Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ Хадижат ячин

Аварагас ﷺ Хадижат ячин

Аварагас ﷺ Хадижат ячин

Хадижатида, жагьилаб заманалдаго абулаан «ЯцӀцӀадай» (ат-ТахӀира) абун. Гьелъул хасаб рацӀцӀалъи ва динияб рахъалъ ритӀухълъи букӀана. Гьей йикӀана цIодорай, берцинай, къиматаб наслуялъул, бечелъиялъул, динияб рахъалъ лъикӀай, яцӀцӀадай гӀадан.

 

ГӀемерисел гӀалимзабаз бицухъе, Аварагас ﷺ Хадижат ячана гьелъ кIикъого сон бараб ва гьесул къоло щуго сон букIараб мехалъ. Ибн СагӀадица Нафиса бинт Муния абурай гIаданалдаса бицана: «Хадижат йикӀана рагIи бугей гIадан, бахӀарчияй, къиматай чӀужугӀадан, ТӀадегӀанав Аллагьас гьелъие кьуна намус-яхI. Гьелъ дун балъго йитӀана МухӀамадихъе ﷺ Шамалдаса хайир бугеб даран-базаргун тӀадвуссун хадуб. Дица Аварагасда ﷺ абуна: «Я МухӀаммад, дуе ригьин гьабизе сунца квалквал гьабулеб бугеб?» - ян. Гьес абуна: «Дие рес гьечӀо», - ян. Дица абуна: «Дуе гьеб кьуни ва ригьин гьабизе мун ахIани жаваб кьеларищ?» - ян. Гьес гьикъана: «Щий гьей гIадан?» - илан. Дица абуна: «Хадижат», - илан. Гьеб бакIалда Хадижатица жийго гьарана ячеян ва Авараг ﷺ разилъулищали Нафисаги йитIун лъазабуна.

Жийго гьариялъе гIиллаги букIана Шамалде сапаралъ гьесда цадахъ арав Майсаратица гьениб ккараб Хадижатида бицин ва гьелда цебе халлъараб гIиллабазе гIоло. Гьелда гьеб мехалда бичIчIулеб букIана гьесул бугеб тIадегIанлъи.

Гьединго, гӀиллабазда гьоркьоса букӀана ибн ИсхӀакъица рехсарабги: «Къурайшиязул руччаби цо гIидалъе данделъана. Гьеб бакIалде вачIун ягьудияс абуна: «Я, къурайшазул руччаби! Нужеда гьоркьоса кватIичIого авараг вахъине вуго. Нужер цоялъниги хIаракат бахъе гьесие ине», - ян. Гьез гьесда ганчӀал речӀчӀула ва кьварараб жаваб кьола. Хадижатин абуни сихӀкъотӀун чӀана ва цогидал руччабаз гьабуралда гӀахьаллъичӀо. Гьесул рагIабаз Хадижатие асар гьабуна. Майсарат вихьидал Хадижатица абула: «Ягьудияс абураб жо битIараб батани, авараг МухIаммад гурони тIокIав чи вукIунаро», - ян.

Цинги Аварагас ﷺ гьелъул иш жиндирго имгӀалзабазда бицуна ва гьел разилъула гьей лъадилъун ячине. Авараг ﷺ, жиндирго имгIал Абу ТIалибгун ва ХIамзатгун рачIуна Хадижатил эмен Хувайлид ибн Асадихъе. Гьеб мажлисалда мударил къавмалъул бетIерги вукӀуна. Гьедин гьабула Аварагасулги Хадижатилги ригьин. Цо-цояз абула гьей кьунин инсуца, цогидаз абула гьелъул имгIал ГIамр ибну Асадица кьунин ва цогидаз абула гьелъул вацас кьуниланги.

 

Аварагасул лъимал

Гьесул лъималазул къадаралда тIасан гIалимзабазул хилаф ккана. КъастIаланияс ва цогидаз абухъе, анкьго лъимер буго: лъабго вас - Къасим, ГӀабдуллагь, Ибрагьим. Ункъо яс - Зайнаб, Рукъия, Умм Кулсум ва ФатIимату аз-Загьра. Гьел киназго Ислам босана ва гьижрагун гьесда цадахъ Мадинаялде уна.

Имам Тирмизияс бицана Аварагас абунин: «Дир хъизамалъул дие бищунго хирияй йиго Фатима», - ян.

Имам АхӀмадица Савбанидасан бицана, Авараг ﷺ сапаралъ унеб мехалъ, кидаго бищун ахиралда ФатIимахъе щолаанин. Амма сапаралдаса тӀадвуссиндал бищун цеве Фатимахъе вачIунаанин. Рагъдаса яги сапаралдаса тӀадвуссиндал, тӀоцеве мажгиталде унев вукIана. Гьелдаса хадуб, гьениб кIиго ракагIат бараб мехалъ, Фатимахъе щвезе унаан, цинги жиндирго лъудбузухъе.

Алжаналъул руччабазул бетӀергьан йигин мун абун Аварагас ﷺ гьелда рохел бицана. Цогидаб хIадисалъул риваяталда буго: «ГӀаламалъул руччабазул бетӀергьан йиго», - абун.

МухӀаммад аварагас ﷺ жиндирго ясалъул хӀакъалъулъ абуна: «Фатима дир цо бутӀа ккола, гьелъул ццин бахъинабурав чияс дир ццим бахъинабуна», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...