Хьитазул сураталъулъги баракат
Аллагьасул ﷻ Расуласул ﷺ рукIана цебесан кIиго рачел гIадаб щулияб материалалъ къан гьарурал сандалал. Гьел рачалабазул цояб букIана кIудиябги гьелда хадусебги килищалда гьоркьосан унеб. КIиабилеб букIана гьоркьохъебги гьелда хадусебги килищалда гьоркьосан унеб. Руго цо-цоял Аварагасул ﷺ сандалал рукIанин цо рачел бугел, гьебги бакьулъебги гьелда хадусебги килищалда гьоркьосан унеб букIанин абулел. Рачелги букIанин гIакдал тIомалъул гьабураб.
ГIабдуллагь ибну ГIумар ибну ал-ХатIабица бицана, Аварагас ﷺ ретIулаанин гIакдал тIомол (дабагъ гьабун) гьабурал сандалал. «Дида вихьана Бичасул Авараг ﷺ жинда тIад рас гьечIеб тIомол гьабурал сандалалги ретIун. Гьелги ретIун Аварагас ﷺ какичури гьабулаан, цинги диеги бокьана гьединалго сандалал ретIизе, ретIиналъулъ Аварагас ﷺ бихьизабураб мисалалда нахъвилълъун», - абун (Бухари, Муслим).
ГIабдуллагь ибну МасгIудица ретIулел рукIун руго Аварагасулалда ﷺ релълъун гьарурал сандалал, рас тIад бугел. Щай дуца гьединал ретIулелин абун цIехедал, гьес жаваб гьабун буго: «Дида бихьана Аллагьасул Расул ﷺ рас тIад бугел хьиталги ретIун», - абун.
Гьесул ﷺ хьитал рукIана рагьарал, цебесеб рахъ хьититIикъваялъул букIана дагьаб цебесан эхеде борхараб, вилълъанхъулелъул хIатIикилщазда ругънал лъечIого рукIинелъун. Цо-цо бакIазда буго, нахъасанги, хIатIихинкIиде щвезегIан эхеде борхараб букIанин абун.
Аварагасул ﷺ черхалъе баян гьабулеб бакIалда хъван буго, хIатIил эгъеялъул бакI букIанин хIалакъабилан абун.
ГIамр ибну Хурайсидаса бицун буго: «Дида бихьана Бичасул Аварагас ﷺ цоялда тIасан цояб букъараб кIиго рачел бараб сандалалги ретIун какичури гьабулеб», - абун (Тирмизи).
Гьеб хIадисалда буго хIужа Аварагасул ﷺ сандалал гьарурал рукIин бацIцIадаб тIомалъул, жалги рукIараблъи гьел тIад ретIун рукIаго как базе санагIатал.
Живго ГIамр ибну Хурайси ал-МахIзумияв асхIаб вукIана гьитIинаб къоялъго Аллагьасда ﷻ божарав ва Авараг ﷺ ритIухъ гьавурав чи. Авараг ﷺ накълулъараб мехалъ гьесул букIана 12 сон. Гьесдаса бицун буго Аварагасул ﷺ 6 хIадисги, гьесие даран-базаралъулъ баракат кьегиян абун дугIаги гьабун, Аварагас ﷺ кверги бахъун буго гьесул ботIрода.
Хадубккун ГIамр ибну Хусайс лъугьун вуго даран-базар сабаблъун гIемераб боцIи-мал бугевлъун.
Куфаялде (ГIиракъ) гьижра гьабурав къурайшиязул тIоцевесевги вукIун вуго гьев. Куфаялда гьес бан буго мина ва гьенир гIумру гьабун рукIаразул бищун бечедазул цоявги гьев вукIун вуго.
Жабир ибну ГIабдуллагьидасан бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ гьукъулаанин квегIаб квералъ квен босизе. ГIузру гьечIого кваналелъул квегIаб квералъ квен боси карагьатабги буго.
Гьединго Аварагас ﷺ гьукъулаан, гIузру гьечIого, цояб хьит ретIун рилълъанхъизеги. Щайин абуни, гьеб рекъечIаб къагIида букIун, хIажат гьечIого жидиде цогидазул кIвар бачIинабулеб.
Абу Гьурайратидасан бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Нужер цонигияс хьитал ретIунелъул, байбихье кваранаб хIатIидасан. Бахъулелъул - квегIаб хIатIидасан…», - абун (Бухари).
Анас ибну Маликидасан бицун имам Байгьакъияс рехсон буго хIадис: «Цо нухалъ Авараг ﷺ кIалъалев вукIана хIатIазда ретIун рукIарал сандалалги рахъун. Гьес сандалал ретIичIо тIаде вахъине къасд ккезегIан (гьедин гьабуна хIатIазе хIухьбахъи щвезелъун). Бицунеб букIараб хабар лъугIараб мехалда ансаразул цо гIолиласда гьарана сандалал росейин ва абуна: «Я дир вас, кье дихъе, бегьулеб батани, дир сандалал», - абун. ГIолилас абуна: «Изну кье дие гьел дуда тӀад ретIине», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дуе гьедин бокьун батани, дуего бокьухъин гьабе», - абун.
Цинги Аварагас ﷺ гьев гIолиласе гьабуна дугIа: «Я Аллагь ﷻ! Дур лагъасе бокьун буго Дудехун рокьи загьир гьабизе, Дуеги вокьа гьев (Дур лагъасе бокьун буго, Дур аварагасе хъулухъ гьаби сабаблъун, Дуде гIагарлъизе)», - абун.
Хьитал ретIилалде цебе гьел кIутIизеги суннатаб буго.
Цо нухалъ Авараг ﷺ хьитал ретIизехъин вукIаго, бачIун хIинчIалъ босула хьит ва гьениса бортун бачIуна гIанкъра. Гьеб къоялдаса нахъе Аварагас ﷺ амру гьабуна хьитал ретIилалде цебе гьел кIорокIеян абун.
Гьебги буго гIезегIан кIвар бугеб суннат. Щайин абуни, суннат букIин гуребги, хьитазда жаниб букIине бегьула хадубккун чиясе зарал гьабизе рес бугеб бокьараб рухIчIаголъи ялъуни рахIатбахъи гьабулеб чIимих гIадаб жо.
АсхIабзабаз бицун буго, Аварагас ﷺ жинцаго хьитал росулеб мехалда, квегIаб квералъул гьитIинаб килщида дализарун росулаанин абун. Амма аскIор рукIарал асхIабзабаз хIаракат бахъулеб букIана щибаб нухалъ гьесул ﷺ хьитал жидеего росизе.
Мисалалъе, ГIабдуллагь ибну МасгIуд машгьурлъун вукIун вуго гьесул ﷺ хьитал росулев чи абун.
Хьитаздалъун баракат
Аварагасул ﷺ хьитазда релълъараб мисал ва гIуцIи гьабун гьел цIуниялъул баракаталъул, хиралъиялъул ва гьел сабаблъун лъугьарал гIажаибал вакъигIатазул, хIалбихьун дару гьабиялъулги гIемер рехсей буго.
«Васаилул вусул ила шамаили Ррасул» абураб тIехьалда гьелъул хIакъалъулъ хъванги буго.
Абу ЖагIфар АхIмад ибну ГIабдулмажид вукIун вуго варагI бугеб лъикIав чи, шайих, мугIалим. Гьел хьитазул мисалалда гьабураб хьит кьун буго гьес жиндирго цо-цо мутагIилзабазухъе. Хадуб, гьезул цояв вачIун вуго гьесухъе, ва абун буго: «Гьел хьитаздаса бачIунеб гIажибаб баракат бихьулеб букIана дида», - ян.
Абу ЖагIфарица гьесда цIехон буго: «Щиб дуда бихьараб?» - абун.
Гьес абун буго: «Дир чIужуялде щвана захIматаб унти, хIатта гьей хвелинцин ккун букIана. Дица гьеб хьит гьелъул унтараб бакIалда аскIоб лъуна ва абуна: «Я дир Аллагь ﷻ! Гьаб хьиталъул бетIергьанасул ﷺ баракат бихьизабе дида», - абун. Цинги Аллагьас ﷻ дир чIужу гьеб хIалалда сах гьаюна», - ян.
Абу ИсхIакъ Ибрагьим ибну МухIаммадидасан бицана: «Абул Къасим ибну МухIаммадица абуна: «Гьеб хьиталъул баракаталдаса хIалбихьун лъараб буго, щив чи вугониги (баракат тIалаб гьабун) гьеб жинда аскIоб ккун, гьесие гьеб букIина: имамасда данде рахъаразул данде рахъиналдаса божилъилъун, киналниги тIагIаталдаса рахъун ккарал шайтIабаздаса ва кинавниги хIасад гьабулев чиясул бералдаса цIунилъун. Лъимер гьабизе бугей чIужугIаданалъ, гьеб гьабиги жиндие захIмалъун бугей, хьолбохъ лъуни, Аллагьасул ﷻ хIавлу-къуваталдалъун гьелъие унти дагьлъила ва лъимер гьабиги бигьалъила», - абун.
Цоги гьединаб сурат яги макет гьабун хирияб хьиталдаса пайда босиялъул хасияталдаса бугин абун, жидеца бицараб жоялъул ритIухълъиялъулъ щаклъи бачIунарезул рагIаби руго: «Гьеб буго сихIру яги бер ккеялдаса божилъи, гьеб цадахъ баччиялда тIадчIей гьабулев чи вукIина гIадамаз жиндир мурад тIубалевлъун, чара гьечIого кида-къад гьабунги гьес Аварагасухъе ﷺ зиярат гьабила яги гьесда гьев ﷺ макьилъ вихьила. Гьев вукIинаро: къезе бугеб бодулъ, бикъа-хъамизе бугеб къапилаялъулъ, гъанкъизе бугеб гамида, бухIизе бугеб рокъов, бикъизе бугеб къайи-матахIалъулъ. Гьеб кинабгоги буго Аварагасул ﷺ баракаталъе гIоло», - абун («ФатхIул мутагIал»).
Аллагьас ﷻ нилъ гьареги хирияв Аварагасул ﷺ баракат, шапагIат щвараллъун, Гьев разиял лагъзадеридаса! Амин!