Аслияб гьумералде

Гьилиса ХIафиз-хIажи

Гьилиса ХIафиз-хIажи

 

Цинги лъун буго гьелъ васасда инсул цIар. Гьей кколей йикIун йиго Кудалиса ХIасанил яц, аварагасул ﷺ наслуялъул чIужу. Имам Шамилица Гъуниб магIарда ахирисел къоял тIамулелъул МухIаммадил букIун буго лъабго сон. МухIаммад жиндирго эбелги, эбелалъул эбелги бесдал кIудияй яцгун асирлъуда рукIун руго гьеб заманалда. Асирлъудаса риччайдал, Кудалире яги цогидаб бакIалде ине къабуллъичIого гьез тIаса бищун буго ХIотIочIиб росу.

МухIаммад гьитIинал къоязго вукIун вуго хIикматав вас. Цо нухалда, анлъго сон барав гьев, кодове щоларого ахIи-хIур бахъун гIезегIан валагьизе ккун вуго. Ахиралда гьев ватула хабалалъ, «Я Аллагь, гьари буго Дуда, дун жужахIалде витIуге», - ян абун гIодулев.

ГьитIинго байбихьана гьес мадрасалда цIализе. Пуланаб бакIалда вукIаго гьесда цадахъ ккун вуго жиндиргун гIамал рекъарав мутагIил. Циндаго гьев вас унтун ва хун вуго. Гьеб кутакалда захIмалъарав МухIаммад, гьадигIан дагьаб дунял жиндие хIажат гьечIинги абун, бозил ретIелги ретIун, гIелмуялде машгъуллъун вуго.

Нижер росулъ буго «Гъогъол рохь» абураб бакI. Гьенив чIун лъазабун буго гьес Къуръан рекIехъе.

Жиндирго лъимал рукIинчIолъиялъ гьес гIемерал гъутIби чIолаан. Гьес абун буго васасул бакIалда 200, ясалъул бакIалда 100 гъветI чIезе кколин. Ах-хуралъухъ валагьизеги гьесие кутакалда бокьулаан. Гьес абулаан ахикье, хурире щибаб къойил щвезе кколин, нилъ балагьанагIан гъветI-херги кIудияб гIолин, чIагояб жоялдего гIадин хур-хералъеги бербалагьи къваригIунин. ХъахIаб ахбазаналда гьес абулаан гьаб бугин кинабго пихъил паччахIилан.

Гьес жиндирго харжалдалъун бан буго росу бакьулъ гьитIинабго мажгит. Нижер росулъа кулакал ругилан ккун ана кIиго гIалимчи. ХIафиз-хIажияв кквезеги чанго нухалъ хIалбихьун буго. Рукъалъул кIалтIе щолаго рагIулеб букIун буго Къуръан цIалулеб гьаракь, жанире лъугьиндал щивго ватулев вукIун гьечIо. Ахирисеб нухалъ КГБялъулал рачIунаго, яцалъул васасда рагIун буго гьес Аллагьасда гьарулеб гьезухъе щвезе течIого жиндир рухI босеян ва заманго гьоркьоб инчIого гьев Аллагьасул къадаралде щунги вуго.

 

 

М. ГIалиева

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...