Аслияб гьумералде

Гьересиял аварагзаби

Гьересиял аварагзаби

Къиямасеб къоялъул гIаламат

Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасан ккола жал аварагзаби ругин чIарал гьагал, тохал гьерсихъаби рахъин. Гьединал къосарал чагIи жеги авараг чIаго вукIагоцин байбихьана загьирлъизе. Абугьурайратидасан бицараб кьучIаб хIадисалда буго, аварагас абунин: «Къиямасеб къо щоларо лъеберго гьересиял дажалал загьирлъун гурони. Гьезул щивас дагIба базе буго жив авараг вугилан абун», - ян (Бухари, Муслим).

Савбанидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къо щоларо дир умматалдаса цо-цо къокъа мушрикиназде нахърегIун хъанчазе лагълъи гьабизе байбихьун гурого. Дир умматалдаса рукIине руго лъеберго гьерсихъан. Гьезул щивас дагIба базе буго жив авараг вугин ва дунги аварагзабазул мугьру вугилан. Дида хадув тIокIав авараг вукIине гьечIо», - ян (Абу Давуд, Тирмизи).

Гъоркьехун рехселин цо-цо гьединал гьересиял аварагзаби.

1. Аварагасул гIумруялъул ахиралда исламалдасаги вуссун жив авараг вугилан чIана Йеменалда вукIарав Ал-Асвад АлГIанси. Гьесда цIар букIана ГIабгьалагь ибн КагIб Зулхимар ва чIегIераб чуйин абулаан гьесда. Гьедин абиялъе гIиллаги, кидаго чIегIераб чIортоялъ гьумерги бахчун гьев вукIин букIана. Асвад вукIана цIар арав сихIручи ва кутакалда сихIирав чи. ГIадамазул ракIал гьетIизелъун гIажаибал жал рихьизарулаан ва пасихIго кIалъазеги лъалаан гьесда.

Жинцаго ургъарал шигIрабиги вахIю бугилан абулаан гьес. Гьев ккола исламалда загьирлъарал гьересиял аварагзабазул тIоцевесев чи. Жинда божаралгун цадахъ Ал-Асвадица 3-4 моцIида жаниб Йемен кверде босана. Цинги аварагас гьенир ругел бусурбабазухъе гьересияв авараггун рагъ базелъун гьесизарун кагъат битIана. Аварагасул кагътие бусурбабаз жаваб гьабуна ва жиндирго рокъов чIужуялъул кумекалдалъун бусурбабаз Ал-Асвад чIвана.

Ал-Асвадил чIужу йикIана рос чIван хадув хIал гьабун Ал-Асвадица ячарайлъун. Аллагьасде ва аварагасде иманги гьелъ лъурабго букIана, цинги Ал-Асвад чIван хадуб исламги гьелъ загьир гьабуна.

2. Гьересиял аварагзабаздасан ккола Ал-Асад тухумалдаса ТIулайхIат ибн Хувайлидги. Жив авараг вугин дагIба бана гьес МухIаммад авараг ахираталде накълолъидал.

Закат бахъиялда дандечIун вукIарав муртад ХIасин Ал-Фазариясги ТIулайхIатие квербакъана. ТIулайхIица ракIчIезабулеб букIана ЖабрагIил малаикас какдаса сужда нахъе бахъеян абун вахIю жинхъе бачIанин абун. Бицуна цо нухалъ жиндирго гIадамалгун цадахъ сапаралъ унаго кутакалда лъеде хIажалъи кканин.

Цинги ТIулайхIаца абуна: «Варанабаздеги рахун цо чанго милалъ церехун индал нужеда гьениб лъим батила», - ян.

ХIакъикъаталдаги гьениб лъим батана. Гьелдаса хадуб гIемерав чияс иман лъуна ТIухIайла авараг вугин абун. ГIарабаз байбихьана Абубакр халипасде данде рахъине. Халипас, аскаргун цадахъ, Халид ибн Валид витIана ТIулайхIагун рагъ базе. Рагъ байбихьидал аскаралдаса нахъехунги чIун, халичаялда гъоркьги вахчун, жиндихъе вахIю рещтIунеб бугилан абуна гьес. Гьесул аскаралъул бетIер ГIуяйна чанго нухалъ щвана гьесухъе бачIанищ вахIю абун цIехезе. Лъабабилеб нухалъги ТIулайхIадаса жаваб щвечIеб мехалъ ГIуяйнаца абуна:

«Гьанже мун дихъ гIенекке! Дуда гьабсагIаталъ рагIила хадуб киданиги кIочене гьечIеб», - илан. Цинги аскаралда гьес абуна: «Гьав ТIулайхIат сихIирав гьерсихъан вуго. Нуж киналго рокъоре тIадрусса», - ян.

ГьебсагIаталда ТIулайхIал аскар бикь-бикьун ана. Живгоги гьев Сириялдехун ана. Цинги дагьаб заманалдаса нахъвуссунги вачIун, исламияб дин къабул гьабуна. Нигьаванд абураб рагъулъ гьевги чIвана.

3. Жив авараг вугилан чIарав гьересиял аварагзабаздасан ккола Мусайлама Ал-Каззабги. Каззабин, ай гьересияв абураб цIарги живго аварагас кьуна гьесие. Каззабида нахърилълъарал гIемерлъидал, бусурбабазе гьеб захIмалъизе байбихьана.

Абубакр асхIабасул халиплъиялъул заманалда, Ямамалъул тунка-гIусиялда Мусайламада гъури бана ва ВахIши асхIабас гьевги чIвана.

4. Бану Тамим тухумалдаса ХIарисил яс СажахIги йикIана Мусайлама Ал-Каззабил заманалда жий авараг йигилан чIун. Мусайламае бокьун букIана рагъ гьабун гьелде тIаде кIанцIизе, амма гьев хIинкъун вукIана гьелъул тухумалъ кумек гьабун, жиндаго гъури базабилин.

Цинги гьес сайгъатал ритIун, гьейгун дандчIвай тIалаб гьабуна. Гьеб дандчIваялда лъадилъун ячIайилан гьарана гьес. Мусайламагун лъабкъо къо гурони гьелъ бачIилан хъвалеб буго цо-цо тIахьазда.

Гьесдаса тIадюссун ячIиндал, гьелъ бицана кутакалда гьев вокьанилан ва чIужулъун гьесие анилан. Цинги гIадамаз цIехана магьаридухъ щиб лъурабилан.

СажахIица абуна: «Рокьуца йиххарай дида магьариялъул иш ракIалдецин щвечIо», - ян. Магьаридуй кьолеб жо тIалаб гьабун индал, гьес абуна: «Нужер гьенив будун вугищ?» - илан. Вугин жаваб кьедал, будунги ахIун Мусайламаца абуна: «СажахIие гIоло Мусайламаца рогьалил ва богол каказул бигьалъи гьабуна ва Ямамалъул бащадаб хIалухъинги дица СажахIие кьуна», - ян.

Амма гьеб хIалухъин бакIаризе гьелъ гIадамал ритIидал, вачIун Халид ибн Валидица гьел киналго рачахъана. Абула, Мусайламада кьаби щвезабун хадуб гьелъ исламияб дин босаниланги.

5. Мухтар ибн Абу ГIубайда Ас-Сакъафи. Гьесие Агьлубайт, ай аварагасул хъизан-агьлу кутакалда рокьулаан, хIатта гьес тIалаб гьабулеб букIана ХIусен чIвараздаса рецIел босизе. ГIабдуллагь ибн Зубайрил заманалда гIемерав чиги вакIарун, гьес Куфа кверде босана. Гьелдаса хадуб шайтIаналъ гьев гуккана. Жив авараг вугилан ва ЖабрагIил малаикги жиндихъе вачIунин дагIба базе байбихьана. МусгIаб ибн Зубайрица гьесулгун гIемерал рагъал гьаруна. Ахир-къадги Мухтарги чIвана.

Аварагас абухъе, рикIкIен лъебергоялде бахинегIан гьединал гьерсихъаби къиямасеб къо щвезегIан загьирлъизе руго. Гьезул ахирисевги дажал вукIине вуго.

Аллагьас нилъ цIунаги гьезул питнабаздаса.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...