Аслияб гьумералде

ХIумайд-афанди (къ.с.) (1878-1952 сонал)

ХIумайд-афанди (къ.с.) (1878-1952 сонал)

ХIумайд-афанди (къ.с.) (1878-1952 сонал)

Устар ХIумайд-афанди (къ.с.) накълулъана 74 сонил ригьалда. Гьединлъидал, хIисаб гьабидал, гьев гьавун вуго гIага-шагарго 1299 соналъ, ай гьанжесеб тарихалда рекъон, 1878 соналда Гьандихъ росулъ, Малачи-дибир абулев гIалимчиясул хъизамалда. Гьеб ритIухъ гьабула 1886 соналда халкъалъул гьабураб хъвай-хъвагIаялъул баяназги.

Лъимерлъиялъул гIужалда гьесда цIакъ гIемераб гIакъуба бихьана. ГьитIинго эбелги хун, бесдал эбелалъул кьогIлъиги лъана. Эмен, магIарул батIи-батIиял росабалъ дибирлъун вукIун, къанагIатги рокъов хутIулароан. ЦIакъго къо хIехьезе кIвечIев гьитIинав чи гьев, доб мехалъ МочIохъ росулъ дибирлъун вукIарав инсуда аскIове, мугIрул къотIун, вачIуна, амма жиндие гьабулеб къварилъиялъул бицунаро. Инсуда кинабго бичIчIун, хъизамалъе бадибчIвай гьабула ва гьелдаса нахъе жиндаго аскIов тун, гIелмуялда тIад чIезавула.

Гьелдаса хадуб эмен цин Бакълъухъ, цинги ЗанатIа росабалъ дибирлъун вукIаго, ХIумайдие лъай щун буго инсул кумекалдалъун. ЦIализе уна, гIалимзаби цIехон, магIарул батIи-батIиял росабалъе: Бакълухъе, Гьоориве, Гьолокье, Ракьуве. Киве щваниги, гьес бихьизабуна гIелмуялде бугеб рокьи, гьунар ва бажари.

ТIарикъаталде ракI цIалеб букIиналъ вачана гьев, доб заманалда Дагъистаналде тIоцебе накъшубандияб тIарикъат щвезабурав мубарак ГIасаса ГIабдурахIманхIажиясухъе (къ.с.) вирд босизе. КIудиясда бер кIутIарабго лъала, щив жиндихъе вачIун вугевали ва щив чи гьесул вахъуневали. Гьеб сапаралда цадахъ вукIуна ЗанатIаса Шайхул Исламил эмен ГьитIинамухIаммад-хIажиявги. Гьеб заманалда 16 сон барав ХIумайд-афанди ЗанатIа дибирлъун вукIана ва Гьандихъ дибирлъун вугев инсудацин лъалеб букIун гьечIо вас тIарикъаталде лъугьин.

20 сон бараб чияс ячана чIужу, амма гьелдацин лъалароанила гьес тIаса бищараб нух.

Хадусеб заманалда ХIумайд-афанди Гьандихъ дибирлъун вукIана. Гьес диналъул аслаби малъулаан росдал гIадамазда. Рокъов жанир гIодор чIезарун, суалал кьун, хал гьабулаан лъалеб бугищали. Гьеб букIана нилъер гьаниб «гьитIинаб шаригIат» тIибитIизабулеб заман.

ХIурияталъул заманалда ХIумайд-афандиясда, КъахIиса ХIасан-афандиясда, ХIабибулагь-хIажиясда бичIчIун буго тIаде бачIунеб большевиказул къуваталде дандечIей гIададисеб, халкъалъул би гIадада гIодобе тIолеб пиша букIин.

Гьединаб пикруялъул цо-цоял (кинавниги 11 чи), большевиказул рахъ ккурал чагIийинги абун, росабалъа къватIир къотIун, Гьолокь судги гьабун, гьанжесеб ЛъаратIа районалъул Кьанада росулъе ритIун руго. Гьезда гъорлъ вукIуна ХIумайд-афандиги. Жакъа гьенир рукIарал киналго гIалимзабазул цIарал лъазе кIоларо. Амма гьесда цадахъ вукIарав Дагъистаналдаго цIар рагIарав катиб ГIуриса ГъазимухIаммадида берзукьа борчIун гьечIо ХIумайд-афандиясул диналъе бугеб тавфикъ, лъай ва бажари. Гьев битIахъего хIайран гьавун вуго цояб рокъоб гIалимзабазда гьоркьоб ккараб бахIсалда лъачIеб суалалъе жаваб цояб рокъосан, Аллагь рехсолев вугев гьес, ахIун бачIараб мехалъ.

Бицуна, гьенир чIезарун рукIарал цIакъ захIматал шартIазул. Гьеб кватIараб хаслихълъиялъул заман букIанила. Рогьалил какал разе гIурул рагIалде арал чагIазул гъоркьа хIатIазда цIороялъ чIинхал рекIунаанила. Гьениса нахъе виччан хадув гьев тIубан рокъов чIун, росулъа жиндихъе рачIарал лъималазе дарсги лъун, жиндирго ах-хуралъул тIалабги гьабун, тIарикъат-гIелмуялда тIад чIола.

Гьел хIалица ритIарал гIалимзабазда цадахъ ХIумайд-афанди ккеялъул гIилла, доб заманалда дунялалда кколел хиса-басиязул магIна гьесда бичIчIи, ккарал лъугьа-бахъинал нахъчIвазе рес гьечIел рукIин лъай букIана. Цоги хIакъаб жо, гьес гIахьаллъи гьабун букIин 1923 соналъул 21 ноябралда КъахIиб росулъ ахIараб Дагъистаналъул гIалимзаби данделъараб мажлисалда. (Гьесул цIар, гъалатI биччан, хъван буго ГIанди округалдса Малачил ГьитIинамухIаммад абун). Гьениб гьес тIад калам гьечIого рахъ ккуна мажлисалъе нухмалъи гьабулел рукIарал шайихзаби ХIасан-ХIилмиясул ва ХIабибулагь-хIажиясул.

Гьениб гIахьаллъи гьабурал 76 делегатасул киназулго гIадин пикру цойиде ккана ва гIемерисел разилъарал хIукмабиги къабул гьаруна. Съездалда гIахьаллъарал цIаларал гIадамаз Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул миллатал ахIулел рукIана цоцалъ рекъон ракълида рукIине. Гьез цIияб власталъул лъикIал рахъалги кьочIое росун, тIолалго бусурбаби ахIулел рукIана гIададисел биял гIодоре тIечIого, заманалда рекъон цадахъ хIалтIиялде ва гъункиялде.

Амма 30-абилел соназ партиялъул ва пачалихъалъул хIинкъи гьечIолъиялъун органаз диналда божулелщинал гIадамазде, хасго исламиял гIалимзабазде, гьабураб мекъаб бербалагьиялъ ХIумайд-афанди ва цойгидал тIарикъаталъул нух ккурал гIадамал захIматаб хIалалде ккезаруна. Цоязда хадур цоял гьарун жанир тIамуна тIарикъаталъул муршидзаби: КъахIиса ХIасан-афанди, ГIасаса Дибирасул МухIаммад-устар (ЯгIсуб-афанди), къана нус-нус соназ умумуз жанир какал рарал мажгитал, къотIана халкъ какде ахIулеб будунасул гьаракь, заман бачIана хIинкъараб, щаклъи-мацI гIемераб, цоцада хадуб хъаравуллъи кквезе халкъ тIамураб.

Гьев мубаракасда цIакъ бакIлъун букIана жиндие рухIалдаса хириял муршидзаби ккун рачун ин, Аллагьасул рукъзал складазде, клубазде, гьоразде сверизари, купруялъул агьлуялъ улкаялда ханлъи гьаби.

Заманалъул хIакъикъат цебе чIезабизе бокьани, ракIалде щвезаризе бегьула ХIумайд-афандияс (къ.с.) гьеб мехалъ гьабураб назмуялдаса мухъал:

РачIа нуж гIодизе, гIадану берал,
Балагь тIаде щведал щибаб рахъалъан. 
Щайдай угьдулареб ургьиб гьинал ракI,
Гьал муршидзабиги зулмудалъ ккедал?
Гъаримаб дуниял, дин гьечIеб заман, 
Дуда бахиласул бухIаги мина. 
БитIараб тIагIараб, тIекъаб гIемераб, 
ТIун аги гIодобе гIакъубадул рукъ.
Какий нодо чIварав рухIанияван,
РахIму тIаде къотIун къварид гьаруна.
Къуръан-хIадисалде гIамал гьабурал, 
Гьороца хIур гIадин тIагIинаруна.
Дибир-будун гьечIеб, вагIза тIагIараб,
ИгIтикъад загIипаб ахир замана.
Ахират рихараб, хвел-хоб кIочараб,
КIалдиб мацI гIемераб гIисяналъул рукъ.
ГIагарлъи рихараб, рахIму тIун араб,
Гьаб ахир замана тIаде щварал нилъ.

Гьединаб заман букIаниги, гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъги балагьичIого, гьев мубаракас малъулеб букIана динияб гIелму, халкъ ахIулеб букIана лъикIаб нухда хьвадизе, хIалалаб магIишат-яшав гьабизе, гIадамазулгун гIамал-тIабигIат рекъезабизе, рахIмуяб гIумру гьабизе.

Назмуялда жиндир цIар рехсарав хирияв муршид Дибирасул МухIаммадица (ЯгIсуб-афандияс) (къ.с.) Дербенталъул туснахъалда живго накълулъилалде кагъат битIун бачIана Гьандихъе, ГьитIинамухIаммаддибирасухъе (гьеб цIар букIана ХIумайд-афандиясда устарлъун вахъинегIан абулеб). Гьеб кагъат кIудияб цIуна-къаялда доб хIинкъараб заманалда хьитазул гIагазда жаниб лъун щвезабуна Къороде, устарасул цевесев мурид ГIабдулгъапурихъе, ЯгIсуб-афандиясул чIужуялъ. Гьеб букIана ГьитIина-мухIаммаддибирасухъе накъшубандиябги шазалиябги тIарикъатазул изну кьураб ижазаялъул кагъат. Гьеб кагъат босун ГIабдулгъапур Гьандихъе вачIана 1939 соналда.

Жакъа гьеб кагъат устарасул рокъоб, гьесул цогидаб къайи-цIаялда цадахъ, нахъе цIунун буго. Гьаниб абизе ккола, гьесул тIолабго мина-къайи хадусел ирсилаз кIудияб адабалда ва хIурматалда къачIан, цIунун буго, жанив щивниги чияс гIумру гьабулеб гьечIониги.

Гьелдаса нахъе живго хвезегIан ХIумайд-афандияс (къ.с.) тIарикъаталъул нухда бачана исламалъул агьлу. Гьев вукIана щивав бусурманчиясе квер чIвалев хIубилъун, хIал ккарав кIанцIулев гъапулъун.

ГIемерал, жал хадур муршидзабилъун рахъарал гьесул валадал - КъахIиса МухIаммадгIарип-афанди (къ.с.), Бакълухъа СагIадухIажиясул МухIаммад-афанди (къ.с.), Инхоса ГIабдулхIамид-афанди (къ.с.), Сасикьа ХIусен-афанди (къ.с.) ва цогидалги рукIана гьес тарбият гьабулел, гьесухъе гьоркьоса къотIичIого балъго хьвадулел. Гьеб лъалел чагIи доб мехалъ росулъ цIакъ дагь рукIана.

Ахирияб рухI кIалдиса къватIибе инегIан къотIичIо гьев мубаракасул пасихIияб калам, инсанасе рухIияб тарбия кьолеб, хIалкIолев Аллагьасе гьабулеб реццги, гьесул гурхIелалде диналъул вацазул ва яцазул лъолеб хьулги бижизабулеб:

Аллагь, дур хIукъукъал тIурачIониги,
ТIаса лъугьун риччай загIипал лагъзал.
ТIагIат гьабиялъе кIарчанлъаниги. 
Лъола Дуда иман, Аллагь, Мун гурхIа. 

Гьединал руго гъоб нилъеца цебе рехсараб гьес гьабураб назмуялъул ахириял мухъал.

Гьел соназ пачалихъалъул хIинкъи гьечIолъиялъул органаз бер тIаса босулареб хъаравлуллъи чIезабуниги, нус-нус муридзаби Дагъистаналъул киналго рахъалъан щвана ХIумайд-афандиясухъе (къ.с.) вирд босизе. КигIан жиндие захIмалъаниги, унтуца черх ккун вагъаризе кIолареб хIалалде кканиги, жиндир киналго лугбал ругъназ рецIцIулел ругониги, гьес гIадамазе гьабулеб таважугь течIо. АскIор рукIарал гIагарал чагIаз абула, гьеб гIакъубаялда вугев чиясухъа гIицIго цо нухалъ борчIанила «Аллагьан» ахIулеб гьаракь ва гьеб жиндир ТIадегIанав Аллагьасул адаб тейлъун рикIкIунаанилан гьес. Ихтияр черхалъул гьечIого борчIанин гьеб гьаракьан хадуб тавбуги гьабун буго мубаракас.

Жиндиего къоял гIагарлъулел рукIин лъарабго, ХIумайд-афандияс (къ.с.) изнуялъул кагъат хъвана ГIурибе - ХIусенил МухIаммадихъе (къ.с.). Гьесул маъзуналлъун рукIана, гьединго, Сасикьа ХIусен-афанди (къ.с.) ва КъахIиса МухIаммадгIарип-афанди (къ.с.). Гьев накълулъана 1952 соналъул 6 октябралда.

Хирияв устарасде бугеб жидерго рокьигун хIасрат загьир гьабизе гьесул ватIан Гьандихъе гьеб хаслихъе вачIинчIев чи хутIичIин абизе бегьула диналъул агьлуялъул. 70 сон гьев нилъедаса ватIалъун аниги, гьесул зияраталдаса жакъа къоялъги кисаго рачIарал чагIи камуларо.

Жиндир киназего баракат щваяв МухIаммадгIарип-афандияс (къ.с.) абун буго, Дагъистаналда бищун цIикIкIун пайда щолел зияратаздасан ХIумайд-афандиясулги бугилан. Гьел рагIаби ритIухъ гьарулаан Бакълухъа КIудиясги.

КIудияв муршидасул тарбия щварал гIемерал муридзабаз (гьезул чангоял хадур жалго тIарикъаталъул устарзаби рахъана) гьев хведал хъвана 20-ялдаса цIикIкIун назму. Щивас жиндирго рекIел бухIи, тIаде бачIараб кIудияб къварилъи загьир гьабурал.

Гьев мубаракасул баракатгун шафагIат камун тогеги нилъ БетIергьанас ﷻ.

МухIаммад Гъазалиев, Гьандихъ росу

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...