ИсмагIил хъвеялъул къокъаб баян
Ибрагьим аварагас вас хъвеялъул хабарал –
Халкъалдаго машгьураб вакъигIат бугониги,
Баркаталъе букIине, лъаларез цIализеги,
Лъезин дагьаб гIибарат, гIинтIаме, муъминзаби.
Намрузил улкаги тун, Шамалде ун хадуса
Вас гьавуни, къурбанлъун гьев хъолилан абураб
Ибрагьимил балъгояб къотIи ккун букIаниги,
РакIалдаса гьебги ун, парахатго вукIана.
Нисян, гъафлаталдаса вацIцIадав БетIергьанас
Гьесда кIочараб къотIи ракIалде щвезабуна.
Къаси кьижун вукIаго макьилъ Ибрагьимида
Аллагьасул рахъалъан «Вас хъвеян», - амру щвана.
Анкьго сордо инегIан тIатIалаго бихьана,
БатIулаб макьу гуреб, жиндие загьирлъана,
Назру гьабун букIараб къурбан ракIалде щвана,
Налъи тIубазабизе тIубараб ният лъуна.
«Нусги кварги босе», - ян васасдехунги абун,
Ибрагьим-Халилуллагь цевехун валагьана.
Гьеб кIиябгоги босун ИсмагIил-ЗабихIуллагь
Инсуда хаду-хадув, хух гIадин, вилълъанхъана.
«Нусги кварги нилъее щибизе?» - ян гьикъидал,
«Къурбаналъе куй хъвезе хIажат бугин», - абуна.
Минаялда гIагарлъухъ, гIемер рикIкIад гьечIого,
МагIардехун ралагьун, бигьагьарун къокъана.
БетIергьан-Аллагьасул амру тIубазабизе
Ибрагьимил тавакал иблисалда бихьидал,
Эсде бугеб хIасадалъ хIалхъубаб малгIун ана
Инсанасул сураталъ васасул эбелалъухъ.
«Ибрагьим, васги вачун, кив арав?» - ан гьикъана.
Магьихъе ун ругилан эбелалъ жаваб кьуна.
Хъвезе вачун анилан иблис гьелда кIалъана.
«Гьеб букIине рес гьечIин», - эбелалъ инкар ккуна.
Аллагьасул рахъалъан вас хъвейилан абураб
Амру жинде бугилан Ибрагьим чIей бицана.
«БетIергьанасул гьесде гьедин амру батани,
Гьелда дунги цIакъго-цIакъ рази йигин», - абуна.
иблису-ллагIиналъе мацIица пайда кьечIо,
Пашманлъиялъ къвалги бан, чIобого тIадбуссана.
Инсуда цадахъ унев ИсмагIилихъеги щун,
«Щиб бакIалде нуж?» - илан гьесдехун гьикъардана.
Къурбан хъвезе эменгун унев вугилан абун,
ИсмагIилица гьелъий къвакIараб жаваб кьуна.
«Къурбан дуда лъалищ?» - ан малгIун гьесда кIалъана,
«Лъаларо», - янги абун, ИсмагIил велъанхъана.
«Хъвезе вачунев вугин мун магIарде», - ян абун,
иблисалъ ИсмагIилий инсул ният бицана.
Цинги ИсмагIилица «Дун щайда хъолев?» - абун,
иблису-ллагIиналде суал баккизабуна.
Аллагьасул рахъалъан мун хъвейилан бачIараб
Амру бугин Ибрагьим чIун вугилан бицана.
Амру гьедин батани, дунги рази вугилан,
УзхIийяталъе жив хъвей васас къабул гьабуна.
Гьесул БетIергьанасе мутIигIлъи бихьун хадуб,
Хьул гьесдасаги къотIун, иблис нахъегIан къана.
Ибрагьимиде буссун, гьесулги хIалбихьизе,
«Мун кив вахъарав?» - илан суал кьезе лъугьана.
Гьесги, нагIанаги кьун, лагIин нахъе хъамуна,
Нахъ-нахъ буссун, гьеб тушман гьесда хадуб жубана.
Жамратул ГIакъабатгин ВустIагун Сугъраялда[3],
Гьеб малгIун цебе лъугьун, анкь-анкь гамачI речIчIана.
Ибрагьимги агьлуги Аллагьасул къудраталъ
Къосараб щайтIаналда таризаризе кIвечIо.
Тушманалъе хIасадалъ натижат[4] хIасуллъичIо,
ХIиллагин макруялъул донкIниб жибго хутIана.
Хадуб Ибрагьимица Аллагьасул рахъалъан
Жинде бачIараб амру ИсмагIилий бицана,
«Амруги къабул гьабун, къурбаналъе мун хъвезе
Нилъ гьанир щун ругилан», – васасдехун чучана.
«Бичасул амру дуца, эмен, тIубазе гьабе,
Иншааллагь, дуда дир гьелъулъ сабру батила», –
Гьадинаб калам гьабун, камилаб сабру гьабун,
ИсмагIил-ЗабихIуллагь хъвеялда разилъана.
Цинги Ибрагьимица кванараб хьибилалда,
Кверал-хIатIалги рухьун, вас вегизе гьавуна.
Зодор малаикзаби, халккун, балагьун чIана
Халикъасе мутIигIал эменгин вас вихьизе.
«Вухьун, чахъу кинигин, дун хъвейи берцин гьечIин,
Вичунго виччай», - илан вас инсуде кIалъана.
Инсуца квар бахъана, кверал-хIатIал ричана,
РахIаталъе вегарав бахIарав гIадин чIана;
«ГIазизай эбелалде салам бице», - абуна,
Цоцазе къо-лъикI гьабун, инсуца нус босана,
ИсмагIилил щокъроб лъун, хъвезейилан лъугьана,
Гьесул гьаналъе нусалъ щибго асар гьабичIо.
Гьеб мехалъ ЗабихIуллагь: «Дир гьурмаде валагьи
Дуй захIмат батилилан, - инсудехун кIалъана. -
Нус, гурхIел тун, лъулъаян», - кIалалъги абулаго,
КIалагъоркьеги вегун, сас къотIун гIенеккана.
КигIан цIакъбахъаниги, нусалъ инкар гьабуна,
ИсмагIилил гьанада гьелъул фурсат рекъечIо.
Гьабизе жо тIагIиндал, ццин бахъарав инсуца
Босун гIодоб речIчIидал, нус гьесдехун кIалъана:
«Жаббарасул амру дий къотIугейилан буго,
КъотIичIого теларин Халилуллагьги вуго,
КIиябго амруялъул жаваб гьабизе хIакъаб –
Жаббарасул бугелъул, дунги гьелда нахъ буго.
Дица гьав ИсмагIилил щекъер кинан къотIулеб,
КунчIун МухIаммадияб нурги надалда букIун,
Дуй бокьараб гьабизе дида хIалги кин кIолеб,
ХIалкIолев БетIергьанас амруги гьабичIого».
Зоб-ракьалъул малайкал, боржунеб жо, хIутI-хъумур,
ХIатта ралъдалъ ччугIбицин, гьеб вакъигIат бихьидал,
«Гьав эменгин васасда гурхIел гьабе», - ян абун,
Аллагьасдехун руссун, зигардизе лъугьана.
Гьеб мехалъ БетIергьанас Ибрагьим-Халиласде
«Къад саддакъта рруъя» - ян аят вахIю гьабуна.
ГьебсагIатго Жибрилги, варанигIан черх бугеб,
Бачун, Алжаналъуса цо куйгун тIаде щвана.
«Васги тун, гьесул бакIалъ, гьаб куй хъвей», - ян абидал,
Киназго, «Акбар» бачун, рохел загьир гьабуна.
Гьебги къурбаналъе хъун, ИсмагIил хвасарлъана,
Аллагьасул рахъалъан даражаги тIокIлъана.
ЖабрагIилас бачIараб гьеб куйилан абуни,
Гьабилил къабуллъараб къурбан букIанин буго, -
Къудраталъул Аллагьас Алжаналъубги хьихьун,
Ибрагьим-Халиласе сайгъатлъун жиб цIунараб.
Тавраталъул агьлуялъ хъвезе вегизавурав
ИсхIакъ вукIаравилан абулеб бугониги,
Руватаз сахIихI гьабун, халкъалъулъ машгьурлъараб,
ЗабихIуллагь-ИсмагIил вукIин мухIканаб буго.
Миллат – Ибрагьимиял, гIакъидат – АшгIариял,
Аллагь, Дуца ниж гьаре агьлу-суннатаздаса!
Гьезул баркат-шафагIат щвечIого, махIрум тоге,
МахIшаралъул къоялъги гьезда гъорлъ рахъинаре.