго инсул кверазул махI сунтIе», - ян. ИчIго сон барав васас гIодулаго, инсул квер кодобе босана ва гьурмада бахъана. Шайихас абуна: «ГьабсагIат дуца сунтIараб махI - Аллагьасе рокьулел вализабазул махI буго. Дур эменги гьездаса вуго», - ян.

Шамил хвараб мехаль гьесде жаназаялъул как базе кинабго Мадинаялъул агьлу данделъана. Аварагасул мажгиталдаса БакъигIалда аскIобе щун рукIана жаназаялъул как базе рачIарал гIадамазул кьерал. Гьеб къоялъ руччабиги лъималги, кIудиялги гьитIиналги - киналго гIодулел рукIана. Гьенир данделъарал гIадамал тIохазде рахун рукIана.

Имамасул жаназа чуриялъеги гьесда мусру баялъеги нухмалъи гьабуна турказул султIанасул ХIижазалда вугев вакил ХIажиамин-пашаца. Имамасул хабаде лъимги гьес щвана. Шамил вукъулеб бакIалда Мадинаялъул кIудияв гIалимчи ГIабдуллагь кIалъазе вахъана. Гьес абуна: «Я исламалъул султIан, я мугьажирзабаз бетIералда лъолеб таж, я нижер диналъул кумекчи, я муъминзабазул амир! Дур хвел тIолабго дунялалъул бусурбабазе балагьлъун буго», - ян. Амма гIодун, гьесухъа тIокIалъ кIалъан бажаричIо.

<figure><img src="//as-salam.press/storage/_content/2023/01/31/1675163206_63d8f64650eb7.jpg"></figure>

Шамил имамасул баракат щвезелъун, киназго хIаракат бахъулеб букIана гьесул жаназа лъураб молол гIоркь кквезе. Имамасул жаназа босун унаго, гьелдаса зодобе бахараб нур кинабго халкъалда бихьана. Хобалда аскIобе щвараб мехалъ, имамасул жаназа гьелда кIалъана: «Я дир хоб, мун дир напсалъе нурлъунги букIа, дир ракIгъезе алжаналъул ахлъунги букIа», - ян. Гьеб калам рагIидал, аскIор рукIарал гIадамал гIакълуялдаса ана. Гьедин БакъигIалъул хабалалъ, хирияв Аварагасул ﷺ  имгIал ГIабасил къубаялда нахъа вукъана къимат тIокIав имам Шамил. Гьеб букIана 1871 соналъул 4 февраль (1287 соналъул 10-абилеб зулкъагIида).

Камилав муршид АхIмад РифагIияс Шамил имамасул зонода гьадинаб хъвай-хъвагIай гьабуна: «Гьаб буго Аллагь лъаялде вахарав, къоло щуго соналъ Аллагьасул  диналъе гIоло вагъулаго черхалда къоло щуго ругъун щварав муршид, хIакъаб нухалда гIумру тIамурав камилав имам, кIудияв гIалимчи, муъминзабазул амир, шайих Шамил-афанди Дагъистаниясул хоб. Аллагьас гьасул рухIги бацIцIад гьабеги, лъикIлъабиги гIемер гьареги».

Унтарав инсухъе ваккизе пачаяс виччарав ГъазимухIаммад Маккаялде вачIана. Эмен холеб мехалъ, ГъазимухIаммад Дагъистаналдаса хIажизабазда цадахъ паризаяб хIеж гьабулев вукIана. Эмен накълулъиялъул хабар лъайдал, цIакъго къварилъун, гIодизе лъугьана гьев. ГIемер гIодиялъ, багIарлъун, гьорон рукIана ГъазимухIаммадил берал. Гьес цадахъ рукIарал ракьцоял-хIажизабазда гьарана: «Рокъоре щвараб мехалъ, гIадамазда абе дир инсудасан жаназаяльул как баян ва ракI-ракIалъго гьесда тIасаги лъугьаян. Дунги гIурус пачаясул асир вуго. Аллагьасда гьаре, дун гьеб асирлъиялдаса эркен гьавеян», - абун. ГъазимухIаммадица пачаясул чукъбузде гIайиб гьабулеб букIана унтарав инсухъе ваккизе жив гIужда виччачIогоян. ХIакъикъаталдаги, имамасул кагъталги балъго гьарун, ГъазимухIаммад къватIиве виччазе бокьуларого рукIана гьел.

 

"Имам Шамил" МухIаммад ХIамзаевасул тIехьалдаса

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...