Аслияб гьумералде

СагIид-афандиясул мугIалим

СагIид-афандиясул мугIалим

СагIид-афандиясул мугIалим

КIикъогогIанасев гIа-лимчи жанив вукIараб Буйнакск районалъул ЧIикIаб росу, совет хIукуматалъул заманалда чIобоголъизабуна, кIиго гIалимчи хутIизегIан. Гьелги тана жидеца гIелму загьир гьабунгутIиялда бан. Гьезул цояв ккола ПатIал ХIажияв. Гьев гьавуна 1894 соналда, ГIумарилги ПатIиматилги хъизамалда. ГIумарил эмен ХIажияс 17 соналъ гьабуна наиблъи. Гьесул вац ТIагьир-хIажияв вукIана гIелмуялъул ралъад, 35 соналъ росдае дибирлъи гьабурав чи.

Гьесул вас АхIмад-зиявдингун цадахъ байбихьана ЧIикIаб мадрасалдеги цIализе лъугьун, гIелму тIалаб гьабизе ПатIал ХIажияс.

АхIмадзиявдин абуни кIудияв гIалимчиги вахъун, 20-абилеб гIасруялъул 30-абилел соназ репрессиялде гъоркьеги ккун, тIагIинавуна.

ГьитIинго ПатIал ХIажияв эбел-инсудасаги ватIалъана. 18 сонил гIумруялде вахарав гьев росуги тун къватIиве ана гIелму тIалаб гьабизе.

ТIоцеве гьев ана Генуве. Гьениса ГIашилтIе, Дагъистаналдаго рагIарав гIалим КъурбангIалил вас МухIаммадида цеве цIализе. Хадув цIалана Игьалив, ГIумарил МухIаммадил мадрасалда. ЦIалул ахир лъуна Аргъваниб.

ГIелму цIалулаго гьесул ана 25 сон. ГьитIинаб къоялдаса нахъего ПатIал ХIажияв Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав, кутакалда гIелмуялде рокьи бугев, гьереси, хиянат, рекIкI гьечIев, цадахъ ругез жиндир адаб гьабулев, божи бугев чи вукIун вуго. Ахирги гьесул вахъана гIелмуги, варагIги бугев, гIелмуялда гIамал рекъарав чи.

35 сон байдал ячана Хадижат. Гьей унтана 14 соналъ. КIиабилей чIужу ячейин гьелъ кигIан абуниги, ХIажияс ячинчIо гьелъие бокьунгутIизе гурин абун. Гьелъ гьесие лъимерги гьабичIо. Ахирги Хадижатица ялагьун, цо яс йигей Кабахан ячана. Гьелъ ХIажиясе щуго лъимерги гьабуна: лъабго васги, кIиго ясги. Лъималазда инсуца жинцаго малъана гIелму, битIараб тарбияги кьуна.

«Инсуца киданиги вагъун, хъачIго цониги рагIи абичIо. ХIеренаб, берцинаб каламалдалъун гьабулаан малъа-хъваял», - ян бицана гьесул вас ГIабдурахIманица. ХIажияс гьевги лъикIаб гIелмуялъул даражаялде вахинавуна. СагIид-афандиясул амруялдалъун ГIумаров ГIабдурахIманица ЧIикIаб росулъ 27 соналъ дибирлъиги гьабуна. Гьелдаго цадахъ, Дагъистаналъул муфтияталъ тIадкъараб республикаялъул гIалимзабазул мажлисазе нухмалъиги гьабуна. ГIабдурахIманил лъабавго васасги гIелмиял дарсал кьолел руго жакъа ЧIикIаб мадрасалда.

ГIалимзабиги тIагIинарун, мажгит-мадрасаги къан, ПатIал ХIажив ва Якъубил ХIажияв хутIана росулъ шаргIияб нухда гIадамал рачине. Гьезул баракаталдалъун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Дагъистаналъе ва гьеб тун къватIиб, бусурбаби битIараб нухде рачине, кьуна шазалияб ва накъшубандияб тIарикъаталъул устар СагIид-афанди.

1990-абилеб соналъ дир эбелалъул яц Салимат хведал, тагIзияталда дунги СагIид-афандиги цадахъ аскIор рукIана. ПатIал ХIажиясул берцинаб сабруялъул бицунаго, КIудияс абуна: «Анлъго соналъ дида гIелму малъулаго, кинаб ахIвал-хIал букIаниги, угьан гьаракь борхун кIалъалев ХIажияв рагIичIо», - ян. Хадуб цо гьитIинаб мисалги бачана: «ХIайванги хъун, гьелъул тIом ччукIун бахъиндал, гьанаде тIутIал рачIинаредухъ ХIажиясе бокьун букIана тIад щиб бугониги базе. Амма гьаб жо байиланцин хъизамалда абичIо гьес», - илан.

ШаргIияб нухда гIумру тIамулел наслабиги тун, 98 сонги бан, 1992 соналда ПатIал ХIажияв ахираталде накълулъана.

Насрула Абакаров, ЦIияб ЧIикIаб росу

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...