Аслияб гьумералде

Халит-дибир

Халит-дибир

Халит-дибир

Квачараб октябралъул сардилъ, Белъелда росулъе вачIуна цо пуланав чи. Нухда данде ккарав васасда гьес абула: «Эмемасул вацасул вас ГIалил рукъ бихьизабе дида», - ян. Васас цIехола «ЩекIав ГIалийищ?» - абун. Уйин жаваб кьола гьоболас. Васас гьоболасда ЩекIав ГIалил рукъги бихьизабула.

 

Цо чанго соналъ цебе гьев гьобол росулъе вачIиндал, киназего рохел букIана. Киназго абулеб букIана Халит-дибир вачIун вугин гIелму малъизеян абун. Гьаб нухалъин абуни, гьоболасе жив росулъе вачIаравлъи лъазецин бокьичIо. Гьелъ гьев къасимехалда вачIун вукIана росулъеги.

Гьел рукIана 1930-абилел сонал. ГIараб гIелму цIаларал гIалимзабазда тIагIинарулеб.

ГIалица гьобол къабул гьавуна ва лъана гьев чи жиндаги, Эмемасдаги, Шамсудинидаги, ДибиргIалиласул МухIаммадидаги гIараб гIелму малъарав, Рилъаб росулъа Халит-дибир вукIин. Большевиказ гIараб гIелму цIаларав чи вукIун, рахIат толарого букIиналъ, ЦIоралде унев вукIуна гьев.

Сордоялъ хабаралда рукIуна гьел, ракIалде щвезарула цересел сонал. Бицуна Эмемасул, гьесул къисматалъул.

Радал рахъиндал ЩекIав ГIалил лъади Марияница абула: «Гьав, кIудияб черхалъул, риццатал гъуждузул чи, гIи бечIчIизе, гIияхъанлъи гьабизе рекъарав вихьула», - ян. Гьеб хабаралда ракI рекъечIев ЩекIав ГIалица бадирчIваял гьарула лъадуе ва бичIчIизабула гьев вугин гIелмудул ралъад, гIемерал чагIазда гIараб гIелму малъарав инсан. Хадусеб къоялъ гьоболас абула: «Дир лъимал, дун нужеда тIокIав вихьиларо. Гьаб назмуги нужее буго дун ракIалдещвеялъе», - ян цIалула макъалаялъул ахиралда рехсараб назму.

Кинаб къисмат Халит-дибирасул ккарабали лъалев чи гьечIо. Амма росулъ лъималазда гIараб малъулеб букIана ЩекIав ГIалица. ХIинкъараб заманги букIун, гьеб ишги рехун тезе ккана гьес.

Гьевго гIадин Халит-дибирасда цеве цIаларав чи вукIана Эмемавги. Гьев вукIана батIи-батIиял бакIазда - Закаталаялда, Сугъралъ, Къорода. МацIихъабаз мацIалги гьарун, гьев туснахъ гьавула. Туснахъалдаса тIадвуссунаго унтула ва хола. ЧIарада районалъул Рилъаб росдал хабалалъ вукъунги вуго. Гьесул хабада зияратги буго.

Эмемасул букIана лъабго лъимер. Бищун кIудияв вас МухIаммад ветеринарияб техникумалде цIализе лъугьуна ва гIурус мацI лъалеб гьечIинги абун, гьев гьениса нахъе къотIизе къасд тIамула цо лъарагIас. Техникумалъул кIалтIа пашманго гIодов чIарав МухIаммадида тIаде вачIуна цо магIарулав. Гьес гьикъула щай пашманго вугевин абун. МухIаммадицаги бицуна ккара-тараб. ТIоцеве вихьарав магIарулас кумек гьабула МухIаммадие жеги кIигоги моцIалъ цIали халат бахъинабиялъе. Гьеб кIиябго моцIида жаниб МухIаммадица, тIадчIун цIалдеялъул хIасилалда, жиндирго къукъаялда тIоцебесеб бакI ккола ва техникумги лъугIизабула багIараб дипломалда.

Рагъ байбихьидал гьев фронталде уна. МухIаммадие гIакълу кьолеб букIуна, эменги хун вугин, рукъ хьихьизе чиги гьечIин абуни, рагъде витIичIого тезеги рес бугин абун. Амма гьес инкар гьабула, цIализе унеб мехалда абичIеб дица гьеб, гьанжеги абиларинги абун. Гьев араб бакI лъачIого тIагIана. Гьесул гьитIинав вац Башир хIалтIана колхозалда. Гьес росулъ гIемерал лъималазда малъана Къуръан цIализеги. 1994 соналда борхана хIеж ва 1999 соналда хвана.

Эмемасул яс Загьрат йикIана гIакъилай гIадан. Бихьиназулги руччабазулги ретIел букъизеги махщел букIана гьелъул. Загьратицаги малъана росдал ясазда Къуръан цIализе. Гьей хвана 1994 соналъул 9 маялда.

 

ЦIоб гIатIидав Аллагьас, лагъасул хIал бихьизе,

Тохлъукьего балагь биччан, хIал хисизабула.

Цинги хадуб гIатIилъи тамашагун бачIуна,

ГIакълу камилав лагъас балагь гьудуллъун ккола.

Черхалдехун бачIани, сабру гьабун цIунула,

Рукъалдехун бачIани, тахида лъун хьихьула.

Чан гIалим, чан авараг балагьазулъ рукIарал,

Хадуб гIатIилъи бачIун ракIал гъезе гьарурал.

ГIузру цадахъ букIаго юсриги букIунарин,

Къуръан-хIадис лъазабун сабру камилаб гьабе.

Къуръаналда гIамал тун, гIадамал хьваданиги,

ГIелмуялде балагьун гIумру ине гьабила.

Гьаб дунял динлъунги ккун, киналго хьваданиги,

Къуръан хъварал авракъал къвалакьги ккун хьвадила.

ХIабибасул нух кквезе хIалай чи щвечIониги,

ХIадис хъварал кагътазде керен чучун вукIина,

Гьелде керенги чучун чIезе квербакъе, Аллагь.

Ахир нижей ватулев Мун гурони гьечIелъул,

Гьаб пасатаб заманалъ дун къосине виччаге.

Духъе кIанцIаращинал щулаго кколев, Аллагь,

Щула гьабун цIунун те, нижер имангун ислам.

Дур нухдасан хъущтIилин хIинкъун ругел нижее,

ХIакъаб куцалъ кумек кьун, хвасар гьаре, БетIергьан.

 

МухIаммад ГIалиев, Журмут росдал школалъул мугIалим

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде  +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!       Сусланова ПатIиматзагьра, 6 сон, Калининаул росу. Темирукаев Ибрагьим, 7 сон, Ленинаул росу. ГIабдулгIазизова ГIайшат, 6 сон, ГIочIло росу. Лабибова Самира,...


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Къурбанкъоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей).   Къурбаналъе хъураб жо Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щанкIлалгун, гьелъул би ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб...


Баркала тохтурзабазе

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби! РакӀ-ракӀалъулаб баркала кьезе бокьун буго № 8 поликлиникаялъул участкаялъул тохтур АсхIабалиева ПатӀиматие ва медсестра ХIажиева Муслиматие.   Дир буго 80 сон. Дун гӀемераб мехалъ унтун йикIана хроническияб бронхиталъ, хъухIудиялъ...


Конкурсалъул хIасилал гьаруна

Гумбет районалда тӀобитӀараб конкурсалъул финалистазе лъай кьеялъул управлениялъул начальникас сертификатал ва гӀарцулал сайгъатал кьуна. Лъай кьеялъул управлениялъул начальник МухӀамадвакил Забидовас шапакъатал кьуна, битIун какие чуриялъул ва как баялъул конкурсалъул районалъулаб этапалда...