Аслияб гьумералде

Улубийил тIехгун гьоцIо

Улубийил тIехгун гьоцIо

Шамил имамасул пачалихъ-имаматалда букIана хасаб низам, хIукуматалда жанисел ишал баян гьарулеб, гьелъие нухмалъи гьабиялъе гIуцIараб. Гьеб низам билълъанхъизабиялдалъун имамас хIаракат бахъулеб букIана, гIадамазул гIадаталги гIамал-хасиятги хIисабалде

босун, халкъалъул гIумру цIилъизабизе.

 

Жиндирго низамалъе кьучIлъун Шамилица босана бацIцIадаб шаригIат. Гьелъул аслулъунги Аллагьасул калам букIин бичIчIизабизелъун имамас, гIемерисел жиндирго кагътазулъги, Къуръаналдаса аятал рехсолел руго.

ШаргIалъул нух цIунизе гIоло хвалчен бахъарав шайих Шамилицаги, гьесда цере рукIарал имамзаби ГъазимухIаммадицагун ХIамзатицаги халкъалде данде гуро рагъ гьабулеб букIараб, эбел-инсул адаб гьабиялъулги, цIикIкIарасул хъатир гьабиялъулги, чIужугIаданалдехун къабихIаб бербалагьи гьабизе бегьунгутIиялъулги, гьобол хиралъиялъулги, мискин-пакъирасе кумек гьабиялъулги гIадат гьез рехун течIо.

Имамзабаз, хасго Шамилица хвезаруна шаргIалда рекъоларел къабихIал, инжитал, исламияб диналда данде кколарел гIадатал.

Гьев гьеб низам билълъанхъизабизе росабалъа росабалъеги хьвадулаан.

Гьедин ХIотIочIиб росулъги вукIана гьесул тIохол-гьобол кIудияв Улубий.

Улубий вукIун вуго ГIандаллъиялдаго маслихIат гьабизе вачунев чи.

Цо нухалда Къарахъе, чи чIвараб бакIалде, маслихIаталъе унаго гьесда рагIун буго абулеб гьав къохьол тIагъур лъурав чияс гьабулеб маслихIат кинаб букIунебилан абун. МаслихIатги гьабун тIадвуссун вачIунаго, нахъасан доб рагIи абурав чиясда цеве щведал, гьес абун буго: «Гьаб къохьол тIагъур буго дирго гIиял, дирго квералъ гьабураб, гьаб тIогърода гъоркь бугеб ботIрода бараб букIуна гьабулеб маслихIат», - абун.

Цо нухалда Шамил имам вачIун вуго, муридзабигун, Улубийихъе гьоболлъухъ. Гьесул наялги рукIун руго. ГьебсагIат, гурун къвалалгун, Улубийица тIех буцун буго ва гьоцIоги лъун буго муридзабазда цебе. «Жакъа лъади рокъой гьечIеб мех ккана. ЦIакъ тIагIамаб нигIмат буго тIехги гьоцIоги. Холесдаги рухI бижизабула гьалъ. Кванай, хириял гьалбал», - ян абун цебе лъун буго гьес нигIмат. Шамилица цIакъ гъираялда квананги буго тIехги гьоцIоги.

Муридзабазда гьоркьоб шур-шур баккун буго. Ахирги цо муридас гьикъун буго: «БетIерчIахъаяв имам, пуланав наибас оцги хъун тепси гIуцIараб мехалъ дуца дагьабго жо кванана. Амма гьасул тIехгун гьоцIо цIакъ тIагIамалда кванана. Гьелъул магIна бичIчIичIоха», - ян.

«Гьеб бичIчIизе захIматаб жо гуро, гьев наибас нилъее какана Аллагьасул нигIмат, кигIан лъикIаб гьечIониги кванаян абун, амма Улубийица бецана тIехги гьоцIоги. Улубийица гьабураб гьоболъи букIана нилъее ракI-ракIалъ гьабураб, наибасул букIана рихьдае гьабураб», - ян жаваб гьабуна имамас.

 

ПатIимат Мусаева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...