Аслияб гьумералде

Суракъат Асиятилов – гIалимчи ва мугIалим

Суракъат Асиятилов – гIалимчи ва мугIалим

АнцIго соналъ цебе, ТIадегIанав Аллагьасул къадар щун, нилъедаса ватIалъана мунагьал чураяв ГIасиятиласул Суракъат. Гьев камуна тIолабго Дагъистаналъе.

Нилъее баракат щваяв ХIажиУдурат шайихасдаса байбихьун Гьидалъ рахъана гIемерал машгьурал, жидеца Дагъистаналъул тарихалда лъалкI тарал гIадамал. Суракъатил цIарги гIасрабаз букIина гьел машгьурал гIадамазул цIаразда гьоркьоб.

ГIемер соназ жиндирго гIаданлъиги, гIадатлъиги, иманияхIги, бахIарчилъиги, лебаллъиги, лъайги, гIелмуги Суракъатица хIалтIизабуна Дагъистаналъул къадру цIуниялъе. ГIумруялъго къеркьана ритIухълъи цIунун. Гьесда цIакъго хIехьезе кIвечIо араб гIасруялъул 90-абилеб соназ тIолабго Россиялдаго гIадин Дагъистаналдаги букIараб хIапу-чапур ва кибго гьечIеб гIадлу-низам.

Цо бакIалда кIалъай гьабулаго гьес абуна: «ТIадегIанав Аллагь кIочон теялъул, гIарцуе бетIер къулиялъул хIасил буго нилъер жакъасел захIмалъаби», - абун. Суракъатил рухIияб гуч нилъеда бихьана гьев 15 соналъ Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукIараб мехалъ.

Нилъеца гьаниб бицинаро халкъалъул мурадал цIунун Суракъатица бетIерлъи гьабураб Халкъияб Собраниялъул комитеталъ къабул гьарурал гIемерал законазул хIакъалъулъ.

Цого-цо абила, гьел законал гIумруялде рахъинаризе кколел идарабаз ва хIакимзабаз гьелде кьечIеб кIваралъул ва жавабчилъи гьечIолъи биччаялъул хIакъалъулъ Халкъияб Собраниялъул трибунаялдаса Суракъатица рагьун бицунаан ва гIайибазул цIаралги рехсолаан.

ТIадчагIаз гьеб жавабчилъи борхулеб гьечIолъиги букIунаан Суракъатил рекIелъ къан. Халкъияв депутатасул хIаракатчилъиги, ракIбацIцIалъиги, битIараб бицинги, гIебеде битIараб кваранаб кверги рекIее гIоларел хIакимзаби дагьал рукIинчIо Дагъистаналда. Амма гьеб къабул гьабулаан гIадатияб халкъалъ ва исламалъул церехъабаз.

Гьаниб дица тIадчIей гьабиларо 50-абилеб ва 60-абилел соназ мунагьал чураяв Суракъатица Дагъистаналда спорт цебетIеялъе гьабураб кIудияб хIалтIул. Гьеб хIаракатчилъи гIезегIан лъикI лъала халкъалда. Аслияб кIвар кьезе бокьун буго Суракъатил гIелмиябгун педагогикияб бутIаялде.

1960 соналда Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул тарихияб факультетги лъугIизе гьабун, 1960-1963 соназ цIалана Дагъистаналъул гIелмияб централъул аспирантураялда. 1963-1968 соназ вукIана гIелмияб централъул тарих лъазабулеб институталъул гIелмияв хIалтIухъанлъун.

1967 соналъ Суракъатица цIунана тарихиял гIелмабазул кандидатасул цIаралъе диссертация. Гьелъул темаги букIана «Социалистические преобразования хозяйства аварцев» абураб. 1968 соналдаса нахъе гьев хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда.

1968-1970 соназ Суракъатица нухмалъи гьабуна университеталъул Спорталъул ва физкультураялъул кафедраялъе. Хадувккун хIалтIана тарихияб факультеталда Дагъистаналъул тарих лъазабулеб кафедраялъул доцентлъун ва хадуб профессорлъун.

Суракъатица студентазе цIалулаан Шамил имамасул бетIерлъиялда Дагъистаналъул ва Чачаназул халкъазул къеркьеязул хIакъалъул лекцияби. Дунги цIалана гьеб факультеталда ва кIиго соналъ гIенеккана Суракъатил лекциязухъ.

РакIалда буго, студентаз гьесул гьабулеб букIараб адабги хIурматги. Студентазе Суракъат вукIана сундулъго мисал босулев къадруяв инсан. Гьесулги нижеде букIана инсулаб бербалагьи. Гьеб гIумруялъго кIочонаро кIудиязул адабги, дагъистаниязул намусги цIунун хьвадулев чиясда.

Халкъияб Собраниялда хIалтIулел соназги Суракъатица течIо университеталда хIалтIи. 1998 соналъ гьесие кьуна «Россиялъул тIадегIанаб школалъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIар.

Суракъатил гIелмиял цIехрехазда аслияб бакI ккола Шамил имамасул заман, Дагъистаналда XIX гIасруялъ лъай ва гIелму цебетIей, халкъазул гIумру-яшав ва гьелда хурхун кинал рукIарал жамгIиял гьоркьорлъаби абурал темабаз.

Гьел суалазе профессор Асиятиловас чIванкъотIарал, мухIканал ва гIелмияб нухги цIунун жавабал кьолел рукIана. Гьел жавабал нилъеда ратула гьесул гIелмиял хIалтIабазда.

Гьел гIелмиял хIалтIаби гуребги Суракъатица нилъее нахъе тана гIезегIан тIахьалги, казият-журналазда рахъарал макъалабиги. Дагъистаналда гIадлуги рацIцIалъиги букIине бокьаразда гьесул хъвай-хъвагIаязулъ ратула чIванкъотIарал жавабал ва масъалаби тIураялъе рихьизарурал нухал.

КIвар цIикIкIараб суаллъун гьес рикIкIунеб букIана гIолилазе тарбия кьеялъул иш. Гьелда хурхун бищун аслияблъун гьес рикIкIунаан умумузул гIадаталги, исламалъул тIалабалги тIуразари.

Гьеб лъикIаб букIиналъе ресал гIемерал ругин ва къваригIун бугин халкъалъул цолъиги, хIакимзабазул ритIухъаб ва бацIцIадаб хIалтIигиян абулаан гьес.

Цо кIалъаялда Суракъатица кьуна гьадинаб суал: «КIудияб хьулгун ва гьаригун щивас гьикъулеб буго, культураялъищ, берцинлъиялъищ яги сунца нилъ хвасар гьаризе ругелин абун? Дица жаваб кьола: цоцаздехун бугеб божилъиялъ ва Аллагьасукьа хIинкъун хьвадиялъ хвасар гьаризе ругин», - абун.

ХIАЖИ ШЕЙХМУХIАМАДОВ, ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ МУСТАХIИКЪАВ МУГIАЛИМ. ШАМИЛ РАЙОН, МАЧIАДА РОСУ

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Нужее баяналъе

Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб сура щиб? – Сура «Тавба» «Табарака» жузалда жаниб чан сура бугеб? – 11 сура Бищун гIемер къокъал сураби кинаб Къуръаналъул бутIаялъулъ бугеб? – «ГIамма» жузалъулъ. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан...


Куркъиялъул пайда

Риидалил заман тIаде щведал базараздагун тукабазда загьирлъула бищунго хириял нигIматазул цояб - куркъи. Гьелъул къимат гьабула лъикIаб махIалъухъ, гьуинаб ва беэнаб тIагIамалъухъ. Амма куркъи ккола тIагIамаб гьуинлъи гуребги, сахлъиялъе гIемерал пайдаял жал гъорлъ бугеб къиматаб кванил...


«Кавказалъул рагъул бахӀарчияб эпос – АхӀулгохI»

Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тӀобитӀана Кавказалъул рагъул аслиял лъугьа-бахъиназул цояблъун кколеб АхӀулгохIалъул рагъул хӀакъалъулъ бицараб данделъи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана экспертал, тарих бокьулел, студентал. Данделъи нухда бачана ДГИялда цебе бугеб «Тарихалъул...


Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей. ГIабдуллагь ибн Шакъикъидасан бицана: «Дица ГIаишатида гьикъана Аварагасул ﷺ кIалалъул хIакъалъулъ.   Гьелъ абуна: «Гьес кIал гIемер кколаан, хIатта нижеца абизегIан:...


Суал-жаваб

Улул гIазмаби абурал аварагзаби щал кколел ва гьеб рагIул магIна щиб? УлулгIазми абураб рагIул магIна ккола, кутакаб цIакъ бахъиялъулги, сабруялъулги, цIодорлъи-бегIерлъиялъулги бетIергьаби, ай гьел хасиятал жиделъ рукIарал чагIи абураб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда нилъер хириясде ﷺ хитIаб...