Аслияб гьумералде

ТIелекьа ГIабдуллагьил МухIаммад

ТIелекьа ГIабдуллагьил МухIаммад

ГIабдуллагьил вас МухIаммад гьавуна 1915 соналъ ТIелекь росулъ. Гьесул эмен Мирзал ГIабдуллагьие, живго гIалимзабазулги хIажизабазулги наслуялда гIуниги, гьитIинго эбел-эмен хвеялъ рес рекъечIо гIелму лъазабизе. Гьелъги батила гьесул анищ букIараб лъимал исламияб ва гIелмияб тарбиялда гIезаризе.

ГIабдуллагьил МухIаммадие гьитIинго гьуинлъана дин-ислам, байбихьана гIелму цIализе. Бицунаан гьитIинав чи мажгиталъув къаси-къаси цIалдолаго кьижун ккаралъуса ворчIизавун чIахIияз рокъове витIулаанилан.

Пачалихъалда хиса-баси ккеялъ хисизабуна гьесул яшав гьаби ва заманаялъ гьоркьоб къотIизе ккана мутагIиллъи. МухIаммад цIалана школалда, курсазда, лъугьана мугIалимлъун (математиклъун).

Цин Гьандихъ, цинги ГIуриб росабазул школазул директорлъун хIалтIизе тIамуна гьев. МухIаммадие рес ккана рагьун, бокьараб заманалда ХIумайд-афандиясухъе (къ.с.) хьвадизе. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, МухIаммадица байбихьана ХIумайд-афандиясдасан гIелму цIализе ва тIарикъаталъул нухде лъугьана.

ХIумайд-афанди (къ.с.) накълулъун хадуб, МухIаммад лъугьана ХIусенил МухIаммад-афандиясул (къ.с.) тарбиялда гъоркье.

МухIаммадил «Изгьарул хIакъаикъ» абураб тIехьалдаса

Бижанщинаб заррагIан щибаб рецц Дуе, АЛЛАГЬ, 
Свалат-салам, баракат АхIмадида лъе, АЛЛАГЬ. 
«Изгьарул хIакъаикъ» - ян абулеб гьаб тIехьалда, 
ХIакъаб жо загьир гьаби макъсуд мурад гьеб буго. 
ДагIбади мурад гуро, машгьурлъи хIажат гьечIо, 
ХIакъаб жо бицун буго бокьаравас босизе. 
Нужей вагIза гьабизе гьелъул агьлу дун гуро, 
ГIасилъаби гIемерав гIелму дагьав чи вуго. 
Кинниги берда цебе мекъаб игIтикъад бихьун, 
Дунго мекъаб жоялда рекъечIолъи лъай буго. 
Гьанже, хириял вацал, гIинтIаме вагIзаялде, 
ГIамал гьечIел чурхдузе чара гьечIеб харбиде. 
АЛЛАГЬасде нилъ щвезе чара гьечIеб тIарикъат, 
Къуръан-хIадисалдасан хIакъаб куцалъ бицине. 
Цо-цо гIадамал руго руккалабиги гьарун, 
Гьеб тIарикъат бидгIайин, къваригIунеб жо гурин. 
ШаригIат тIубачIого тIарикъат букIунарин, 
Шайихзаби нилъее хIажалъулел чи гурин. 
АЛЛАГЬас тIовитIарав тIовитIарав вукIунин, 
АЛЛАГЬас къосун хъварав къосаравлъун вукIунин. 
Гьезул ихтиярго щиб АЛЛАГЬасул гурони. 
Зикру тIадаб жо гьечIин, гьебги жинцаго баче. 
Шайихзабазухъе ин ширк кквей бугин нужее, 
РабитIайин абуни батIулаб жо бугин гьеб. 
РабитIабиги гьарун вирд гьабулел гIадамал 
Самирил бачий лагълъи гьабиялда релълъунин.
РабитIа абулеб жо хъанчие лагълъи гьаби, 
Камилав муршид хъанчлъун релълъине гьавула гьез. 
Къуръан-хIадисалда гьеб тIарикъатго гьечIебин, 
Гьеб гьабулел чагIиги бидгIачагIи ругилан. 
Шайихзаби абуни ришват бакIарулел чи, 
ШаригIатги хвезабун халкъ гуккулел гIадамал. 
Ицц бахъулеб бакIалде гIадамал унел ругин, 
Гьенивдай АЛЛАГЬ вугев, гьенибдай Алжан бугеб. 
ШаригIат тIубазабе, шурутIал лъикI тIоритIе, 
Къуръан, тажвид лъазабе, тIокIаб жо хIажат гьечIо. 
ШайтIан имамлъун гьабун, иблисалъ нухги малъун, 
Гьава-нафсалъги гуккун гьединан гаргадула. 
Къуръан-хIадисгун тIахьал къол азарцIул цIалани, 
Вагьабиюнал гьелда нахъ рилълъунгутIи лъала. 
Кинниги иманалъулъ загIипал муъминзаби, 
Гьезул кIичIикь ккеларин гьабуна гьаб насихIат. 
Гьереси-далил, дагIба гьезулъ гIемер бугелъул, 
ГIавамазе хIакъаб нух баян гьабуна гьаниб.
БатIулалда тIад рекъон хIакъаб загьир гьабичIев, 
МацI ккурав щайтIанилан хIадисалда рагIидал.
МухIиббу тIтIаифатин тIаде ворхана гьанже, 
ТIахьаз бицараб куцалъ тIарикъат къокъго хъвазин. 
Цебе Къуръан-хIадис хъван, назмуялда магIна хъван,
ХIакъаб, къокъаб баян хъван данде гьабуна гьаб тIехь. 
ХIакъабалда рекъечIеб, батIулаб жо батани, 
Агьлулъун вугев чияс битIизе гьабе, вацал. 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...