Аслияб гьумералде

Фарукъ абун цIар теялъул хIикмат

Фарукъ абун цIар теялъул хIикмат

Фарукъ абун цIар теялъул хIикмат

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Щайгурелъул, гьеб заманалда ислам балъго гьабулеб букIун. Гьеб мехалъ ГIумар-асхIаб свалат-салам лъеяв аварагасухъеги вачIун, гьесде абула: «Я, Бичасул авараг, нилъ битIараб нухалда гьечIищ хваниги чIаго хутIаниги».

 

 

 

 

БАЯН

Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб гьавуна, хирияв авараг ﷺ гьавун хадуб, анцIила лъабго соналдаса ХатIабил хъизамалда. Гьесул эбел йикIана Халид ибну Валидил яцгIал, Гьишамил яс ХIантамат. Свалат-салам лъеяв аварагасулгун ГIумарил тухум данделъула Луай ибну КагIбида. ГьитIинаб къоялдаса ГIумар-асхIабасе щвараб тарбия букIана жагьилияб чIухIиги, гIорхъолъа араб бахIарчилъиги, чIахIиял ишазде рокьиги.

 

 

 

 

 

Свалат-салам лъеяв аварагас жаваб кьола: «Руго, дир рухI жиндихъ кодоб бугев АллагьасхIаги нуж битIараб нухда руго чIаго хутIаниги хваниги». ГIумар-асхIабас абула: «Гьедин батани щайха нилъеца ислам балъго гьабулеб бугеб? Мун битIарав нухде вачарав АллагьасхIаги нилъ чара гьечIого рахъине руго къватIире». Гьелдаса хадуб киналго асхIабзаби рокъоса къватIире рахъана, кIиго мухъги гьабун. Цояб мухъ бачунеб букIана Аварагасул имгIал ХIамзатица ва гьеб мехалда гьел лъугьана КагIба-рукъалде жанире. Гьенир къурайшиязда рихьана ХIамзатги ГIумар-асхIабги, цинги мушрикиназде тIаде бачIана кIудияб хIинкъи, киданиги тIаде бачIун букIинчIеб.

Гьеб гьайбатаб къоялъ жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв аварагас кьуна ГIумар-асхIабасе ал-Фарукъ абураб тIокIцIар ва гьелъул магIна буго битIараб мекъалдаса батIа бахъулевин абураб.

 

Къурайшиязда ГIумар-асхIабас ислам боси лъай

ГIумар-асхIабас ислам босун хадуб гьесие бокьун букIана киназдаго лъазе ислам къабул гьабун букIин. Жиндие къурайшияз зарал гьабизе букIин лъаниги. ГIабдуллагь бину ГIумарица бицана ГIумар-асхIабас ислам босун хадуб абунила къурайшиязул бищун харбал тIиритIизаризе хехав чи щивилан. Досдаги абунила Жамил бину Мамар аль-Жумухи вугин.

ГIумар-асхIаб анила досухъе, дунги анила ГIумар-асхIабасда хадув дос щиб гьабизе бугищали балагьизе. Гьеб заманалда дун вукIана гIолохъанав вас, сверухъ щиб лъугьунеб бугебали бичIчIулев. ГIумар-асхIабас абунила лъалищ дуда, я Жамил, дица ислам босараблъи ва дун МухIаммадил диналде лъугьин. Гьеб рагIун хадуб Жамил бигьа гьабун вахъана, цо расги рагIиги абичIого ана КагIба-рукъалде, гIемерисел къурайшиял ракIарулел бакIалде.

Гьеб мехалъ жиндаго кIвараб хIалалда ахIана: «Ле, къурайшиял, ГIумар-асхIаб лъугьана нилъер дин таравлъун». Нахъа вукIарав ГIумар-асхIабица абуна гьереси бицанин дуца, дица дин течIин, дица босанин ислам ва цинги киназдаго рагIизеги гьабун битIана шагьадат.

Гьес рагIун шагьадат битIун хадуб гьесда тIаде рачIана мушрикинал, цинги гьел рагъана ГIумар-асхIабгун къо бащалъиялде бахинегIан. ГIумар-асхIаб рухI лъугIун, свакан гIодов чIана. ГIадамал сверун ракIаридал, гьес абуна: «Дие нужеего бокьараб гьабе, дун Аллагьасдалъун гьедула нижер вукIаравани лъабнусго чи, нижеца нужее телаан Макка яги нужеца нижее телаан», - абун.

Гьеб хIалалда рукIаго гьезде аскIове вачIана цо херав чи къурайшиязул, цинги гьикъана нужее щибилан. Досие жаваб кьуна ГIумарица умумузул дин тун ислам босанин абун. Цинги херас абуна гьес жиндиего гьеб тIаса бищанин, нужее гьесдаса къваригIараб щибин, гьев жахIавго тейин.

 

Шамсудин НурмухIамадов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...