Аслияб гьумералде

Инхоса ГIалихIажияв. Поэзиялъул сордо

Инхоса ГIалихIажияв. Поэзиялъул сордо

Инхоса ГIалихIажияв вукIун вуго кIудияв гIалим, гIакъил ва шагIир. 10 сон байдал гьев инсуца кьун вуго Миякьоб букIараб мадрасалде цIализе. 10 соналъ гьенивги цIалун росулъе тIадвуссун вуго. Хунздерил жамагIаталъул гьариялда рекъон, гьев витIун вуго ГIоротIа росдал дибирлъун. Гьенив дибирлъи гьабулаго ун вуго хIежалдеги. ХIежалде арав имам Шамилги ва Инхоса ГIалихIажиявги Маккаялда хIежги борхун, Мадинаялда дандчIванги руго.

 

Имам Шамилил хIурматалда, кIудияб данделъи гьабун букIунги буго гьениб дагъистанияз.

ХIежалдаса тIадвуссун хадуб, гьесул ритIухълъиги гIадамаздехун бугеб бербалагьиги бихьун, гьанжесеб Казбек районалъул жамагIаталъул гьариялда рекъон, Буртунай росулъе дибирлъун витIула. 1,5 соналъ дибирлъи гьабун буго гьениб.

Гьелдаса хадуб, 17 соналъ дибирлъи гьабун буго Эндирей абулеб лъарагIазул росулъ. КIиго нухалда хIежалдеги ана гьенив дибирлъун вукIаго. Гьесда цIар ГIали букIун буго, хIежалдаса вуссиндал хIажи тIаде жубан буго.

Гьесул асарал тIоцере къватIире рачIана 1972 соналда. Гьел асараз нилъ ахIула битIараб нухде, яхI-намус цIунизе, гIадан вокьизе, вацлъиялда хьвадизе, гIелму гIагар гьабизе. Гьев хвана 1891 соналда ва вукъун вуго Эндирей росулъ.

24 февралалда «Дарул хIикма» абураб библиотекаялда, «Ас-салам» казияталъул гIуцIиялда гъоркь, тIобитIана Инхоса ГIалихIажиясул поэзиялъул сордо. КIудияв вали, гIалим, магIарул адабияталъул классик Инхоса ГIалихIажи ракIалдещвезавиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна диниялгун магIарул адабияталъул вакилзабаз.   МухIкан гьабун абуни, Инхоса ГIалихIажиясул поэзиялъул сордоялде ракIарун рукIана ТIаса-Инхо росдал жамагIатгун гьесул ирсилал, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул вакил Мурад АхIмадов, «Фикр» аналитикияб централъул нухмалъулев МухIаммадрасул ГIумаров, Миннацалъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад Халилович,

Дагъистаналъул мустахIикъал артистал ХIамзалав ХIамзалов, ХирамухIаммад МухIаммадов, «ХIакъикъат» казияталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасанов, гьесул заместитель Зикрула Ильясов, мухбир ПатIимат СултIанмухIаммадова, ДГУ, ДГИ, ДГПУ вузазул вакилзабигун магIарул адабияталде рокьи бугелщинал. 

Мажлисалъе нухмалъи гьабуна ХIамзалав ХIамзаловас.

Мажлисалъе байбихьи лъезе ва гьелъул бугеб мурад бицун кIалъазе вахъана магIарул мацIалда къватIибе биччалеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадов. «Гьаб мажлис гIуцIиялъе ккараб аслияб мурад буго Дагъистаналъул халкъазул мацIал цIунигун машгьурал классиказул адабият гIун бачIунеб гIелалда лъазаби, гьелъул гъваридаб магIна гьезда рекIелъе бортизаби.

Инхоса ГIалихIажи вукIана Аллагьасул вали, гIалим, машгьурав шагIир. Гьесул асарал руго халкъ намус бацIцIалъиялде ахIулел, диналъул тIалабал щулаго кквеялде, ритIухълъи цIуниялде ва Бичасул аварагасул ﷺ гIумру баян гьабиялде нилъ рачунел. ГьабсагIаталда магIарул адабияталдагун халкъалъ бицунеб магIарул мацIалда жанир ГIалихIажиясул цIакъ гIемерал рагIаби руго кици-биценлъун лъугьарал. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула гьадинал рагIаби: «ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хур»; «Нилъер-чияр чи лъазе, чи чIвалареб кьал ккаги» ва гьелдаго релълъарал жеги гIемерал жугьаби. 

Инхоса ГIалихIажиясул рухIияб ирсалде жанибе бакIарун буго адабиятгун халкъ битIараб нухда тIобитIиялъул нух. Кинаб гьесул асар босаниги, гьаб жакъа къоялъ нилъее хъварабин ккола. Дир пикруялда, гьеб буго ГIалихIажил букIараб щулияб иманалъулгун гъваридаб гIелмуялъул хIасил.

Гьадинал данделъаби гьаричIони ва гьесул асарал цIалулел гьечIони, гIун бачIунеб гIелалда кIоченехъин буго гьеб кинабго», - ян бицана ГIабдуллагь МухIаммадовас. 

КIалъазе рахъараз бицана ГIалихIажиясул гIумруялъул, гьесул ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ. Ва ахиралдаги киназго разилъи загьир гьабуна гьадинаб мажлис гIуцIараб «Ас-салам» казияталъул редакциялдаса.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...