ХIотIочIиса имам

Гъуниб районалъул ХIотIоч росулъа ИсмагIилов ХIайбула вукIана гъваридаб гIелму-лъаялъул гIалимчи. ГьитIинго бижана гьесулъ исламияб диналде рокьи. Гьеб бихьун инсуцаги цIакъ хIаракат бахъана вас цIализавизе.
ТIоцебе гIелмуялде нух гьесие рагьана доб мехалъ росулъ рукIарал гIалимзабаз: ХIажиев ГIабдулхалица ва Шапиев ШапигIица. Гьелдаса хадуб, гIалимзаби цIехон, магIарул батIибатIиял росабалъе цIализе хьвадана. Абизе бегьула гIумруго гьесул цIалулаго анин. Биценалда рекъон, ХIайбула 23 соналъ цIалун вуго. Гьелъул 18 соналъ цIалана Сугъралъ росулъ рукIарал машгьурал гIалимзабазда цеве.
Киве щваниги гьес бихьизабуна жиндирго гIелмуялдехун бугеб гIишкъу, гьунар, бажари. Лъабкъогоялдаса цIикIкIун соналъул гIумруялде вахун вугониги, щибаб къойил гьев хьвадулев вукIана ЦIияб ЧIикIаса Кульзебе, добеги нахъеги 10 км нухги тун, гьенив вукIарав гIалим, гIемерал соназ Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул Динияб управлениялъул бетIерлъун вукIарав Ризван-къадиясухъе, гIелмиял дарсал росизе.
Гьесда цадахъ мутагIиллъун цIалулев вукIарав, гьесул лъикIав гьудул, росуцояв Забралов МухIамадица абулаан ХIайбула вукIанин гьитIинго кутакалда бегIерав, цIодорав, гIелму тIалаб гьабулев, гIамал берцинав, пагьму бугев, гIелму камилав чиян. Гьесул цIализе бугеб гъираталъ, шавкъалъ, бажариялъ жал, мутагIилзаби, гIажаибго хIайран гьарулаанин.
- Гьес кидаго гIамал гьабуна исламиял насихIатазда рекъон. ХIайбула вукIана исламалъухъ ракI унтарав, гIадамазулги ракIал гьесизарулев инсан. Хасго гьесул махщел букIана гIадамазда цеве вахъун пасихIго кIалъазе. ЦIакъ хехго батулаан къваригIараб бакIалда хIакъаб рагIи ва сундухъго балагьичIого, сундасаго хIинкъичIого абизеги абулаан.
ЦIакъ сири бан лъугьунаан исламалде рагIад рехулеб рагIи рагIидал. Аллагьас гIелмуялдалъун ва гIелмуялда рекъараб гIамалалдалъун тIадегIан гьавурав чи вукIана ХIайбула. Гьесулъ бищун цебе рехсолеб жо букIана гIаданлъи, хIалимлъи, ритIухълъи, ракIбацIалъи, гьитIинасдехунги кIудиясдехунги цого адабалдалъун кIвар кьезе бажари. Гьев вукIана жиндирго нафсалдаса бергьун бажарарав чи, - ян бицана М. Забраловас.
- Цо кинаб бугониги суалалъе жаваб гьесдасан лъазабизе заман батуларого цо-цо мехалъ ракIалде кколаан какие салам кьурабго гьесда аскIове кIанцIилин, бугониги дидаса цере цогидал ккун ратулаан, - илан абуна исламияб диналъул хIаракатчи ХIамзатов ГIисаца. Росулъ ккараб дагIба-рагIи гIодобе буссинабизе, рос-лъадиялда гьоркьоб ккараб дагIба-къец тIагIинабизе маслихIаталдеги гIедегIулаан гьев.
Гьединго ХIайбула вукIана кутакалда тIарикъаталда тIадчIарав, мухIканго устарас малъухъе гьабулев чи. Гьес гIумру гьабулеб букIана цо вацал-яцал гIадин чачаназул ракьазда цере цадахъ рукIарал чIикIаселгун, берцинго гIамалтIабигIат рекъезабун, Гъизилюрт районалъул ЦIияб ЧIикIаб росулъ.
Росдал гьариялда рекъон, гьес тIаде босана ТIадегIанав Аллагьасе I гIоло киридахъ дибирлъи гьабизе. КигIан захIматаб, хIинкъараб заман букIаниги, 3 соналъ гьабуна гьес, мухьги босичIого, дибирлъи. Балъго гьесул пикруялдаги ва бетIерлъиялдаги гъоркь росдал хабзалалда бана кIудияб, гIатIидаб, 150-200 чияс цадахъ жамагIат гьабун какал разе рукъ, мажгитилан цIарги лъечIого. Гьениб балаан рузманги, кIиябго гIидалъул какалги, тIоритIулаан цогидал диниял хIаракатчагIазул данделъиялги.

Гьесухъе шаргIиял суалалгун рачIунаан цогидал росабалъа, районаздаса гIадамал. Гьес хIаракат бахъулеб букIана вачIарав чи берцинго мурадги тIубан нухде тIовитIизе. Амма шаргIияб нухдаса кигIан дагьавниги кьурулев вукIинчIо. Щивав чи берцинго тIовитIулаан ахираталъул рокъове, хварал чурулаан, хабалъ рукъулаан, анкьица къулгьу гьабизе хабатIе вахунаан, тагIзият биххизегIан гьенив чIолаан, рослъади данделъиялъе магьари лъолаан. Гьеб кинабго гьабуралъухъ щибго мухьги босулароан. Щай дуца гьеб босулареби гьикъидал, гьес абуна: «Дица цIалулеб мехалъго къотIи гьабун букIана лъихъаниги мухь босунгутIизе», - ян.
Жиндие кьураб суннатаб садакъацин гьес босулеб букIинчIо. Къурбан къоялъ садакъаялъе бачIараб гьанцин гьес мискинзабазе бикьулаан. ХIайбулаца, аслияб къагIидаялда, гIумру гьабулеб букIана диналъе захIматал соназда. Дагъистаналда тIад хъубухъун лъураб купруялъул накIкIуца рахчизарун ругел гIалимзабиги рукIаго, диналъе тIубан нухал къарал коммунистаз цIаларал чагIи хIакъир гьарулеб заманалда.
Зама-заманалда ХIайбулаги ахIулев вукIана партиялъул райкомалде, КГБялде. ЛъикI бадибчIваялги гьарулаан. Гьесда лъабго сон туснахъалдаги базабуна. Амма гьев къуркьичIо, диналъе хилиплъичIо. Намус бацIцIалъиялде, шаргIияб нух цIуниялде, вацлъиялде гIадамал ахIулел вагIзаби балъго гьабунги гьес къотIизе течIо.
Хъизан-лъималазеги гьес исламияб кьучIалда берцинаб тарбия кьуна. Хвезе цо къо хутIараб мехалъ гьес хъизан-лъималазда абуна: «Лъидасаниги дие щибниги жо лъугьаниги, воре, нуж гьесдаса тIаса лъугьа», - илан. Рогьалил какие чуризе лъел хъабаги цIун вачIунаго, мадугьаласул машинаги тункун, 74 сонил гIумруялде вахарав ХIайбула Аллагьасул къадаралде щвана. Гьев вукъизе гIемерал гIалимзабиги диниял церехъабиги рачIун рукIана ЧIикIаре
МахIачхъалаялда бугеб мажгиталда имамлъун хIалтIулев вукIарав гIалим ХIапиз-хIажица абуна:
- Хведал гурони чиясул къимат лъалареб гIадат буго нилъер. ХIайбула вукIана исламияб нуралъул чирахълъун. Гьанже гьеб чирахъ ссвана. Амма гьес нахъе тана хIалтIул лъикIал хIасилал, - илан.
НАСРУЛА АБАКАРОВ, ЦIИЯБ ЧIИКIАБ РОСУ.