Аслияб гьумералде

Ибрагьим аварагасул къисмат

Ибрагьим аварагасул къисмат

Ибрагьим аварагасул къиса иманалъул, къвакIун чIеялъул ва тавхIидалъул рахъалъ ритIухълъиялъул бищунго ракIалде щвезабулел мисалазул цояб ккола. Къуръаналда Ибрагьим аварагасул къиса ва гьев цIадулъе рехи рехсана ва гьелда жаниб муъминзабазе кIвар бугеб дарс буго.

 

Ибрагьим аварагас жиндирго къавм тавхIидалде ахIана, Аллагьасде ﷻ ширк гьабизе байбихьидал.

Цо къоялъ халкъ байрам гьабизе къватIибе бахъиндал, Ибрагьим аварагас, гIащтIиги босун, киналго хъанчал риххизаруна ва гьезул бищун кIудияб тола. Гьеб теялъулъги хIикмат букIана. Цинги гьеб хъанчалъул горбода гIащтIи бан тола халкъалда ракIалде ккезе, хутIарал хъанчал гьес хвезарунин абун. ТIадруссиндал ва пасалъи гьабун букIин бихьидал, гьез Ибрагьим аварагасде гIайибчIвала.

Гьесие кинаб тамихIдай гьабилебин ургъулаго, хIукму ккола гьев цIадулъе рехизе. Сверухъ ругел гIадамаз цIа рекIинабизе цIул бакIарулеб букIана. Абула цIа букIанин цIакъго кутакабилан. Гьелда абулаан «гьитIинаб жужахI» абунги.

Ибрагьим авараг цIадулъе рехидал, цIа гьесие квачараблъун ва хIинкъи гьечIеблъун лъугьана. ГIадамал хIайранлъана цIаялъ гьесие зарал гьабулеб гьечIеблъи бихьидал. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадатги гьабун, чанго къоялъ гьенив вукIана Ибрагьим авараг.

Амма ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго лъугьунебщинаб лъалев. Ибрагьим авараг цIадаве рехиялда жанибги буго кIудияб хIикмат.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикзабазда абидал: «ХIакълъунго, Дица ракьалда гьавизе вуго халифа», («ал-Бакъара» сурат, 30 аят), ай Адам ва гьесул наслу бижизе бугилан.

Гьелдаса хадуб малаикзабаз Аллагьасда ﷻ абула: «Дуца гьеб ракьалда пасалъиги гьабулел биялги тIолел (цояз цоял чIвалел) гIадамал рижизейищ ругел? Ниж руго Дуе тасбихI гьабулел, Дуе реццги гьабулел ва Мун вацIцIадги гьавулел», - абун.

Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезие жаваб гьабун абула: «ХIакълъунго, Дида лъала нужеда лъалареб», - ян («ал-Бакъара» сурат, 30 аят).

Малаикзабаз гьедин абидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезие далиллъун гьабуна Ибрагьим аварагасул къиса. Ибрагьим авараг цIадулъе рехидал Жибрил малаикасул кумек нахъчIвай букIана гьел малаикзабазе бугеб жаваб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезда бихьизабуна:

– Нужеда вихьулищ Дир лагъ, къварилъаби рукIаниги, гьес Дие гIибадат гьабулеб куц?

Гьелдалъун тасдикъ гьабуна Аллагьасул ﷻ калам хIакъаб букIин:

– ХIакъикъаталдаги, Дида лъала нужеда лъалареб жо.

Ибрагьим аварагасулгун ккараб лъугьа-бахъиналъ загьир гьабуна ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ каламалъулъ бугеб хIикмат ва бихьизабуна гIадамазда гьоркьор ракIбацIцIадго Гьесие гIибадат гьабулел чагIи рукIине ругеблъи. Гьединаздасан вукIана Ибрагьим аварагги. Малаикзабаз гьедин абиялъе гIилла букIана цере рижун рукIарал жиназ гьабураб пасалъи бихьидал. Гьезда ккана гьанже рижизе ругел гIадамазги гьебго жо гьабизе бугилан. Амма Аллагьасул ﷻ къадар батIияб букIана.

Жиндаса Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда буго: «Сардилъ нужеда гьоркьор рукIарал малаикзаби хисула къад нужеда цадахъ ругез. Гьел данделъула рогьалил, къаде ва бакъани как балеб мехалъ. Цинги къаси нужеда гьоркьор рукIарал зобалазде рахуна, Аллагьас гьезда гьикъула (жаваб лъалеб бугониги): «Кинаб хIалалда нужеца Дир лагъзал тун рукIарал?», - абун. Гьез жаваб кьола: «Нижеца гьел какал ралел тун рукIана, ниж гьезухъе щведал, гьелги какал ралел рукIана», - ян («СахIихIул Бухари»).

Гьаб хIадисалъ бихьизабула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикзабазда гьикъулеб куц: «Кин нужеда Дир лагъзал ратарал, я гьал рагIаби абурал: «Дуца гьеб ракьалда пасалъиги гьабулел биялги гIодоре тIолел (цояз цоял чIвалел) гIадамал рижизейищ ругел?» - ян.

Аллагьасе ﷻ бокьана Жибрил малаик Ибрагьимихъе витIун, малаикзабазда гьев аварагасул кIодолъи, гьесул къадру-къимат ва ритIухълъи бихьизабизе.

Ибрагьим аварагас лъилниги кумек къабул гьабичIо, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гурони. Гьесул ракI Аллагьасде ﷻ бугеб рокьиялъ цIун букIана, цоги чиясе гьениб жаниб бакI хутIичIо. Гьединлъидалин гьесда Аллагьас ﷻ Жиндир гьудул (Халилуллагь) абун цIар тараб.

Ибрагьим аварагасе цIа квачараблъун ва хIинкъи гьечIеблъун лъугьана, щайгурелъул гьес жиндирго иш тIубанго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ божун теялъ. Гьелда жаниб нилъее кIвар бугеб дарсги буго.

Жиндирго захIмалъабазда тIубанго Аллагьасда ﷻ божун тарав чи Аллагьас ﷻ унтиялдаса, ургъелалдаса, къварилъиялдаса хвасар гьавула. Ибрагьим авараг цIадулъе рехарав гIадин, шайтIаналъ мун къварилъабазул гудраз ккведал, шайтIаналъ гьикъидал: «Дур хIажалъаби ругищ?» - ян, жаваб кье: «Дуде хIажалъи гьечIо, амма дир Аллагьасде хIажат буго», - ян. Жеги шайтIаналъ абидал: «Гьаре!» - ян, жаваб кье: «Дие гIола дир ахIвал-хIал ТIадегIанав Аллагьасда дирго гьариялдаса цIикIкIун лъикI лъалеб букIин», - ян. Гьелдаса хадуб дунялалъул къварилъабазул цIа дуе квачалде ва хIинкъи гьечIолъиялде сверила, Аллагьас дуде Жиндирго рахIмат-цIобги рещтIинабила.

Гьединал гIумруялъул ахIвал-хIалазда Аллагьас ﷻ аварагзабазе нух бихьизабуна, муъминзабазги гьеб мисал босизе букIине. Аварагзабазда нахърилълъарал муъминзаби Аллагьас ﷻ хвасар гьарила.

Диналдаса чи рикIкIалъидал, Аллагьасул ﷻ кумекги кватIула. Ибрагьим аварагасул къисаялъ нилъеда бихьизабуна Аллагьасдехун ﷻ гьев вуссин ва жинцаго жиндирго пикруялда рекъон хIасилал гьаричIолъи. Жиндирго пикрабазда (жалги гьел мукъсанал ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ кIодолъиялда цебе) мугъчIвай гьабидал, гIемерисеб мехалда гьев хутIула чIового, щибго хайир ккечIого. Ибрагьим аварагасул гIамал нилъее нух буго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде амру гьабуна гьеб нухдаса кьуругеян ва гьеб ирс цIунеян.

Ибрагьимил иман (миллат) щиб кколеб? ТIубанго Аллагьасде ﷻ божилъи гьабун, Гьесда мугъчIвай гьабун рукIин. Гьеб нух кквезе Аллагьас ﷻ нилъее тавпикъ кьеги!

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...