Аслияб гьумералде

Шамил имамасул хъизан ШугIайнат

Шамил имамасул хъизан ШугIайнат

Шамил имамасул хъизан ШугIайнат

Моздокалъул эрменай,

Ахъбердилас хъамурай,

Гьесул хъахIаб чуялда

Даргъо росулъе щвана.

Расул ХIамзатов

 

1840 соналъ гьарурал чабхъеназда, хасаб бакI ккола Гехиялъул наиб Ахъбердил МухIаммадица цебехъанлъиялда, муридзабазул къокъаялъ сентябрь моцIалда Моздокалде гьабураб чабхъеналъ.

 

 29-абилеб сентябралъул къаси сардилъ, Терек гIорги бахун, гьесул муридзаби Моздокалъул хъалаялде гIагарлъула. ГIурус аскаралъул жасусазда рихьичIого шагьаралде гIагарлъизе кIудияб кумек ккана муридзабазе тIупун накIкI лъун букIиналъ. Амма хъала сверун кквезе къачIадулел Ахъбердиласул рагъухъаби, циндаго накIкIги борхун ун, хъатинир лъурал гIадин хъаладул горнизоналда цере рехун хутIана. Шагьар цIунарал пачаясулаз рикIкIен гIемераб гIарада тIаде бан муридзабазе рес рекъечIо гьеб бахъизе. Гьужум гьабун хъала босизе рес гьечIолъи бихьидал, гьелда сверухъ бакIалдаса щвараб давлаги босун, наибас хIукму гьабула Чачаналъе тIадвуссине.

ГIезегIанго асир гьарурал гIадамал рикIкIинчIого, кIиазаргоялдаса цIикIкIараб чIегIерхIайван бачIана Ахъбердилас гьениса цебекъотIун. Дагъистаналдаса тIадвуссун имам вачIиндал, наибас Моздокалде гьабураб чабхъеналъул хIасилал баян гьаруна гьесие. Асиразда гьоркьой йикIана насранияв, Моздокалъул бечедав базарганасул анцIила микьго сон барай яс Анна Уллуханова. Гьей асир гьаюла гьитIинабго солдатазул къокъаялъ цIунараб, чIухIараб пайтоналдаги рекIун Ставрополалъул рахъалдехун унеб нухда. Гьелъ хадуб жинцаго бицана Шамилил бо тIаде кIанцIиялдаса хIинкъун Ставрополалде йитIун уней йикIанин жий гьеб заманалда. Гьениса Анна йитIизе йикIана АхIулгохIил рагъда пачаясулазе бетIерлъи гьабурав генерал Граббее бахIарайлъун. Амма Аллагьасул хIукму батIияб букIана – гьей Шамилил къайицадахъайлъун лъугьана. Имамасул бахIарчилъиялъул, ритIухълъиялъул ва гIадиллъиялъул гIемер бицунеб рагIун, гьев вихьизе гIищкъуялда йикIана Анна. Имамасул амру букIана гьей гьижра гьабун вачIарав Хунзахъа бахIарчи ХIажимурадие кьеян. Гьелъ Шамилил чIужу ПатIиматида гьарана жий лъиего кьечIого, имамасул рокъой тезе кумек гьабеян. ГIолохъанай эрмениялъул таваккалги исламалдехун бугеб лъикIаб бербалагьиги бихьарав имамас, ислам къабул гьабун хадуб, ШугIайнат абураб цIарги кьун, гьей лъадилъун ячана.

«Гьей хIакъикъаталдаги гьайбатай гIадан йигоан», - илан бицана 1842 соналъ ЩугIайнат йихьарав гиназ Орбелианица. Гьес гьелда гIайибчIван кIалъай гьабула, дуда умумузул динги, гIагарлъиги, ватIанги кIочон танин абун. Имамасул лъадиялъ ислам Аллагьасул дин букIинги Шамил хIакъаб нухда вугев бахIарчи вукIинги баян гьабураб мустахIикъаб жавабги кьун, кIал бухьун хутIизавула гьев.

Гуржиялъе чабхъен гьабураб мехалъ, асирлъуде ккарал княгинябаз бицунаан: «Гьелъие ракI-ракIалъго вокьулаан Шамил. Цо нухалъ нижергун накъиталда йикIаго, гьелъ абуна: «Дун цееккун чанцIулго йикIана Россиялда. ГIолохъанай гIадан йикIаниги, дида сверухъ кколеб-толеб бичIчIулеб букIана. Дун кIудияб ва къадруяб хъизамалдаса гIадан йикIана, дида гIемерал гIадамал рихьана, гIемераб жо рагIана… ХIасил кинабха ккараб? Нуж божа, Шамил магIарулав вугониги, (гьеб заманалда «гIалхулал», «азиатал» абун кIиабилеб тайпалъун рикIкIунаан пачаясулаз Кавказалъул халкъал) гьев бокьарав насраниясдаса гIемерго лъикIав вуго», - ян.

Гуржиязул княгинябигун асирлъуде ккун йикIана парангай Дрансе. ВатIаналде тIадюссиндал гьелъ Парижалда къватIибе биччана жиндирго ракIалдещвеязул тIехь. Гьениб хасаб бутIа лъун буго гьелъ имамасул лъади ШугIайнатил бицунеб. Дрансеца хъван буго: «Бицун бажариларо, гIенеккизе ккола ШугIайнатица абулеб куц «Шамил» абун, бихьизе ккола гьеб цIар абулеб мехалъ гьелъул гьумер хисулеб куц, рагIизе ккола кинаб рекIел рахIатгун гьелъ абулеб гьеб бокьулеб цIар!»

ШугIайнатида лъалаан эрмен, гIурус, лъарагI ва магIарул мацIал. Имам кутакалда разиго, воххун вукIунаан гьелда магIарул мацI лъазабизе бажариялъ. ШугIайнатил эбел-эмен рукIана кутакалда бечедал чагIи. Гьел хIадурал рукIана жидерго яс нахъе щвезе гIоло жалго бетIергьанаб кинабго буголъи имамасе кьезе. Амма чан нухалъ гьез тIалаб гьаюниги ШугIайнатида Шамил тезе ракIалдецин ккечIо. Гьелдаса нахъе Гъуниб магIарда рагъ гьоркьоб къотIизабизегIан гьей имамасда аскIой йикIана. Шамил Калугаялде индалги, гьелъул гIагарлъи тIаделъана гьелде имамги тун гьанжегIаги инсул рокъое тIадюссаян. Гьелдаги разилъичIо ШугIайнат, гьелъ тIалаб гьабуна пачаясул администрациялдаса хехаб къагIидаялъ росасухъе жийго щвезайи.

ШугIайнат Шамилгун йикIана ахиралде щвезегIан. Гьесда цадахъ гьей Россиялдаса сапаралъ яхъана хирияб ракьалде, щвана Жиддаялде, гьениса - Маккаялде. ХIеж тIубан хадуб гьел ана Аварагасул ﷺ шагьар Мадинаялде гIумру гьабизе. 1854 соналъ ШугIайнатица имамасе гьаюна цо яс, гьелда цIар букIана Сафият. Эбел-инсуе рухIгIан хирияй гьей, Мадинаялде щун мех бахъилалдего Аллагьасул рахIматалде къокъана. Гьелъие насибаблъун батана БакъигIалъул ракь, Бичасул Аварагасул ﷺ анцIазаргоялдаса цIикIкIун асхIаб жанив вукъарав.

Ясги хадувго бетIергьанчи Шамилги Аллагьасул рахIматалде индал, ГъазимухIаммад вачIинегIан ШугIайнат йикIана кидаго гьезие дугIа-алхIамалда, Аллагьасе гIибадат гьабиялда тIадчIун. Абула Шамил накълулъаралдаса гьей цониги нухалъ, цониги чиясда елъулей йихьичIилан. ГъазимухIаммад вачIун хадув, гьевгун ШугIайнат ана Стамбулалде ва гьениб гIумру гьабун чIана имамасул лъималазда цадахъ. Бицуна Турциялъул султIанас Шамилидехун букIараб хIурмат-рокьиялъ гьелъие хвезегIан цIикIкIараб къадар пенсия чIезабун букIанилан. Имам къадаралде щун анлъго соналдаса, 1877-абилеб соналъ гIумруялъул 54 сонги бан, ШугIайнат накълулъана Стамбулалда ва гьений юкъун йиго.

АхIулгохIда хъатгIанасеб муридзабазул къокъаялде данде кIикъоазарилаб бо битIарав, анкьнусгогIанасел руччаби-лъимал асир гьарун Россиялде ритIун гьезул лъалкI тIагIинабурав, имамасул рухIгIан хирияв вас Жамалудин, рекъел гьабилин хиянатаб рагIиги бицун, инсудаса ватIа гьавурав Граббедаса, лъагIел сверилалде, Аллагьас кIицIулго рецIел босана.

Цо бугони, генераласул бахIарай, Аллагьас рекIелъе иманалъул нурги тIун, Шамилие лъадилъун къадар гьаюна. ЦебечIезабизе захIмалъиларо гьеб хабаралъ гьалаг гьавурав Граббел сипат-сурат. «Ахъбердил МухIаммадил чабхъеналъул хабаралъ генерал-адъютант Граббел рекIелъ ругъун лъуна», - ян хъвалеб буго гIурусазул тарихчиясги.

КIиабизе, Ичкериялъул рохьалъ, Граббел анцIазарилаб аскар имамасул наибзаби – ЦIамутариса ШугIайбица ва Даргъоса Жаватханица щущахъ биххизабун басра гьабуна.

 

«Амирул муъминин шайх Шамвил ан-накъшубанди ад-Дагъистани» абураб тIехьалдаса

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Камилаб какил баракат

Хириял бусурбаби! ГIемеразул букIуна гIарз, магIишат данде билълъунарого бугин абун. Гьелги гIемерисел какго баларел ратула, балеб бугониги, щибго гьелъул кIвар гьечIел. ХIатта как базе заман гIоларин абулелцин ратула. Аллагьас ризкъи киназего кьола, амма кантIе, как-кIалги тун,...


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...


Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...