Аслияб гьумералде

Гьедизе тIамулаан

Гьедизе тIамулаан

Иван Грозный ва Къуръан

 

ТарихчагӀазул батӀи-батӀияб бербалагьи буго Иван Грозный пачаясул хӀакъалъулъ. Цояз абула гьев зулмучи вукIанин, цогидаз абула гьес улкаялъул ракь гIемерго гIатIид гьабунин абун.

 

ЦӀех-рехчи Резван Эфимица хъвалеб буго Иван Грозныясул заманалда гӀуцӀараб Посольский Приказалда (КъватӀисел ишазул министерство) рехсон буго «Куран татарский, на чом приводят татар к шерти» (шарт – присяга) (магIна): татаразул Къуръан, жинда тIад гьа балеб) абун.

Россиялъул некӀсиял документазул пачалихъияб архивалда цӀунун буго бусурбабаз байгIаталъул гьа кьолаго хӀалтӀизабулеб букӀараб Къуръаналъул нусха. Бищунго интересаб жо ккола Хирияб ТӀехьалъул гьеб экземпляралда жаниб «Ан-НахIл» сураталъул 91-абилеб аят меседил кьералъ хъван букӀин, гьелда аскӀоб XVII гӀасруялдаса XVIII гӀасруялъул байбихьуде щвезегӀан хъвараб гӀурус мацӀалъул курсивалда хъвараб гьеб аяталъул таржамаги буго: «Дуца Аллагьасе ﷻ кьураб рагӀи тӀубазабе, дуца гьеб тасдикъ гьабун хадуб (Аллагьасдалъун ﷻ гьедиялдалъун) кьураб гьаги хвезабуге, дуца Аллагь ﷻ дуе гIоло гъоркье чIаравлъун (поручитель) гьавуравлъидал, хӀакълъунго, Аллагьасда ﷻ лъала дуца гьабулебщина жо», - ян.

«Пикру гьабураб мехалъ гьеб ккола ва абизе бегьула, Къуръаналъул тексталъул цо бутӀа гӀурус мацӀалде таржама гьабуралъул нахъе хутӀаралъул бищунго цебесеб бугин», - ян хъвалеб буго Резван Эфимица.

Хадубги Россиялъул пачалихъияб библиотекаялъул бетӀерав библиограф А. А. Крумингица хъван буго дьяк Пётр Григорьевич Совиница пачаясулгун букӀараб дандчӀваялде Къуръаналъул копия босун букӀанин. Гьедин Иван Грозныясул букӀана Къуръаналъул хIакъалъулъ дагьа-макъаб бичӀчӀи ва гьес жиндирго бусурбабилъун ругел хIалтIухъабаздаса тӀалаб гьабулеб букӀана гьелъие, хирияб тӀехьалда, ай Къуръаналда квер лъун, гьа базе.

 

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...