Аслияб гьумералде

ХIафиз ибну ГIасакир

ХIафиз ибну ГIасакир

ХIафиз ибну ГIасакир

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ислам цIунизе тIаде босана. Аллагьас ﷻ гьеб цIунула гIалимзабаздалъун. Гьединго БетIергьанас Аварагасул ﷺ хIадис цIунана мухIадисал гIалимзабиги рижун. Ибну ГIасакир ккола щуабилеб гIасруялъул гIалим, хIафиз ва тарихчи.

 

Ибну ГIасакирица «Табйину Казибул Муфтари» абураб тIехь хъвана нилъер гIакъидалъул имам Абул ХIасан АшгIари цIунун. ГIалимзабаз абуна умматалда тIадаб бугин Абул ХIасан АшгIариясе баркала кьезе. Гьес къосараб къавмалдаса Аварагги ﷺ асхIабзабиги жиндилъ рукIараб гIакъида нилъее цIуниялъ.

Ибну ГIасакир гьавуна 499 гьижрияб соналъ. Гьесул эбел-эмен гIелму бугел, дин ккурал чагIи рукIиналъ, лъималазул гIелмуялде рокьи бижизабуна. Гьесул лъималги гIалимзабилъун рахъана, амма ибну ГIасакирие цIикIкIун машгьурлъи щвана. Ибну ГIасакир гьавилалде эбелалда макьилъ бихьула лъимадул кIудияб къисмат бугеблъи ва гьеб лъимералъ бусурбабазе кIудияб пайда кьезе букIинги. Макьилъ гьелда абула, лъимер гьабун 40 къо индал Къасун абураб магIардеги ун, садакъа бикьеян. Гьеб буго гIемераб лъугьа-бахъин ккараб бакI. ТIоцебесеб дунялалда чIвай-хъвей гьениб ккана, Къабилица жиндирго вац Гьабил чIваялдалъун. Бицуна гьеб магIарда бугеб нохъода жаниб Гьабилил би тIад бугеб гамачI цIунун бугинги. Гьениб гIемерал аварагзабаз ва шайихзабаз гIибадатги гьабуна.

Ибну ГIасакир гьавун хадуб, макьилъ амру гьабураб куцалда, эбелалъ гьабуна. Гьеб макьу хIакъикъиябги букIана. Ибну ГIасакир дунялалда машгьурав гIалимчилъун вахъана. Гьебго макьу инсудаги бихьула, ай гьесул васас Аварагасул ﷺ суннат чIаго гьабизе бугеблъи. Тажудин Субкияс абуна: «АллагьасхIаги, гьедин гьеб ккезеги ккана», - ян.

 

ГIелму лъазабиялъул нух

Ибну ГIасакирица анлъго сон байдал жиндирго инсухъ ва гьесул кIудияв вац Абул ХIасан Сайнудинихъ хIадисал лъазаризе байбихьула. Гьесул имгIал вукIана машгьурав мухIаддис. Ибну ГIасакирил лъимерлъи гIелму тIалаб гьабулаго ана. Дамаскалда ругел гIемерал гIалимзабазухъе ун, хIадис-гIелму ва цогидал гIелмаби лъазаруна.

Ибну ГIасакирица гIелму цIалана бакI-бакIазде ун. Гьесул мугIалим Абул ХIасан ибну Къайсица, гьев сапаралъ унелъул абула: «Хьул буго Аллагьас ﷻ дудалъун гьеб иш цIи гьабилин», - абун.

МугIалимасул анищ гIададисеб батичIо ва гьесул цIалдохъан дунялалдаго машгьурав мухIаддислъун вахъана.

520 гьижрияб соналъ гьес ният гьабула хIежалде ине. Макка-Мадинаялда гьев дандчIвана гIемерал гIалимзабигун ва гIелму тIалаб гьабуна. 525 соналъ Дамаскалде тIадвуссана, гьениб ункъо сон бана. 529 соналъ гьесул эбел хола ва гьев уна Хорасаналде, гьенир рукIуна чIахIиял гIалимзаби. Ибну ГIасакир Хорасаналда ругел гIалимзабазухъе хьвадана.

 

ГIалимзабаз кьураб къимат

Гьеб заманалъул кIудияв гIалим Абул АгIла Хамазанияс цIалдохъанасда абула сапаралъе вахъине гIелму тIалаб гьабизе ихтияр кьеян абурасда: «Дидаса кIудияв гIелму цIикIкIарав мугIалим дуда ватани, дица ине ихтияр кьола. Мун ине бегьула хIафиз ибну ГIасакирихъе, гьев вуго вукIине кколев хIафиз», - ян.

Ибну ГIасакирил мугIалим Абул Фазл ТIусияс абуна: «Дида жакъа лъаларо хIафиз абураб цIар кьезе мустахIикъав чи ибну ГIасакир хутIизегIан», - ян.

Имам Нававияс абуна: «Ибну ГIасакир ккола Сириялъул хIафиз, гьелда тIадеги гьев ккола дунялалъулго хIафиз», - ян.

 

Ибну ГIасакир ва султIанзаби

Ибну ГIасакир цIакъ машгьурав чи вукIана. Нурудин Занки ккола гьеб заманалда вукIарав султIан. Гьес ибну ГIасакирил лъай кIодо гьабуна ва гьеб тIибитIизабизе гьесие кумекги гьабуна. 549 гьижрияб соналъ Нурудин Занкияс «Дарул хидис нурия» абураб мадраса бана. Мадрасалъе цебехъанлъи гьабеян ибну ГIасакирида. Бищун лъикI хIадис-гIелму лъалев вукIиналъ ибну ГIасакир нухмалъулевлъунги тола.

СалахIудин Аюбги гьесул мажлисалде вачIунаан ва цIакъ хIурмат гьабулаан. Ибну ГIасакир хун хадуб мадрасалъе бетIерлъи гьабуна гьесул вас Абу Къасимица. Къасимил дарсазде СалахIудин Аюбги вачIунаан. Къасимица жигьадазул дарсал кьезе байбихьараб мехалда СалахIудин Аюби, тIехь лъугIизегIан, дарсазде хьвадана.

 

Ибну ГIасакирил тIахьал

Ибну ГIасакирица гIемерал тIахьал хъвана. Амма кIигояб цIакъго машгьурлъана. Цояб ккола тарихалъул тIехь - «Дамаскалъул шагьаралъул тарих» абураб. Гьелъул буго 80-гIанасеб том. Дамаскалъул цIар хъвараб бугониги, гьениб батIи-батIиял шагьаразул тарихги ва гьезул гIалимзабазул цIаралги хъван руго. КIиабилеб машгьураб тIехь ккола «Табйину Казибул Муфтари», Абул ХIасан АшгIари цIунун хъвараб. Ибну Субкияс гьеб тIехьалъул хIакъалъулъ абуна: «Гьеб тIехь гьечIев чи мухIканлъиялда гьечIо», - ян. Гьеб тIехьалда хъван буго Абул ХIасан АшгIариясул гIумруялъул нухлул ва гьесда нахърилълъарал гIалимзабазул хIакъалъулъ.

Ибну ГIасакирица гьеб тIехь хъвана къосараб агьлуялъ гьесде гьереси гIунтIизабидал. Цинги гIадамаздаги бичIчIана хIакъикъат лъил рахъалда бугебали.

 

Ибну ГIасакирил гIумрудул ахир

Ибну ГIасакир хвана гьижрияб 571 соналъ 11-абилеб ражаб моцIалъ. Гьев ахирисеб сапаралъ тIовитIизе гIемерав чи вачIана. Гьев вукъулеб мехалъ СалахIудин Аюбиясги гIахьаллъи гьабуна. Жеги абула, СалахIудин Аюбияс ботIродаса тIагъур бахъун букIанин, ибну ГIасакир хванин абун, къварилъун вукIин бихьизабизе.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...